Рарал соназдасаги, нахъа тараб нухалдасаги разияв, рокъовги къватӏивги, хъулухъ-ишалдаги аваданлъи хвезе течӏев чи вукӏана шагӏир ва журналист Мухӏамадрасул Дациев. Исана 70 сон балаан мунагьал чурадица.
Гьев гьавуна Буйнакск районалъул Хӏабщи росулъ. Гьесулги лъимерлъи цогидал гӏелцоязулалдаса расги батӏияб букӏинчӏо. Заман щведал росдал школалде ана, чӏахӏиял классазда цӏалулеб мехалда, риидалил каникулазул заманалда, инсуе гӏоло магӏарда гӏиядаги вукӏана, гӏухьбузе квен-тӏехги гьабуна. Ватӏаналда цебе налъиги тӏубазабун, Ленинградалъул ралъдалгун рагъулаб училищеги лъугӏизабуна. Гьелдаса хадуб 15 соналъ ралъдал тӏиналда, букъарулеб гамида рагъулаб хъулухъги гьабуна.
Мухӏамадрасулилъ школалда цӏалулеб заманалдаго загьирлъана кочӏолаб каламалдалъун рекӏел хӏал рагьизе, пикраби загьир гьаризе пагьму-гьунар. Гьесул кучӏдул дол соназда рахъулаан республикаялъулаб «Багӏараб байрахъ» газеталда, «Гьудуллъи» альманахалда ва «Магӏарулай» журналалда. Дациевасул кучӏдузе саламатаб бакӏги кьун букӏана гӏолохъанал шагӏирзабазул гӏахьалаб тӏехьалдаги. Хадуб Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъ къватӏибе биччана гьесул жиндирго тӏехьги.
Къисматалъулаб нух байбихьуда батӏияб рахъалде свераниги, сонал индал Мухӏамадрасул жиндирго рекӏелъ рукӏел ккураб рахъалде вуссана. Къоабилеб гӏасруялъул ункъоабилел соназул ахиралда СССРалъул рагъулгун ралъдал къуватаздаса отставкаялде арав Дациев, Дагъистаналде тӏад вуссана ва хӏалтӏана «Гьудуллъи» журналалда. 1990 соналда вачӏана магӏарул газеталъул редакциялде. Гьеб букӏана нилъер улкаялда чӏахӏиял хиса-басиял кколеб, халкъалъул пикру-гӏакълу цӏияб гӏуцӏиялде сверулеб мех. Гьел хиса-басиязде хӏадурараб бичӏчӏи букӏиналдаго цадахъ Дациевас редакциялде бачӏана цӏияб гьогьен, батӏияб хаслъи.
Бачӏинахъего ругьунлъана редакциялъул хӏалтӏухъабаздеги, тӏоцебесеб къоялъго гьезул ракӏазулъги восана гьев. Махсара-хочӏ хӏалав, гӏамал берцинав, кӏудияздаги гӏисиназдаги цого къагӏидаялъ хӏал рекъезабизе лъалев инсан вукӏана Мухӏамадрасул.
Хъвадариялъулги, кинаб рахъалъ босаниги, щиб суал борхулеб бугониги, жиндирго нух, жиндирго хатӏ, жиндирго хаслъи батулаан гьесда. Политикияб макъалаги, хъулухъчиясулгун гара- чӏвариги, адабияталъул, маданияталъул масъалаби рорхарал хӏалтӏабиги цого къагӏидаялъ гъорлъе ваккун, рагӏа-ракьанде щун мухӏканго хъвазе кӏолаан гьесда. Адабияталда, журналистикаялда, театралда — батӏалъи гьечӏо, сатирагун юмор буго бищунго захӏматаб, къанагӏатав чиясе гурони жиб халкъалъе рагьизе гьунар кьечӏеб жанр. Мухӏамадрасулин абуни унго-унголъунги сатирик ва юморист хӏисабалда машгьурлъана.
