Миякьоса Гӏумархӏажи

(Гӏусманиязул империя цӏунизе къеркьарав магӏарулав)

ХӀX гӏасруялъул ахиралда расги лъикӏаб хӏал букӏинчӏо Гӏусманиязул империялъул. Кӏудияв вац Мурад Щуабилесухъа султан Гӏабдулхӏамид Кӏиабилесухъе щола накалде ккараб улка.

Гьединги загӏиплъараб гьелъие квалквалал гьарулаан бакътӏерхьул рахъалъул пачалихъаздаса квербакъи щолел рукӏарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги. Тӏадежоялъе, халифаталъул гӏорхъаби цӏунизелъун рагъалги гьаризе кколаан.

Гьеб заманалда улкаялда ккола младотурказул инкъилаб. Гьединго къватӏисел улкабаздаги байбихьула бусурбанчи-халиф хӏисабалда Гӏабдулхӏамид Гӏусманиязул империялъул нухмалъиялда вукӏине кколарин абурал ахӏиял гьаризе.

Гьеле гьединаб мехалда мугьажирлъун Турциялде гочана 29 сонил ригьалде вахарав Миякьоса Гӏумархӏажи.

Гӏахъушалиса Махӏамаца бицараб балъголъи

Дагъистаналдасаги Турциялда цӏикӏкӏун машгьурав вуго Гӏумархӏажи. Щайин абуни гьесул аслияб гӏумру гьениб индал.

Нахъзаманалда Дагъистаналда чӏегӏераб цӏа рекӏине, рагъал байбихьизе ругин абулеб букӏун буго Гӏумархӏажица, гьесул наслуялъул чагӏаз бицухъе. Гьезул цояв ккола гӏезегӏан мехалъ Миякьо росдал советалъул председательлъун хӏалтӏарав Хӏасан Беркиханов.

Гьес бицана жиндир эбелалъ абулаанин гьесда цадахъ эменги, яц Париги, гьелъул вас Хӏасанги, цогидаб гӏагарлъиги, ай кинавниги 25 чи гочанин Турциялде. Хадубккун Гӏумархӏажица гӏарабияйги ячун гьарурал анцӏго-анцӏила хадуб лъимерги букӏун буго.

Къватӏиве инегӏан Гӏумархӏажи вукӏун вуго росдал мажгиталда дибирлъун.

— Мунагьал чураяй дир эбелалъ абулаан Гӏумархӏажи жиндир инсул вацгӏал кколаанин. Гьелъ бицунаан цо нухалда Салатавиялъул 12 росдал чагӏиги ракӏарун, Гӏахъушалиса Махӏамайин абурав валияс гьезда шайих вукъараб бакӏ бихьизабулеб букӏанилан (ислам тӏибитӏизабизе гӏарабалъа Дагъистаналде вачӏарав ункъавго шайихасул цояв – Мусашайих – авт.). Гьеб мехалда цо чи кӏалъан гьечӏила гьенив, гӏицӏго 12 сон барав Гӏумархӏажи цеве кӏанцӏун вачӏун вугила, гьедин батани, жидеда гьесул ссан бихьизабеянги абун. Мадрасаялда цӏалулев вукӏун вуго гьев доб мехалда.

Щибниги бихьизабизе кколарин, гьединаб адаб гьечӏеб жойищин букӏунеб, кӏудиял чагӏазухъ гӏенеккун гьал гӏисинлъимал щиб гьабулел чагӏи гьанирин абун, Гӏумархӏажида хадув лъугьанила гьесул имгӏал Ризван (дир эбелалъул кӏудияв эмен).

Гьев вас живго теян ишан гьабунила шайихас Ризваниде. Цинги аскӏовеги ахӏун, Гӏумархӏажил гӏинзунибе цо жоги щурун, гьав васасул кӏудияв гӏалимчи вахъине вугин абула гьес.

Хадуб валияс бихьизабураб бакӏалда ракьги бухъун ралагьидал, унго-унгоги чӏагояв чиясул гӏадал хӏатӏал раккун рачӏанила къватӏире. Бетӏер бугеб бакӏ бухъизе тун гьечӏо гьес. Гӏицӏго абун буго халалъиялда анлъго метр бугин гьесул къаркъалаялда, борцинеги борцун, гьеб бакӏалда тӏад рукъ бани, нужер росабазе баркат щвелин», — ан бицана Хӏасаница.

Гьес бицухъе, Гӏумархӏажи гьавун вуго 1846 соналда. Хвана 1920 соналда.

Филологиял гӏелмабазул кандидат, ДГУялъул преподаватель Разият Мухӏамадовалъги (Миякьоса Муса-шайихасул яс) тӏаде жубана жидер кӏудияй эбел Нусайбат (гьев Хӏасанил яцгӏал) зама-заманалдасан къварилъахъдулаанила Турциялде гочарал жиндирго гӏагарлъиги ракӏалде щун. Хасго гӏемер бицунаан Гӏумархӏажил. Гьитӏинал чагӏи, жидеда гьев щивали бичӏчӏулароанила, хасго советияб заманалда гьединал чагӏазул бицине гьукъун букӏун.

Нусайбатил эмен Салимханица росдал лъималазда Къуръан малъулеб букӏун буго. Цо заманалдасан Гӏумархӏажица кагъат бачӏун буго гьесухъе гьанже Гӏиракъкъагӏидаялда малъизе кколинги абун.

СССР биххун хадуб Миякьове Хӏасанихъе вачӏун вуго Турциялда чӏарав Цӏобокьа Шугӏайб абурав чи. Ресалда ругел гӏадамал кулакал гьарун, колхозал гӏуцӏулеб мехалда, хъизанги росулъ тун, дове гочун вукӏун вуго гьев. Шугӏайбица Хӏасанида бицун буго Гӏумархӏажиясул хъизан-лъималги Пари абурай яцги дора рукӏин.

Хадуб, 1996 соналда кӏиябго росдал (Цӏобокь-Миякьо) гӏадамалги гӏахьаллъун кӏудияб мавлидги гьабун буго Гӏумархӏажил рухӏги рехсон.

Гьебго заманалда филологиял гӏелмабазул доктор Сиражудин Хӏайбулаевасги гьесул аспирантка Разият Абакаровалъги биччана Гӏумархӏажил мавлидазул мажмугӏги. Жиндир кӏудияй эбел Нусайбатида гьел мавлидал рекӏехъе лъалаанин, гьелъ гьел жиндагицин малъулаанин бицуна Разиятица.

Гьелдаса хадур Турциялде щвана Гӏумархӏажил наслуялъул цойги чи — профессор Сахрудин Сафаров, цадахъ Мухӏу Гӏалиевгун.

— Росулъ гьабураб доб мавлидалъул видео бихьун буго гьез Гӏумархӏажил вас Юсупида. Гьедигӏан кӏудияб тадбир букӏин лъарабани, хваниги вачӏинаанин жив, амма ракӏги унтун вачӏине нахъе къанин абун буго гьес. Гьеб мехалда Юсуп вукӏун вуго 83 сонил ригьалде вахарав чи. Гьанже гьев чӏаго гьечӏо», — ян бицана Хӏасаница.

Гьевги Шугӏайбица бицен гьабурай яцги туркалъе гьарурал Гӏумархӏажил лъимал ккола. Гьес ясалда лъун буго Дагъистаналда хутӏарай жиндирго эбел Патӏиматил цӏар.

Гӏумархӏажи хванилан Турциялдаса кагъат бачӏиндал, 1925 соналда гьавурав Хӏасанил вацасда Гӏумархӏажил цӏар лъун букӏана. Гьев хвана 2004 соналда.

Хӏафиз

2018 соналда Турциялдеги ун, журналист Хӏажимурад Магаевас ННТ-телеканалалъе бахъана Гӏумархӏажил бицунеб передача. Гьенив гьев дандчӏвана гӏусманиязулги ингилисазулги архиваздаса къанагӏатал документалги ралагьун, Гӏумархӏажил хӏакъалъулъ тӏехь бахъарай гӏалимчӏужу Зайнаб Эрчетингун.

Хӏажимурад Магаевас бицухъе, Гӏумархӏажица гьениб хъван буго гӏелмияб 20 хӏалтӏи.

Байбихьуда гьев цӏализе лъугьуна Ая-София мажгиталда гӏагарлъухъ бугеб мадрасаялде. Гьениве вачӏиналде Дагъистаналда щвараб лъайги букӏуна Гӏумархӏажил. Масала, эмен Гӏабдурахӏманидасанги щун буго гьесие лъай. Гӏабдурахӏман вукӏун вуго имам Шамилица къимат гьабулев гӏалимчи, гьесулгун пикруцояв. Мадрасаялда цӏалун лъагӏалидасан Гӏумархӏажица хъвала Къуръан цӏалиялъул рахъалъ жиндирго тӏоцебесеб тӏехь.

Рамазан моцӏалъ султанасул кӏалгӏаялъурги кьолаан гьес дарсал. Бицуна гьев пагьму бугев чи вукӏанилан. Масала, Къуръан рекӏехъе лъазабун буго гьес анлъго моцӏида жаниб. Гьединго рекӏехъе лъалел рукӏун руго 200 азарго хӏадисги «Сахӏихӏул Бухари» абураб асарги. Гӏумархӏажи вищун вукӏун вуго Хӏафизазул экспертазулаб шураялъул вакиллъунги.

Шайих Ахӏмад Зиявудин Гюмушханавие бергьун кӏудияб асар гьабулеб букӏун буго Гӏумархӏажица. Гьединлъидал гьесда жиндирго цӏаргицин лъун буго гьес. Гьелдалъун Гӏумархӏажил къадру тӏадеги борхун буго.

1879 соналда Эдирне абулеб (Турциялъе кӏвар кӏудияб) бакӏалда гьев тӏамула полкалъул муфтилъун. Гьенир гьес гӏелмиял хӏалтӏаби хъвалаан магӏарул, гӏараб ва турк мацӏазда.

Дагь-дагьккун раккана Гӏумархӏажил пагьму-гьунаралда хӏал хъублъарал чагӏиги. Байбихьана гьез гьесда нахъасан султанасде мацӏал гьаризе. Гьел сабаблъун Гӏумархӏажи хъулухъалъ гъоркьегӏан вачана.

Младотуркалги «Мухӏамадия» союзги

Хадур Турциялда байбихьана султанасул ханлъи тӏаса рехизе къваригӏун гьарулел хӏалбихьиял. Гьел нахъчӏвазе хӏукму ккарав Гӏумархӏажица султан Гӏабдулхӏамидихъе кагъат хъвала жив парламенталъул тӏасияб палатаялде вачеян. Гьенир ругел чагӏазда кӏолаан улкаялда законал рахъулелъул тӏадецуй гьабизе, гьениб гьоркьоб рагӏи бицине. Амма султанас инкар гьабула Гӏумархӏажие.

Цинги гьес гьесухъе цӏидасан кагъат хъвала жив пачалихъалъул шураялде яги лъай кьеялъул ассамблеялдениги вачейин. Гьебги данде кколеб батичӏони, жив императорасул кӏалгӏаялъув хасал хъулухъ азул чагӏазе лекциял цӏализениги тейилан. Амма гьелъулги хӏасил кколаро, щайин абуни гьеб мехалде хун букӏуна султанасул къимат, хъулухъазда толел чагӏазул суалгицин тӏубазе бажарулеб букӏунаро гьесухъа. Младотуркал абулел чагӏи рукӏуна бетӏер борхизе лъугьун. Гьедин гьез хӏаракат бахъула жидерго улкаялъул шайхулисламлъун (муфтилъун) жидерго рахъ ккурав Муса Казим Эффенди абулев чи ккезавизе.

1908 соналда Гӏумархӏажица хъвала «Инкъилабалъул матӏу» ва «Султанасул ихтияразул хӏакъалъулъ 40 хӏадис» абурал хӏалтӏаби. Гьез асар гьабурав султан Гӏабдулхӏамидица гьесие сайгъат гьабула меседил 40 гъурущ. Гӏабдулхӏамидил ханлъи тӏаса рехизе гӏемер мех хутӏун букӏунаро. Гьединлъидал султанасе кумек хӏисабалда гьеб мехалда Гӏумархӏажица хъварал гьел хӏалтӏабазул кӏвар кӏудияб букӏана. Гьезул аслияб магӏна кколаан халифаталъул центрлъун Стамбулги, гьелъул кверщел кодосевлъун бусурбанчи-халифги вукӏине кколин абураб. Бусурбанчи-халиф хӏисабалда Гӏабдулхӏамидилги кӏудияб къадру букӏана дунялалъулго бусурбабазда гьоркьоб.

1909 соналда Турциялда раккана младотурказда дандечӏарал чагӏи ва гьезул ишал сурун рихьизарулел «Мухӏамадия» абулеб союз. Гьез кколаан шаригӏаталъул рахъ. Гӏумархӏажиги вукӏана гьезда гъорлъ. Гьединлъидал жидее шаригӏат билълъанхъизабизе къваригӏун бугилан, кӏанцӏун Турциялъул парламенталдегун, нахъе гъола гьениса младотурказул депутатал, гьединго армиялдаса гьезулго офицералги ритӏула нахъе.

Амма хадуб (апрелалда) младотурказе къватӏиса кумекги щун, гьез чӏван, кварида ран гъанкъун, туснахъ гьарун балагь бачӏинабула жидедаго дандечӏун рукӏарал диниял гӏадамазде. Гьединго Гӏабдулхӏамидил ханлъиги тӏаса рехула. Аллагьас кьурал къоял ахиралде щвезегӏан Грециялде, Салоники шагьаралде витӏула гьез гьев.

Гьеб мехалда гӏумруялъго туснахъ гьавула Гӏумархӏажиги.

1909 соналъул июлалда цӏияб хӏукуматалъ хӏукму къотӏула «Мухӏамадия» союзалда гъорлъ рукӏарал аслиял вакилзаби гӏумруялъго туснахъ гьаризе.

Гӏумархӏажица гьарула жиндие туснахъ хӏисабалда Мадина шагьар бихьизабеян. Гьедин 1909 соналъул 30 октябралда гьев Мадинаялде вачӏуна. Гьелдаса щуго сонгун бащдаб лъагӏалидасан, Мадина шагьаралъул комендантасул кагъат бачӏуна Стамбулалде Гӏумархӏажи тӏурун вукӏиналъул бицун. Байбихьула гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабизе. Дагьалъ чӏун лъала гьев Жиддаялдасан Египеталде ворчӏун вукӏин.

Гьеб заманалда Мадинаялъул шерифлъун вукӏуна Хӏусен Гӏали ибн Аль-Хашими. Некӏогоялдасаго жидедаго тӏад букӏараб турказул кверщел тӏаса рехизелъун, дагьалъ чӏун гьес турказулгун рагъ байбихьула. Гьесулги Мадина шагьаралъул комендантасулги кутакаб дандеккунгутӏи лъугьуна Гӏумархӏажие гӏологи. Шерифасул кумекчияс квербакъанин дагъистаниясе Египеталде тӏуризеян гӏайибал гӏунтӏизаризе лъугьуна гьесде комендант.

