Республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасда ракӏалда буго гӏадамазул яшавги, къварилъи-гӏатӏилъиги бихьизе батӏи-батӏиял районазде сапарал гьаризе. Масала, гьединаб мурадгун гьев щвана Дагъистаналъул югалъул рахъалда ругел шагьараздегун цо чанго районалде. Дандчӏвана гӏадамалгун, хал гьабуна ралел школазухъ, больницабазухъ, ясли-ахазухъ, росдал магӏишаталъул ва цогидалги социалиял идарабазул хӏалтӏухъ.

Байбихьуда щвана Дербент районалъул Хъала росдал фельдшеразулгун акушеразул пункталде. Гьелъул хӏалтӏухъабазулгун гара-чӏвариги гьабуна.

Гьебго къоялъ республикаялъул бетӏер щвана Низами Гӏалиевасул цӏаралда бугеб цӏибил гӏезабулеб предприятиялдеги.

Мамедхъалаялде щведал, Меликовасда бихьизабуна ясли-ах ва гьоркьохъеб школа. Росдал гӏадамаз бицана жидерго къварилъи-гӏатӏилъиялъул хӏакъалъулъ. Масала, спортивияб зал базе ракь щолеб гьечӏин, цӏад банщинахъе нухал холин.

Меликов щвана ДагъОгни шагьаралдеги. Балагьана цӏияб поликлиникаялъул бугеб хӏалалъухъ ва шагьаралъул архитектуриябгун тарихияб музеялъухъ.

Шагьаралъул гӏадамазул аслиял гӏарзал рукӏана лъеда, газалда, токалда хурхарал суалазда тӏасан.

ДРялъул бетӏер щвана «Дагестан Стекло Тара» абураб цӏер къотӏулеб заводалдеги. Гьелъул нухмалъулев Патахӏудин Мухӏамадовас бицана гьениб гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ ва абуна Чехиялъул Sklostroj фирмаялъулгун къотӏи-къаял гьарулел ругин цадахъ рекъон хӏалтӏи гьабиялъе.

Цинги республикаялъул нухмалъулес сапар бухьана Табасаран районалде. Щвана Хучниялда бугеб «Анкьго вацасул ва цо яцалъул» цӏаралда бараб хъаладухъе. Гьениб Меликовасда бицана тӏансаби рессизе ругьун гьарулеб школа районалда цебеги букӏанин, гьанжеги бугин. Амма къваригӏун бугин гьел ричизе бакӏ. Къватӏисел улкабазул гӏадамаз нилъер тӏансаби гъираялда росулин ва гьеб иш рукӏалиде ккезабиялъе кумек гьабейин абун.

Нахъисеб къоялъ, ай 18 апрелалда Меликов щвана Мухӏарамкент районалъул Дружба ва Мухӏарамкент росабалъе. Гьениб бан бахъунеб бугеб школаги, 60 гьитӏичасе бакӏ бугеб цӏияб ясли-ахги бихьизабуна гьесда.

Жепел росулъе вачӏарав гьев щвана «Сад» абураб КФХялде. 150 гектаралда гьелъ чӏараб гӏечул ахалъухъги хал гьабуна гьес.

Догъузпара районалде вачӏиндал, гьев щвана биххун иналда хӏинкъи бугеб школалде. 350 чияс бакӏ бугеб цӏияб школа хӏажат бугин бицана бетӏерасда школалъул директорас. Кумек гьабизе рагӏи кьуна Меликовасги.

19 апрелалда С. Меликов щвана Сулейман-Стӏал ва Хив районазде. Дандчӏвана росабазул гӏадамалгун, гӏенеккана гьез бицунеб-толелъухъ.

Югалъулаб Дагъистаналде С. Меликовас гьабураб сапаралъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна политолог Альберт Эседовас:

-Республикаялъул бетӏерас битӏун абуна югалъулаб Дагъистаналъул цо-цо районал ахирал соназда тӏалъиялда кӏочон тун рукӏанин. Гьелъул хӏакъалъулъ чанго нухалда хъван букӏана дицагоги. Масала, предпринимателазе щибаб соналъ гранталъулаб гӏарац биччалелъул, республикаялъул югалъулаб рахъ кӏочон толаан. 2014 соналда 110 миллион гъурщил багьаяб 455 гранталда гьоркьоса гьенибе (Юждагалде) ана гӏицӏго лъабго грант – 700 азарго гъурущ. Гьелъул хӏакъалъулъ ахӏи бахъинабидал, грантал кьеялъул система тӏубанго чӏезе тана.

Лъикӏаб иш гьабуна Меликовас. Май моцӏалъ гьединалго сапарал цогидал районазде гьаризе ругинги лъазабуна гьес.

Ашахан ЮСУПОВ