Гьал къоязда, тӏаде щолеб бугеб хирияб Рамазан моцӏги баркизе, гьелъул хиралъиялъулгун кӏваралъулги бицине «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъаби гьоболлъухъ ахӏун рукӏана «Муслимат» руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ. Гьенире щведал, жиндиего хасаб гугьар бугеб гьимигун нижеда дандчӏвай гьабуна гьеб идараялъе гӏемерал соназ нухмалъи гьабулей йигей Хадижат Шихгӏалиевалъ.

«Муслиматалда» цебе бугеб «Рухӏияб берцинлъиялъул школалда» цӏалулел ясазул, руччабазул кумекалдалъун лъикӏаб гьоболлъиги гьабуна нижее «муслиматалъулаз».

Хирияб Рамазан моцӏалъул хӏурматалда букӏараб гьеб дандчӏваялда нур базабун букӏана хӏафиз, Тӏелекьа Тӏалхӏатов Гӏумарасхӏабицаги, «Нурул ислам» газеталъул редактор, гӏалимчи Мухӏамад Хӏажиевасги. Гьез нижер суалазе жавабалги кьуна.

Гьединго нижеца гьитӏинабго «сапар» бухьана «Муслиматалъул» хӏикматазул цӏураб хӏайранаб дунялалдеги.

Нилъерго гъалатӏазе мукӏурлъиги, гьел ритӏизаризе къуват гӏейги, дунялалда ругелгӏан мехалда, гьеб берцин гьабизе ккейги – гьеб кинабго ракӏалде щвана «Муслиматалда» рукӏаго. Рухӏдаллъизе бачӏана Хадижатидаги гьенир лъай босулел ясаздаги. Гьале дол – гӏумруялъул кьеразе нур кьолел цоги кьерал. Гьал кьерал кьерукълъани, рухӏияб берцинлъиялда кьаву чӏвала. Гьелда кьаву чӏвангутӏиялъе гьабулеб гьарзаяб хӏалтӏиялда баракат лъейги.

«Муслимат» руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ нижеца цебеги бицун букӏана ва гьениб тӏоритӏулел тадбираздаги гӏахьаллъи гьабуна. Динцоязе кидаго рагьаралго рукӏуна гьезул нуцӏби.

Ниж, ай редакциялъул хӏалтӏухъаби, иргадулаб нухалдаги гьезухъе щвараб мехалда, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏумахан Гӏумахановас, газеталъулгун бугеб бухьеналъухъги, ясазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ лъолеб бугеб кӏудияб бутӏаялъухъги, жамгӏияб хӏаракатчилъиялъухъги Хӏурматалъул грамотаги кьуна Хадижат Шихгӏалиевалъе. Гьелъ нижееги сайгъат гьаруна «Нурул ислам» газеталъул хӏаракаталдалъун М. Хӏажиевас къватӏибе биччараб «Исследование сокровенных тайн сердца» абураб Абу Хӏамид аль-Гъазалиясул гӏурус мацӏалде руссинарурал тӏахьал.

Руччаби-гӏалимзаби хӏажат руго

«Муслимат» — руччабазда исламияб гӏелму малъулеб, тӏадегӏанаб лъаялъул мугӏалимзаби къватӏире риччалеб цӏалул идаралъун лъугьинабизе ракӏалда букӏана нижеда, — ян бицана Х. Шихгӏалиевалъ. — Гьанир цӏалун динияб лъай щварал руччабаз бачӏунеб гӏелалъул ясаздаги гӏелму малъилин абураб хьулги букӏана. Ракӏалда букӏахъе гӏицӏго исламиял гӏелмабазда тӏадчӏезе рес ккечӏо. Гьеб анищ тӏубачӏо, ясал жанир рукӏине общежитие гьечӏолъиялъги.

Нилъер республикаялда исламиял гӏелмабазда тӏадчӏарал, шаргӏиял хӏукмаби гъваридго лъалел руччаби къанагӏат гурони дандчӏваларо. Дица цӏех-рех гьабуна гьединал руччабазул хӏакъалъулъ. Кӏиго чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ гурони баянал щвечӏо. «Хӏакъикъат» газеталда батана Шагӏбан-къадил ясалъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Инсуца малъун буго гьелда исламияб гӏелму. Гьединго республикаялъул архивалдаги батун букӏана исламияб лъай щварай цо гӏаданалъул хӏакъалъулъ.