Авараг макьилъ вихьи

Бицен буго доб мехалда Египеталъул бетӏерлъуда вукӏарав Гӏаббас Пашада свалат-салам лъеяв Мухӏамад авараг макьилъ вихьун вугилан. Аллагьасе вокьулев Мадинаялда вугев пуланав чи цӏуне дуцаян абун рагӏула Аварагас гьесда. Гьедин Гӏаббас Паша щола Мадинаялде, Аварагасул мажгиталде. Чода тӏад гьениве вачӏунев чи вихьидал, ццим бахъуна гӏадамазул. Цинги цо гӏалимчияс абула гьесда щай мун чода рекӏухъе гьаниве вачӏарав, гьанире рачӏине ккола гьаб бакӏалъул хӏурматги гьабун, ракьалдаги къочулаго. Гьеб мехалда Гӏаббас Пашаца абула: «Дур хӏакъалъулъ макьу бихьана дида, вачӏа аскӏовегӏан, дуда къвал базе бокьун буго дие», — ян.

Гьедин Гӏумархӏажи Египеталде уна гьесда цадахъ. Диналъул суалазул рахъалъ гӏакълучилъун Гӏаббас Пашал кӏалгӏаялъув хӏалтӏулевги вукӏуна.

Тӏаде щола дунялалъул тӏоцебесеб рагъ байбихьараб 1914 сон. Ингилисаз нахъасан гьусун, Египеталъулал тӏамулел рукӏуна Германиялъулгун ва Австро-Венгриялъулгун гьоркьоблъиялда бугеб Гӏусманиязул империялда данде рагъизе.

Гьеб мехалда Гӏумархӏажица байбихьула газетаздасан гьезде хитӏабал гьаризе, нуж бусурбаби гурелищин, ярагъ гӏодоб лъеян. Ингилисаз кигӏан цензура билълъанхъизабизе лъугьаниги, инкар гьабуларо гьес гьединал макъалабаздаса.

Гьединго Гӏаббас Пашацаги турказул рахъ ккола. Гьелдаса хадув ингилисаз тахида цойги чиги тун, гьев туснахъ гьавун Швейцариялде витӏула. Жидеда дандечӏей гьабунилан, Гӏумархӏажиги чӏвазе къотӏула. Амма Гӏаббас Пашаца Великобританиялъул къираласухъе кагъат битӏула Гӏумархӏажи эркен гьавеян гьарун. Халипаталъул муфтилъиялдаса инкар гьаби Хӏажимурад Магаевас передачаялда бицунеб буго ингилисазул архивалда хъван батанила гьев Маккаялде витӏизе рес бугин, гьенив улкаялъул къирал Хӏусен хӏадур вугин хъизангун цадахъ гьев къабул гьавизе. Амма Гӏумархӏажи Стамбулалде тӏад вуссине кканила. Антантаялда гъорлъе унел пачалихъаз тӏутӏун бан, къуватаб Гӏусманиязул империялъул хутӏараб жого батуларо гьесда. Байбихьуда живго цӏалулев вукӏараб мадрасаялъе нухмалъи гьабизе лъугьуна Гӏумархӏажи Стамбулалда. Гьебго заманалда Даруль Хиляфат университеталда дарсал кьезеги ахӏула гьев. Гьединго халифаталъул султан Мехмед Анлъабилесе бокьун букӏуна Гӏумархӏажида тӏад шейхулисламасул (муфтиясул) хъулухъ къазе. Амма оккупантазул кверщаликь бугеб улка халифат кколарилан, гьединлъидал гьес инкар гьабула гьелдаса.

Хӏажимурад Магаевас бицухъе, Гӏумархӏажи вукъун вуго Сулеймания хабзалалъ, жиндирго шайих Ахӏмад Зиявуддин Гюмушханавида аскӏов, Гӏусманиязул султан Сулейманида гӏагарлъухъ.

Зульфия ХӏАЖИЕВА

(пайда босана Хӏажимурад Магаевас хӏадур гьабураб передачаялдаса)