Гӏаздакьан баккараб дерец гӏадин бачӏана исанасеб их. Сверухълъиялда жеги хасалил кьер бугониги, оцбаялъул байрамал тӏоритӏулел руго росабалъ. Их цӏилъулеб гӏуж цӏакъго пашманаб букӏана араб соналъ. Магӏирукъаз къулизарурал, къварилъиялъ чӏунтизарурал ракӏал чӏаголъизариялъул мурадалда гӏуцӏун батила гӏемерисел росабалъ иса- на гьеб байрам.
Гӏемериселго бакӏазда гьеб лъугьунеб буго ихдалил хӏалтӏабазе байбихьи лъолеб къолъун гуребги, росдал байрамкъолъунги. Гьебги квеш гьечӏо, жамагӏат данделъулеб, гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏунеб буго.
Гӏемерисебго мехалъ гьеб тадбир тӏобитӏиялъе гьанже хӏаракат бахъулеб буго жамагӏат гъункизе бокьарав гӏакъилав бегавулас яги жалгоги росабалъ гӏурал, хадуб гӏодоблъиялда лъикӏаб магӏишат-яшав гӏуцӏарал, бажари бугел гӏолохъабаз.
Жамагӏат разияб байрам букӏана араб шамат къоялъ къаралазул бищунго кӏудияб Гьочоб росулъ. Оцбаялъул байрамалъ данде гьарун рукӏана магӏарухъ ва гӏодоблъиялда гӏумру гьабун ругел росуцоял.
Араб соналъул их цӏилъулеб гӏуж цӏакъго пашманаб букӏана гьенибги. Гӏемерав чи вукъана гъоркьисала гьочосез. Исана ихдалил байрам гьабизе тӏаде босана Гьочоса Расул Гӏумаровас. Гьев вуго гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер, бакӏал раялъул ишалда вугев бизнесмен. Ахираталъул рокъоре арал эбел- инсул хӏурматалда росуцоязе рохалилаб къо гӏуцӏизе пикру бижун буго гьесул. Байрамалъе хӏадурарал игӏланазул ахӏи букӏана «Гьочосел, цоцалъ гъункиялдалъун рази гьареги нуж Аллагьас», — абун. Берцин бихьана жамагӏат гъункиялъе, эбел- эмен ракӏалде щвеялъе васас бахъараб хӏаракат.
— Шагьрудин вукӏана кутакалда кополав, гӏадамазе къиматав чи, — ян бицана нижее, байрам гӏуцӏулаго Расулие кваранаб кверлъун вукӏарав росуцояв, Мухӏамадзагьир Ибрагьимовас. — Гӏумруго колхозалъул гӏи-боцӏухъанлъиялда арал, гьелъул баракаталда беричаб магӏишат гӏуцӏарал гӏадамал рукӏана Расулил эбел-эмен. Жидерго мисалалдалъун магӏна бугел щуго лъимал гӏезаруна гьез. Цебесеб чанги лъикӏаб гӏадат кӏочене тун буго магӏарухъ. Нижер росулъги гӏемерал сонал рукӏана гьадин гӏадамал ракӏарараб аваданлъи тӏобитӏичӏого. Гӏадамазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏунел гӏадатал цӏигьариялъе хӏаракат бахъизе ккола гьанже гьоркьохъеб гӏелалъ. Росдал байрам гӏуцӏулаго, районалъул маданияталъул хӏалтӏухъабиги гӏахьал гьаруна гьочосез. Гьеб бутӏа тӏубаялъул иш тӏаде босарай Чӏарада районалъул халкъияб театралъул режиссер, ДРялъул куль- тураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Рашидат Гӏалиасхӏабовалъ бицана,
Гьочоб гуребги, районалъул цо чанго росулъги оцбанкъо тӏобитӏанилан: Кьорощ, Дусрахъ, Гьидиб росабалъги букӏана гьал къояз берцинго гӏуцӏараб оцбай, щибаб росулъ жидерго хаслъиги буго цӏунун. Дунялалда пирилъун тӏибитӏараб гьаб унтиялъ ракӏал рукӏкӏинарун руго нилъер. Бугониги, гӏадамал кӏудияб гъираялда гӏахьаллъана. Гьочоб кӏудияб хӏадурлъигун, бечедаб программаги гӏуцӏун тӏобитӏана гьеб ихдалил байрам. Умумузул заманалъго гӏадин, радалго росдал гӏелас гӏакӏа бана оцбаялъул байрамалде рахъаян. Гьочосел тӏуран макьидаса ригьиналде щибаб авалалде рагӏулеб къелесезул зурмилги къололги гьаракьалъ диегоги батӏияб асар гьабуна. Оцбай тӏаде босарав Расул Гӏумаровас ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, росдал нухмалъулезгун цадахъ, тӏад кӏалъазе бакӏ течӏого тӏобитӏана байрам. Тӏасияб соналъ оцбай тӏаде босулезухъе лълъар бегьулеб лахӏзатги букӏана цӏакъ берцинго гӏуцӏун. Гьочоб гӏадат буго лъабго сонида жанир гьарурал лъималазул эбел-инсуца оцбаялда данделъарал гӏадамазе садакъаде рикьизе нигӏматал рачӏунеб. Исанасеб оцбаялда гьитӏичазде хасаб кӏвар кьуна Расул Гӏумаровас. Школалъул ригьалде рахинчӏел росдал киналго лъималазе расанкӏабиги рикьана гьенир.
Умумузул квен-тӏехалъул тепси, «Къаралазул гӏор» фольклоралъул коллективалъул гӏахьаллъи, къедерил зурмил некӏсиял бакънал, миллияб спорталъул хӏаял, бергьаразе къиматал шапакъатал -гьалбал гӏемераб, жамагӏат разияб къо букӏана къаралазул росулъ. Гьединго байрамалда гӏахьаллъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул вакилзаби, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хӏалтӏухъабазул къокъа.
Оцбаялъул байрам лъугӏарабго росулъа къватӏире ине гӏедегӏичӏо шагьаразда гӏумру гьабулел гьочосел. Хадусеб къоялъ гьел данделъана, 2018 соналъ бухӏун хадуб цӏигьабун балеб, мажгиталда. Гьениб тӏобитӏана жамагӏаталъего пайдаяб кӏудияб тадбир.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА