21 апрелалда Владимир Путиница хитӏаб гьабуна РФялъул Федералияб Собраниялде.
Улкаялъул бетӏерас хитӏаб байбихьана коронавирусалда сверухъ бугеб ахӏвал-хӏалалъул бициналдалъун. Ракӏалде щвезабуна 2020 соналъ гӏемерав чиясе ккараб къварилъи. Баркала кьуна тохтурзабазе, Роспотребнадзоралъул, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабазе. Бицана гьанже аслияб жо бугин кинавго чияс вакцина гьаби. Хасго рохизе ккараб хӏужа бугин ковидалде данде 3 батӏияб вакцина улкаялда хӏадур гьаби.
Халкъалъул рукӏа-рахъиналъулги социалиял масъалабазулги бицунелъул тӏадчӏей гьабуна гӏисинал лъимал ругел улбузда кверчӏвазелъун чанго программа хӏадуризе букӏиналда. Эбел яги эмен гьечӏел хъизамалда гӏолеб лъимадуе, ай 8-16 сонил ригьалда ругезе кьезе буго щибаб моцӏалъ 5600 гъурущ. Кумек гьечӏого хутӏарай лъимаде йигей эбелалъеги щибаб моцӏалъ кьезе буго 6360 гъурущ. Школалде унел лъимал ругеб ва исана тӏоцебесеб классалде лъимер унеб хъизамалъеги августалда кьезе буго 10000 гъурущ.
Росабалъ ва шагьаразда ругел музеялгун клубал къачӏазе 24 млрд. гъурущ биччазе бугинги абуна В. Путиница. Гьединго лъабго соналда жаниб регионазе кьезе буго «Хехаб кумекалъул» 5000 машинаги. Гьезда гьоркьоса 123-яб щвезе буго нилъер республикаялъе.
Президентас лъазабуна кодор лъималгун поликлиникабаздаги больницабаздаги иргаялда улбул чӏезе тӏамулеб къагӏидаялъеги ахир лъезе бугин.
Гьединго лъазабуна рукъалда аскӏобе газалъул мухъ бачаралъухъ бетӏергьабазухъа гӏарац босулеб къагӏидаги лъугӏизабеян.
Улкаялъул бетӏерас бицана цӏалул тӏахьазул хӏакъалъулъги. Гьес абуна жинда кинго бичӏчӏизе кӏолеб гьечӏин гьел тӏахьал хъвалел щалали ва кир цӏаларал чагӏияли. Цебе ккараб жо хъван батулеб бугила гьезда.
Ашахан ЮСУПОВ