Хадуб хӏукму ккана бачӏунеб гӏелалъе динияб тарбия кьолел ясал куцазе «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» гӏуцӏизе. Гьаниб ясазда Къуръанги, фикъгьиги, рукӏа-рахъине кколеб къагӏидаги, берцинлъиялъул ва сахлъиялъул балъголъабиги, медицинаги, богогьанлъиги, рукъариги ва цогидалги, ай чӏужугӏаданалъе чара гьечӏого хӏажатал, лъазе кколел жал малъула. Нижер «Рухӏияб берцинлъиялъул школалдаса» къватӏире риччала исламияб лъайги бугел, лъикӏаб тарбияги щварал рукӏинесел улбул».

«Муслиматалда» хӏафизалги куцала Кӏудияб асар гьабуна нижее гӏалимчи, хӏафиз Гӏумарасхӏаб Тӏалхӏатовасулгун ккараб гарачӏвариялъги. Гьал къоязда къватӏибе биччана Гӏумарасхӏабица гӏарабалдаса магӏарул мацӏалде буссинабураб ва тӏадежураял гьарун хъвараб «Кӏиябго рукъалъул талихӏ» абураб тӏехь. Гьеб тӏехь буго нилъер адабияталда букӏинчӏеб, цӏакъ къваригӏараб, чара гьечӏого щивав бусурманчиясул рокъоб букӏине рекъараб тӏехь. Гьелъ жанире рачун руго гӏемерал пайдаби, лъикӏлъаби, хиралъаби ва гьединго берцинал тӏабигӏатазде халкъ ахӏулеб гӏелму. Гьениб бицунеб буго ризкъи гӏатӏилъиялъе хӏалтӏизарулел нухазул, къиямасеб къо чӏеялъул гӏаламатазул, паризаял ва суннатал каказул, хириял къоязул хӏакъалъулъ. Тӏехьалда баян гьабулеб буго дунялалда ва ахираталда талихӏаллъун рукӏиналъе, балагьал нахъчӏваялъе, жужахӏалъул цӏаялдаса хвасарлъиялъе гьарулел гӏамалазул хӏакъалъулъ. Имам Хӏубайшиясул тӏехьалдаса магӏарул мацӏалде буссинабуралда тӏадеги, гӏадатиял гӏадамазда бичӏчӏулеб куцалда шархӏ гьабун буго Гӏ. Тӏалхӏатовас. Нижееги сайгъат гьабуна гьеб пайдабазул цӏураб тӏехь.

11 соналъ Сириялдаги цӏалун тӏадвуссарав Гӏумарасхӏабица тахшагьаралъул мадрасабазда чанго соназ дарсал кьолел руго. «Муслиматалъул» цӏалдохъабазе Къуръан рекӏехъе лъазабиялъул дарсалги лъола гьес.

Диниял руччабазул рукӏел, шайих Сагӏид-апанди чанго нухалда гьоболльухъ вачӏараб «Муслиматалъул» минаялда рекӏее парахалъиги, гӏодобе биччайги халлъана нижеда. Гьениб бугеб гӏадлу-низамги, берцинлъиги, диналде бугеб рокьиги бихьарав Сагӏид-апандица (къ.с.) Хадижатида абунги буго: «Гьадинал бакӏал Дагъистаналъул щибаб росулъ рагьизе бокьилаан дие», — ян абун. Байбихьудаса нахъе шайихасги гьесул лъади Узлипат-хӏажиялъги насихӏатал, малъа-хъваял гьарулаан жамгӏияб гӏуцӏиялъул руччабазе.

Канлъукъазда Къуръан цӏализе малъула

Дин цебетӏеялъеги чӏужугӏаданалъул гӏумру лъикӏлъиялъеги гьенир тӏоритӏулел тадбиразул ва данделъабазул бицана Хадижат Шихгӏалиевалъ. Гӏицӏго тахшагьаралда гуребги, батӏи-батӏиял шагьараздагун районазда рагьарал «Муслиматалъул» филиалазги рухӏияб тарбия кьун куцана гӏемерал руччаби.

Гьенир цӏалулел руго канлъукъал ва гӏинда бакӏал ясалги. Брайлил къагӏидаялъ хъвараб Къуръан цӏаларал ясал республика тун къватӏир тӏоритӏулел конкурсаздаги гӏахьаллъулин бицана Хадижат-хӏажиялъ. Ингушетия республикаялда канлъукъазда гьоркьоб тӏобитӏараб «Къуръан цӏалиялъул» къецалда тӏоцебесеб бакӏ ккурай «Муслиматалъул» цӏалдохъаналда киналго тамашалъун хутӏун рукӏанинги бицана гьелъ. Нилъер республикаялда гьединаб лъай кьолеб бакӏ, хасго жамгӏияб идара букӏинги нилъ рохизе ккараб хӏужа гьечӏищха.

«Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» ва жакъа Дагъистаналъул руччабазул рухӏияб рахъалъул бицана нижее Х. Шихгӏалиевалъ. Хъизан-лъимал хьихьизе, гьезие тарбия кьезе ккани исламиябги светиябги лъай щвезе кколин, гьединлъидал чӏужугӏадан кинабго рахъалъ цеетӏурай йикӏине кколин рикӏкӏуна гьелъ.

«Муслиматалъ» щибаб бащдаб лъагӏалие гӏуцӏула ва къватӏибе биччала руччабазе хасаб исламияб календарьги, батӏи-батӏиял игӏланалги, кантӏизариялги. Исламалда чӏужугӏаданалда лъазе тӏадал жалги, дугӏабиги, хӏадисалги, кантӏизарулеб каламги, назмабиги, рукӏарахъиналъулъ пайдаял малъа-хъваялги данде гьарун рукӏуна календаразда. Пандемия сабаблъун исана календарь къватӏибе биччан бажаричӏо.

Гьединго «Муслимат» гӏуцӏиялъ байбихьун букӏана «Нижер аманат» абураб лъималазул журнал къватӏибе биччазеги. Гӏарцул рахъалъ рес рекъечӏого гьеб биччазе ихтияр цогидазухъе кьезе ккана.

«Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан»

«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул минаялда жаниб чӏвараб игӏланалда хъван руго «Эбелалъул хӏатӏикь буго алжан» абурал рагӏаби. Гьебги бугин ккола бусурбабазул руччабазул гӏуцӏиялъул чӏужугӏаданалъул къимат борхизабиялъул мурадалда гьабураб ахӏи. «Муслиматалъ» гӏахьаллъи гьабула рухӏияб рахъалъ республикаялъул гӏаммал суалал тӏураялъулъги. Чӏужугӏадан-эбелалда хъатӏичӏого хутӏуларо жамгӏияталда кколел ругел лъугьа-бахъинал. Щайгурелъул щивав бахӏарчиясулги щивав такъсирчиясулги йигелъул эбел. Гьелъ кьураб тарбиялда бараб букӏуна гӏемерисеб мехалда инсанасул къисматги жамгӏияталда гьоркьоб гьес кколеб бакӏги. Гьединлъидал, руччабазул жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏемерал соназ кӏвар кьолеб буго чӏужугӏаданэбел рухӏияб рахъалъ куцаялде ва динияб лъай кьеялде. Гӏагарлъи-хъизамалда гьоркьоб маслихӏат букӏинабиялъеги квербакъула гьез кидаго. «Муслимат» гӏуцӏиялъул мурад ккола Дагъистаналда чӏужугӏаданалъул гӏумру лъикӏлъизаби, гьей росасулги гӏагарлъиялъулги къадру-асс борхизабулейлъун лъугьинайи.

Жакъа гьеб ккола Дагъистаналъул руччабазе бокьараб къоялъ мугъ чӏвалеб хӏубилъунги, бачӏунеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьолеб кӏалгӏалъунги, ресукъазе, къобухӏаразе кидаго битӏараб кумекалъулаб кверлъунги.

«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи рагьиялъе кьучӏ лъуна 1994 соналдаго Хадижат Шихгӏалиевалъ ва гьейго гӏадал халкъалъул гӏумруялъул ургъалица рахӏат толарел жамгӏиял хӏаракатчагӏи-руччабаз. Гьел ккола батӏи-батӏиял хъулухъазда рукӏарал, гӏадамазда гьоркьоб къадру-къимат бугел руччаби. Гьез лъураб кьучӏалда тӏегьана ва жакъа къоялде щвезегӏанги цӏияб къуватгун ва лъикӏалде божилъигун цебехун унеб буго Дагъистаналъул бусурбаби-руччабазул жамгӏияб гӏуцӏи.

