Каспий ралъад чорок гьабиялъул гӏайиб Дербенталъул чогъролгун коньякалъул заводалда бугин абуна гьеб шагьаралъул нухмалъиялъ.
Чанго къоялъ цебе социалиял гьиназде рехун бачӏана Каспий ралъдалъе рогӏороялъусан чвахулеб чорокаб лъим бихьизабураб видеоролик. 5 апрелалда гьелъие жаваб гьабуна Дербенталъул администрациялъ. Гьезул рагӏабазда рекъон, чагъир гьабулеб «Дагъистан» абураб комбинаталъ щибаб соналъ биччалеб буго ралъдалъе гьеб чороклъи.
Гьелъул хӏакъалъулъги лъазабун, жидеца февралалдаго кагътал ритӏанин ДРялъул тӏабигӏат цӏуниялъул рахъалъ прокуратураялдеги, Роспотребнадзор ва Ростехнадзор идарабаздеги, амма гьез кинал рукӏаниги тадбирал гьаричӏин лъазабуна Дербенталъул администрациялъ.
Ашахан ЮСУПОВ