6 апрелалда республикаялъул Росдал магӏишаталъул министерствоялда тӏобитӏараб данделъиялда гӏахьаллъи гьабуна 23 батӏияб районалъул нухмалъулезги. Бекьараб жоялъе исана саранчаялъ гьабизе бугеб заралалъул хӏакъалъулъ бицана гьениб.
Министрасул заместитель Шарип Шариповас абуна, жидехъе щварал баяназда рекъон, 75 азарго гектаралда бекьараб жоялъе зарал гьабизехъин бугила исана хӏутӏ-хъумуралъ. Батӏи-батӏиял химикаталги росун, бекьараб жоялде тӏаде щван, хур-хер гьездаса цӏуна-къазелъун тадбирал гьаризе ахӏана гьес районазул нухмалъулел.