Дагьал церегӏан къоязда «Хӏакъикъат» газеталъ Мухӏамад Шамхаловасул цӏаралда бугеб премиялъе гӏоло тӏобитӏун букӏараб къецалда бергьаразе шапакъатал кьуна.

Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Тубхӏат Зургьалова («Дир Расул»), кӏиабилеб бакӏалъе — Гӏиса Шарапудинов («Гӏашилтӏаса Ханзадай»), лъабабилеб бакӏ щвана Тӏалхӏат Ахъбердиевасе («Гьужумалъ цӏа лъуна дир Ватӏаналда»).

М. Шамхаловасул премиялъе мустахӏикълъаразе шапакъатал кьуна магӏарул газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ хъвараб «Заманалъул матӏу» тӏехьалъул бицунеб тадбиралда. «Хӏакъикъат» газеталъул редактор Гӏумахан Гӏумахановас, рухӏияб хазинаялъул отделалъул редактор Патӏимат Гьитӏиновалъ премиязе мустахӏикълъаразда шапакъатал баркана ва къецалда гӏахьаллъаразе баркала кьуна.

М. Шамхаловасул ракьцояв, Цӏумада районалъул бетӏер Шамил Гӏумаровас къецалда бергьаразе гӏарцулаб сайгъатги гьабуна ва газеталъул редакциялъе баркалаги кьуна.

«Цебе М. Шамхаловасул премия кьолаан лъагӏалида жаниб лъикӏаб хӏалтӏи бихьизабурал журналистазе, газеталда жанирго хӏалтӏулел яги къватӏисан хъвадарулел мухбирзабазе.

Араб сон киназего захӏматаблъун, гӏадамал данделъизе бегьулареблъун, редакциялдаго чӏун коллективалъе хӏалтӏизе рес гьечӏеблъун букӏана. Гьеб санагӏалъи гьечӏеб заманалда Шамхаловасул цӏаралда бугеб премия гӏицӏго хӏалтӏулъ тӏокӏлъи бихьизабурал журналистазе гуребги, хъвадаризе гьунар бугел магӏарулазе кьезе хӏукму гьабун букӏана. Къец тӏобитӏиялъул мурад букӏана магӏарулазда гьоркьор хъвадаризе гьунар, бажари бугел гӏадамал тӏатинари, гьел халкъалда рагӏизари, газеталъулгун бухьен щулалъизаби», — ян бицана къецалда гӏахьаллъаразе баркалаги кьолаго П. Гьитӏиновалъ.