«Хӏакъикъат» газеталда жаниб рагьараб «Бахьикъос» гьумералдаги хасаб бакӏ ккуна Дациевас. Ва жиндирго гӏумруялъул ахирал къоязде щвезегӏан гьеб гьумералъул хважаинлъунги хутӏана.
Бигьаяб иш гуро цӏалдолесе асар гьабуледухъ щибаб анкьалъ сатираялъулгун махсараялъул гьурмал хӏадур гьари. Гьелъие хӏажалъула хасаб гьунар, гьеб гьабулев чи вукӏине ккола живгоги махсара-хочӏалъул агьлу. Гьеле гьединав чи вукӏана Дациев.
М.-Р. Дациевасул кучӏдузулъ, макъалабазулъ, гара-чӏвариязулъ ва цогидал хъвай-хъвагӏаязулъ букӏана гӏажаибго берцинаб, цӏализеги, рагӏизеги, батизеги бокьулеб мацӏ. Гьелъги батила, щиб гьес хъваниги, бигьаго цӏалунги бачӏунаан, цӏалун хадуб ракӏалдаги чӏолаан. Мацӏалъул берцин- лъиялъги бечелъиялъги Дациевасда кӏолаан кигӏан чӏамучӏаб темаялда хъварабги макъала чӏалгӏинаредухъ цӏалдолесухъе кьезе. Цӏакъ политика хирияв, гьелда тӏасан бахӏс гьабулев чиги вукӏана мунагьал чурад.
Нижедаги, гьесул гӏемерал гьудул-гьалмагъзабаздаги лъалел, бицаде хутӏарал гӏезегӏан лъугьа-бахъиналги руго Мухӏамадрасулил. Гьелги рукӏунаан аваданал, лъиениги зарал-зиян гьечӏел, гӏадамасул напсалда хъинтӏуларел, чияда тӏад велъуларел.
Газеталде хӏалтӏизе вачӏарав Дациев байбихьуда шагӏир Мухӏамад Патахӏовгун цо кабинеталда вукӏана. М. Патахӏов редакциялде Дациевасдаса цо соналъ цеве вачӏун вукӏана. Советияб армиялда хъулухъ гьабичӏев Патахӏовас Дациевасда лъазабуна гьаниб армиялъул законал рукӏунин, дуца дица малъараб гьабизеги кколин. Армиялъул гӏадлу-низам лъикӏ лъалев Мухӏамадрасулги гьелда разилъана, жиндаса хадур редакциялде хӏалтӏизе рачӏаразе «дедлъун» дунги вукӏинарищиланги абуна. Горбачевасул бичӏчӏулареб политикаялъ тукабаздаса кинабго жо лъугӏизабурал дол соназда хъалиянал щолел рукӏинчӏелъул, базаралде тамахьо босизеги Дациев витӏулаан, цоги-цоги гьединалго тӏадкъаялги гьесие камулароан. Анцӏила хадуб соналъ дидаса гьитӏинав дуца малъараб гьабизе кканинхаян цо- цо Патахӏовасдеги пунщулаан гьев. Патахӏовас жив «угнетать» гьавулев вугин, газеталъул редактор Гӏариповасухъе гӏарзагицин хъван букӏана.
2011 соналъул декабралда нагагьаб балагьалдалъун захӏматаб хӏалалде ккарав Мухӏамадрасул, кин букӏаниги сахлъилин, цӏидасан редакциялде тӏад вуссинин хьул букӏана цадахъ хӏалтӏулезул, гьудул-гьалмагъзабазул. Амма гьесул унти дару гьечӏеб батана. 61 сонцин балалде къадаралдеги щвана.
Кигӏан аваданав чи вугониги,
Чвахула диргоги беразул магӏу,
Лъикӏав гьудул-гьалмагъ камураб мехалъ,
Каранда гьинал ракӏ унтараб мехалъ.
Гьедин хъван букӏана Мухӏамадрасулица жиндирго цо кочӏолъ. Гьес жинцаго абухъе, гьединаб хӏал букӏана мунагьал чураяв лъалел рукӏаралщиназулги Дациев камидал.
Шарапудин СУЛТӏАНОВ