Хасвюрталъул №10 школалда, ОБЖялъул дарсил заманалда, кьвагьана РГД-5 граната.
Гьелъул хӏасилалда лъукъана учитель. Лъугьа-бахъин ккана 23 марталда. Дарсида, лъималазда РГД- 5 гранатаялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьеб тохлъукьего кьвагьана. Учитель лъукъун гурони, лъималазе зарал ккечӏо. Лъукъарав шагьаралъул централияб больницаялде щвезавуна. Кин школалде гьединаб граната ккарабали цӏех-рех гьабулеб буго.
А. ЮСУПОВ