1 апрелалдаса 15 июлалде щвезегӏан Дагъистаналдаса лъабазаргогӏан гӏолохъанчи витӏизе вуго Россиялъул армиялде.

Гьедин бицана ДРялъул рагъулав комиссар Дайтбег Мустӏафаевас, 5 апрелалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда тӏобитӏараб пресс- конференциялда.

Гьелда гӏахьаллъана ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр Гӏумаргӏусман Хӏажиевги, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул ишал тӏуралев Гӏумахан Гӏумахановги.

Дайтбег Мустӏафаевас бицухъе, пандемиялъул заманалда, гъоркьиса нилъер республикаялдаса армиялде витӏун вуго микьазаргогӏан гӏолохъанчи.

— Гьезул 70 проценталдаса цӏикӏкӏун чиясул букӏана тӏадегӏанаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай. Гьедигӏанасебго къадаралъул гӏолохъанчи вуго ДОСААФалъул организациязда цӏалун рагъулабгун учёталъулаб махщел щварав – С, Д, Е категориязул шофёрзаби, фельдшерал, крановщикал, — ан абуна гьес.

Рагъулав комиссарас бицана пандемиялъул заманалда жидецаго гьарулел цӏуна-къаязулги. Ковид бугищали лъазе гьез тестал кьезарулел руго призывалъулаб пункталде вачӏарав щивав гӏолохъанчиясдаги гьел нуха регӏизе рачӏарал гӏага- божараздаги. Гьедин тӏатинавуна вирусалъ унтарав 20 чи ва коронавирусалъ унтаразда аскӏов вукӏарав жеги нусго чиги. Республикаялда бугеб муниципалияб 52 ва республикаялъул цо призывалъулаб комиссиялда коронавирусалдаса цӏуна-къаялъе киналго шартӏалги чӏезарун ругин бицана Д. Мустӏафаевас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, армиялде щун хадур гьел гӏолохъаби кӏиго анкьалъ карантиналда чӏезарула.

Гьединго комиссариатазул киналго хӏалтӏухъабаз ковидалда данде вакцинаги гьабулеб буго. Гьеб гьабун бахъине ккола 10 апрелалде.

Армиялда хъулухъ гьабиялъул къагӏидаялъулъ гьадинаб хиса- басиги ккана ахираб заманалда: тӏадегӏанаб махщалилаб яги гьоркьохъеб хасаб лъай бугел гӏолилаз хъулухъ гьабизе бегьула контракталда рекъонги. Армиялде ахӏун арал гӏолохъабаз гьениб цо сон балеб батани, контракталда рекъон араб лъабго соналъ тезеги рес буго.

Гьедин жидеца гъоркьисала рагъулабгун учёталъулаб махщалие азаридаса цӏикӏкӏун чи хӏадуранин армиялде витӏизеян бицана рагъулав комиссарас. Гьанже ихдал ритӏулезда гъорлъ гьединав кӏиазаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏолилав вукӏине рагӏула.

Контракталда рекъон хъулухъ гьабизе гъоркьисала нилъер гьаниса 1,5 азарго чи ун вуго.

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул цӏалул идарабазде лъугьине азаргоялдаса цӏикӏкӏун гӏолилав тӏаса вищун вуго гъоркьиса ДРялъул рагъулаб комиссариаталъ. Цӏализе восун вуго гьезда гьоркьоса 350 чи.

Нагагь гьединал идарабазде цӏализе ине бокьарав чи ватани, жидехъе гӏарзаби хъваянги абуна Д. Мустафаевас, гьенире хитӏабал гьарун, документал хӏадуризе квербакъилила жидеца.

Хадуб гьес жавабал кьуна журналистазул суалазеги.

ДРялъул информациялъулгун печаталъул министр Гӏ. Хӏажиевас ракӏалде щвезаруна армиялда гӏадлу хвезабурал дагъистаниязда тӏасан цересел соназда рахъулел рукӏарал гӏарзал. Цере гӏадин гӏемер гьечӏониги, гьел гьанжеги камуларин бицана Мустӏафаевас. Масала, гъоркьиса армиялде арав 20 гӏолохъанчиясда тӏад гьарун ругила уголовниял делаби. Аслияб куцалда гьел ккола цоцазухъа гӏарац яги телефонал рахъун, жидерго бакӏалда цогидал хӏалтӏизе тӏамун гьарурал гъалмагъирал.

Гьездаго цадахъ улкаялъул батӏи- батӏиял регионаздаса баркалаялъул кагъталги рачӏунел руго нилъер рагъулаб комиссариаталде. Гьедин 40-ялдасаги цӏикӏкӏун баркала кьун кагъат бачӏун буго исана.

Рагъулав комиссарлъун хӏалтӏулеб 12 соналда жаниб цониги дагъистанияс альтернативияб хъулухъги тӏаса бищичӏин бицана Дайтбег Мустӏафаевас. Гьелде щвезегӏан Гъизляралда хӏалтӏулелъул, жидеца цо чанго гӏолилав витӏун вукӏанила тункӏихер гьабулеб заводалдаги психоневрологияб диспансералдаги хӏалтӏизе. Рагъулаб хъулухъ гьабизе бокьичӏого альтернативияб хъулухъ тӏаса бищулел гӏолохъаби, аслияб куцалда, рагъулал госпиталазде санитараллъун хӏалтӏизе унин абуна комиссарас. Амма дагъистаниял гьечӏила гьезда гъорлъ.

З. ХӏАЖИЕВА