Гӏабдурахӏман Данияловасул гӏагарай гӏадан йикӏин жинца гӏадамазда лъазецин толароанин бицана Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун йигей Ругъжаса Чупан Мажидовасул яс Патӏиматица. Живго Чупанги Гъуниб районалъул нухмалъулесдаса байбихьун рохьил магӏишаталъул министрасде щвезегӏан батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏарав чи вуго. Патӏиматил эбел Зада кколаан Гӏабдурахӏман Данияловасул яцгӏал. Даниялов хун анцӏго моцӏидасан гьавурав васасда Гӏабдурахӏман абун цӏарги лъун буго Патӏиматица. Даниялов хвараб соналъ Ругъжав гьавурав 18 васасдаги лъун буго Гӏабдурахӏманил цӏар. Гъоркьехун кьолел руго Гӏабдурахӏманил хӏакъалъулъ Патӏиматил ракӏалдещвеял.

РАКӏ ХВЕЧӏЕВ ЧИ ВУКӏИНЧӏО

Гӏагарлъиялъе гуребги, росдаего кутакалда къиматав чи вукӏана гьев. Нижер тухумалъулго рекӏел тӏегь тӏуна гьев хведал. Хасго яс Забида йикӏана цӏакъ тату хун. Гӏабдурахӏман хун кӏиго лъагӏел сверилалдего хвана гьесул лъади Хадижаги.

Гӏабдурахӏман вукъизе Авар театралдасан восана Таргъуялде. Мавзолеялде гӏадин бакӏарун гӏаламги букӏана гьениб. Гьенисан лъелго рачӏун, буртинаги тӏаде рехун бачӏунеб гьесул жаназа пединституталда цебе щведал, студентаз накаби чӏвана рахъун нухдегун. Гьеб мехалда байбихьана щенезе цӏадги, щун букӏана бакъги. Цинги хабзалалъ кӏалъазе рагӏи кьуна комсомолалъул хӏалтӏухъан Хӏамид Хӏамидовасе (хадув финансазул министрлъун вукӏарав). Амма гьев васасда кӏвечӏо рагӏи абизе, гӏодана. Гьединго рукӏана цогидалги.

Нижер эмен гӏезегӏан кьварарав чи вукӏана. Гӏабдурахӏман хванин рагӏидал, агьиялда гӏодана гьевцин.

«ДЯДЯ — БАРХАТНЫЕ РУЧКИ»

Гӏабдурахӏман тӏаде вачӏиндал, нижер эбел гергуби разе лъугьунаан кидаго. Цӏакъ рокьулаан гьесие гьел. Хъутаналдаса бачӏараб бакъвараб нисуги хӏарун, гъорлъе картошкаги жубан гьарулел цӏурачадазда абула нижеца гьедин. Цӏурачадалги росун зама-заманалдаса эбелалъ гьесул рокъоеги йитӏулаан дун.

Лъималазеги цӏакъ вокьулаан Гӏабдурахӏман – гьев вихьидал, данде екерун унаан дун, гьитӏинай чӏужу. Квасквас гӏадал тамахал кверал рукӏана гьесул. «Дядя — бархатные ручки» абун лъун букӏана дица гьесда цӏар. Амма Хӏажигӏали вачӏунеб мехалда, лъимал гьесдаса тӏурулаан, щайгурелъул, мугӏрул къан, гӏундул кьурун, хӏинкъизарулаан гьес ниж.

Гӏабдурахӏман цо-цо сталинский кительги къварщ-къварщи бахъунел чакмабиги ретӏун вачӏунаан. Лъималазе берцинаб мацӏ бицинеги лъалаан. Дагьал кӏудиязда бикьикьабгӏиялъул таблицаги гьикъулаан.

Гьединлъидал чӏахӏиязеги гӏисиназеги асар гьабулаан Гӏабдурахӏманица. Доб мехалда министрасул хъулухъалда вукӏарав дир эмен Чупангицин чӏолаан лъимер гӏадин гьесухъ балагьун.

Цо-цо тӏамурги хъвалаан гьес. Бакъан тӏамиларебищин дидаги абулаан. «Къо-лъикӏ, Гъуниб, къо-лъикӏ, Гъуниб» абун, Муи Хӏасановалъул къагӏидаби гьарулей йикӏунаан дун гьитӏинаб мехалда. Гьелдаса цӏакъ кеп щолаан гьесие. Бакъан тӏамилаанинха, Муил гӏадаб жергъен букӏарабаниян абуна дица. Гьеб мехалда гьитӏинаб жергъенги бачӏун букӏана гьес дие.

Кутакалда хӏурмат гьабулаан лъади Хадижалги. Гьелъие гӏоло жинца азбар розабазул цӏезабунин абулаан гьес. Жинцаго хъулухъги гьабулаан гьезие. Цо нухалда школалде росизе розабазул квацӏи кьуна Гӏабдурахӏманица дие. Цинги, кодор ккун гьелгун, дун рокъое щвезавизе вилълъана гьев Родопалъул бульвар къотӏун. Гьесул мина Марковасул къотӏноб, нижераб Буйнакскиясул къотӏноб букӏана. Гьеб мехалда гӏисинал батӏалъи гьечӏого, паркалда шахматал хӏалел чӏахӏиял батӏалъи гьечӏого, Гӏабдурахӏманида данде рачӏунел рихьидал, гӏажаиблъун хутӏана дун. Хасго ракӏалда чӏана кьурарал михъазул чи. Буденный ватилин ккун букӏана дида гьев. Хъара Хъараев вукӏун вуго. Гьедин гӏадамазда гьоркьов вугев чи вукӏана Гӏабдурахӏман.

ХАДИЖА

Хадижал цӏар бахъун букӏаго абилин, гьей кколаан Чӏохъа Муртазагӏали Нахибашевасул яс.

Ара-араб бакӏалдаса Гӏабдурахӏманица духаби рачӏунаан гьелъие. Дир инсуца эбелалъе гьединал сайгъатал гьаруларин, гьелда гӏажаиблъун йикӏунаан дун. Цинги Хадижаца бахъун бачӏана «Красная Москва», эбелалъе босеян. «Каир» абураб духи диеги кьуна. Гьеб мехалда бицун букӏана Хадижаца дие Гӏабдурахӏмангун жал кин данделъаралали. Цӏодорав жоги вугилан, Чӏохъ интернат лъугӏун хадуб, Шураве гӏелму цӏализе витӏула нижер кӏудияй эбелалъ гьев.

Больницаялдайищ йихьун йикӏараяли, тӏоцее гьений халлъула Гӏабдурахӏманида Хадижа – чини гӏадаб гьумералъул, халатал гъалазул, берцинай гӏолохъанчӏужу. Цинги багьанадуй букӏине, квартӏица жиндирго килищги бухун, гьорораб гьеб бихьизе гьезул рокъове уна гьев. Гьедин жидер кӏиязулго берзул балагьи данде кканин бицунаан гьелъ. Хадуб гьез цоцахъе кагътал хъвалаанила гӏараб мацӏалда. Росулъ мадрасаялда цӏалун лъалеб букӏун буго Гӏабдурахӏманида гьеб. Хадижадаги лъаларищха — бечедаб, цебетӏураб хъизамалдаса ясалда.

Гьединаб машгьураб хъизамалдаса йикӏиналъ бесдалав абун Гӏабдурахӏмание кьелариланги ккун батила, Буйнакскиялдаса Махӏачхъалаялде унеб поездалдеги рахун, лъутаралха гьел кӏиялго Москваялде. Хадуб кӏудияй эбелалъ жиндирго ресалда рекъон, багӏаргьоло, бакъвараб гьан, гӏакдал нах лъун, Москваялде посылкаби ритӏулел рукӏун руго гьезие. Байбихьуда Хадижал хъизан батӏакӏанцӏун чӏун букӏун буго цохӏо йигей яс эбел-инсудаги лъачӏого, лъутун унилан. Амма хадуб бичӏчӏун бугоха гьезда Даниялов щивали.

Дир ригьин гьабулеб мехалда Гӏабдурахӏманица абурабги бицинин. Дир эмен Гъунив райкомалда хӏалтӏулеб мехалда райпоялъул председательлъун вукӏарав Бухтиса Мухӏамад вачӏана васасе дун гьаризе. Воре, воре, жидеца ясал къватӏире кьоларин лъугьана дир эбел. Гьеб мехалда Гӏабдурахӏманица абуна жинца Чӏохъа яс хъамун ячараб мехалда, гьарун рачӏарал Бухтиса чагӏазе кьезе бегьулила ругъеждерил ясги.

БУЧАЕВАСУЛ БАРКАЛА

Гӏабдурахӏманица дагъистаниязе гьабурабщинаб лъикӏлъиялъул бицине лъугьинаро дун гьаний. Амма Хӏамид Бучаевас (ДГУНХалъул экс-президент – авт.) дие бицараб жо рехсечӏого гӏоларо.

Данияловас направлениеги кьун, витӏун вугоан гьев Москваялде халкъияб магӏишаталъул институталде цӏализе. Тӏадежоялъе, жиндирго Митхӏад абурав васасул чакмабиги, тӏагъурги, курткаги кьун буго Бучаевасе, Москваялда кутакаб цӏорой букӏунилан. Жаниб Норвегиялъул квасги бугел багьаял жал рукӏун руго гьелги. Гьа, Митхӏад, нилъер гьанир гьединаб кьварараб хасел букӏунарин, букӏани, дуе нахъеги росизе бегьилин гьелилан абун буго гьес васасда. Гьеб киналдаго цадахъ рюкзак цӏун бакъвараб гьанги кьунин, кодоб гