6 апрелалда ДРялъул хӏукуматалда тӏобитӏараб данделъиялда Сергей Меликовас къимат кьуна арал гӏодоркъояз Чачаналдаса чотӏахъаби республикаялде рачӏиналъе.

Гьеб лъугьа-бахъин ккана 3 апрелалда. Новолак районалда вукъун вугев имам Шамилил наиб Беноялдаса Байсунгъурил хабаде зияраталъ вачӏун вукӏана Чачаналдаса 29 чотӏахъан. «Ахмат-сила!» — ян ахӏдолел гьел лъалхъизаруна полициялъ.

Гьединал тадбирал бакӏалъулаб нухмалъиялда дандги ран гьаризе кколин бицана низам цӏунулез.

С. Меликовас абуна жив цӏакъ рази вугин нилъер жамгӏияталъул церехъабазги жибго халкъалъги гьеб хӏужаялда хурхун загьир гьабураб пикруялдаса, амма щибаб ккараб-таралъул букӏунин жиндирго хӏасил. Гьелъул хӏисаб гьабизе тӏадаб бугин щивав чиясда. Гьесул рагӏабазда рекъон, щибго гьечӏеб бакӏалда питна бижизабизе къваригӏун, цӏадабе нарт тӏолел чагӏиги камуларо. Амма гьединал чагӏи зобалаздаса накӏкӏгӏанги рикӏкӏад гьаризе ккола.

Меликовасул пикруялда, гьеб лъугьа-бахъиналдалъун бихьулеб буго республикаялда миллияб политикаялъул хӏалтӏулъ гӏунгутӏаби рукӏин.

Гьединлъидалин абуна С. Меликовас, жинда лъикӏаблъун бихьулила нилъедаги Чачан республикаялдаги гьоркьор вацлъиялъул бухьенал щула гьариялъул хӏалтӏи цӏи гьабизе. Гьеб мисал, цохӏо чачаназда хурхун гуребги, цогидал республикабазда гьоркьобги букӏине кколин тӏадеги жубана гьес.