«Муслимат» гӏуцӏиялда жанир батӏи-батӏиял соназда рагьана мадрасаби, исламияб университеталъул филиал ва гьеб гуребги цогидал хӏасил кьолел хӏалтӏабиги гьаруна. 2000-абилеб соналда гьениб рагьана руччабазе исламияб лъай кьолеб мадраса. Гьенире хьвадула анкьго сон барал гьитӏичалги 70 сон барал ригьалде рахарал руччабиги.

Хадижат Шихгӏалиевалъ бищунго анищаблъун рикӏкӏунеб гьанжесеб гӏелалъул ясазе рухӏияб тарбияги исламияб лъайги кьолеб, йикӏинесей эбелалда рукӏа-рахъиналъул адабалги малъулеб руччабазул «Рухӏияб берцинлъиялъул школа» хӏалтӏулеб буго 2006 соналдаса нахъе. Абизе бегьула гьеб школалъ эбел-инсуда тӏасан битӏараб тарбия кьеялъул ургъел босулеб бугин.

25 сон – исламалъул нухда

Дагъистаналъул регионалияб руччабазул «Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏи хӏалтӏизе байбихьаралдаса исана 25 сон тӏубалеб буго. Гьебщинаб заманалда жаниб Аллагьасе гӏоло гьабулеб жамгӏияб хӏалтӏулъ Хадижат Шихгӏалиевалда цадахъ рукӏана халкъалда гьоркьор жидер къадруги борхатал, исламияб дин цебетӏезабиялъулъ жидеца гӏахьаллъиги гьабулел диналъул вацалгун яцал.

Сахаватал гӏадамазул кумекалдалъун, 25 соналда жаниб жамгӏияб гӏуцӏиялъ гӏумруялде рахъинаруна чӏужугӏаданалъе, бесдал лъималазе квербакъиялъе ва цогидалги проектал. Гьеб гӏуцӏиялъулъ цолъарал батӏи-батӏиял халкъазул вакилзаби, цогидал диниял идарабиго гӏадин, экстремизмалде дандеги къеркьана. Жамгӏияб гӏуцӏилъун букӏаниги, «Муслиматалъ» Дагъистаналъул муфтияталъул гӏалимзабазда цӏехон гурони динияб рахъалда хурхарал ишалги гьаруларо.

«Муслимат» жамгӏияб гӏуцӏиялъул хӏалтӏи байбихьулелъул кӏудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналъул рухӏиял церехъабаз ва ресалда ругел гӏадамаз. Гьеб кири цӏикӏкӏараб жамгӏияб хӏалтӏуде яхӏ-къадру бугел гӏемерал руччаби недегьго ахӏана «Муслиматалъул» хиси гьечӏей председатель Хадижат Шихгӏалиевалъ.

Лъимал – Аллагьасул аманат

«Рухӏияб берцинлъиялъул школалда» цӏалулел ясазе жидергоги жидер хъизамалъулги гӏумру берцин гьабизе хӏажалъулеб лъай щвезе киналго квегӏенлъабиги ресалги чӏезарун руго «Муслиматалда». Гьенибго буго исламияб лъай кьолеб «Аманат» абураб лъималазул центрги. Жидерго лъималазул лъималгун цадахъ чӏахӏияб ригьалъул руччабиги рачӏуна гьенире Къуръан цӏализе, щибаб рузман сордоялъ данделъула аварагасде (с.т.гӏ.в.) свалат битӏизе, зикру бачине.

Щибаб соналъ тӏобитӏула шайих Сагӏид-афанди (къ.с.) ракӏалде щвезавиялъул хӏурматалда Къуръан рекӏехъе лъалел ясазда гьоркьоб республикаялъулаб къецги. Гьенир гӏахьаллъизе рачӏуна нилъер улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса диниял хӏаракатчагӏи.

«Рухӏияб берцинлъиялъул школалъул» цӏалдо хъабаз ва хӏафизаз гӏахьаллъи гьабула республикаялда ва гьеб бахун къватӏир тӏоритӏулел Къуръан цӏалиялъул, как битӏун баялъул, хирияв Мухӏаммад аварагасул (с.т.гӏ.в.) гӏумру лъазабиялъул рахъалъ къецаздаги.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА, Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА