Гьаб заманалда шагьаразда жамгӏияб транспорталъул шоферлъун хӏалтӏизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захӏмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьаралда жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола Бежтӏа росулъа Гӏумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвари.

БАЯН

Тӏоцебе троллейбус (токалдалъун хӏалтӏулеб транспорт) хӏалтӏизе биччана 1882 соналда, Берлиналда. Гьеб ургъарав чиги ккола немцазул инженер Сименс.

Хӏалбихьи хӏисабалда гьебго тайпаялъул транспорт пачаясул Россиялда хӏалтӏизе байбихьана 1902 соналда. Гьабсагӏаталда нилъеда лъалеб хӏисабалъул троллейбусалъул мухъ СССРалда тӏоцебе хӏалтӏана Москваялда, 1933 соналда. Гьединаб мухъ Дагъистаналда (Махӏачхъалаялда) хӏалтӏизе биччана 1973 соналда.

Гьабсагӏаталда республикаялъул тахшагьаралда буго троллейбусалъул 5 маршрут ва 50 троллейбус.

Тӏолабго дунялалда хӏалтӏулел троллейбусазул бищун халатаб маршрут ккола Симферополь-Ялта (86 км.) Гьелъ нухда бала 2,5 сагӏат, белтил багьа — 180 гъурущ.

— Ларисат, гьеб хӏалтӏи тӏаса бищиялъе гӏилла щиб ккараб?

— Советияб заманалдаго троллейбусал рачунел рихьулаан руччаби. Гьеб хӏалтӏи, щаялиго, дидаги берцин бихьана. Ригьалде яхиндал, ана цӏализе ва лъугьана гьаб хӏалтӏуде. Хӏалтӏана 11 соналъ, гьелда гьоркьоса 7 сон бана Москваялдаги.

— Киданиги рекӏекълъанищ гьединаб махщел тӏаса бищиялдаса?

— Щибаб хӏалтӏулъ букӏунеб батила захӏмалъи. Амма диего бокьун тӏаса бищараб букӏиналъ, дун киданиги рекӏекълъичӏо. Дида лъала дидаса гӏадамазе пайда букӏин. Гьелъги базабула хӏалтӏуде жеги цӏикӏкӏараб гъира.

Пассажиразул жаваб кьезе кколеб хӏалтӏи бугелъул, тӏадежоялъе 1000 вольталъул токги хӏалтӏизабулеб букӏиналъ, захӏмалъичӏого букӏунаро. Цӏакъ мухӏканго цӏунизе ккола низам. Лъикӏаб гьечӏо нухазул ахӏвал-хӏал, хасго цӏер къараб, гӏазу бараб заманалда захӏмалъула троллейбус бачине. Шагьаралда кутакалда гӏемерлъун буго транспорт, гӏолохъабаз цӏунуларо правилаби. Амма гьелдаго цадахъ руго лъикӏал рахъалги. Ниж 2 къоялъ хӏалтӏула, 2 къоялъ рукӏуна хӏухьбахъулел. Лъикӏ хӏалтӏаразе щола премияги.

— Кинаб бугеб дур хӏалтӏул къо?

— Хӏалтӏул къо байбихьула радал сагӏат 6-ялда, лъугӏула къаси сагӏат 8-ялда. Къаде кваназе бихьизабураб заман буго 40 минут. Пассажирасул белтил багьа буго 15 гъурущ, аппараталъ банкалъул картаялдаса бахъулеб бугони — 13 гъурущ. Нижее чӏезабураб къойил план буго — хӏалтӏул къоязда 5200 гъурущ, гӏодоркъоязда — 4200 гъурущ. Дун ккола кӏиабилеб классалъул шоферги. План тӏубазабуни, дие щола моцӏрой 29 азаргогӏанасеб гъурущ.

— Пассажиразда гьоркьор гӏемер кколищ нужгун къацандулел, гӏарац кьечӏого лъутун унел чагӏи?

— Аслияб куцалда нижер пассажирал руго цӏикӏкӏараб ригьалъул гӏадамал. Цере цӏалдохъабигун студентал гӏемер рукӏунароан, гьанже гьелги гӏезегӏан рукӏуна. Гӏилла — билет учузаб букӏин. Чорокаб мацӏ бицунелги дагӏба гьабулелги цӏакъго къанагӏат гурони данд чӏваларо. Цере рукӏунаан гӏарацги кьечӏого лъутун унелги, гьанже гьединал къанагӏат гурони рукӏунаро. Хисун буго бербалагьи, нечолел руго гӏарацги кьечӏого къватӏире ине.

— Анкьго соналъ хӏалтӏун йиго мун Москваялдаги…

— Улкаялъул тахшагьаралда гӏемерго бигьаги лъикӏги букӏана хӏалтӏизе. Дора руго цӏиял, лъикӏал троллейбусал. Нухал руго къачӏарал, транспорталъе ва пассажиразе чӏезарун руго лъикӏал шартӏал. Мухьги буго гӏемерго цӏикӏкӏараб. Дун гӏадинав шоферасе доба щола 70-75 азарго гъурущ.

— Тӏубараб къоялъ рулалда нахъаги йикӏун, къаси рокъое щведал хинкӏал гьаризе жанго хутӏулищ?

— Сундего ругьунлъула инсан. Дидаса гӏемерго захӏматаб хӏалтӏиги гьабулел, гӏемерго дагьаб гӏарацги щолел руччаби гӏемер руго. Дирго эбелалъул, кӏудияй эбелалъул, гьезул гӏелалъул руччабаз баччараб захӏматалда данде босизе ресго гьечӏо дида бихьулеб гӏакъуба. Гьединлъидал рокъое щведал чӏужугӏаданалда тӏадаб гьабизе заман кидаго букӏуна.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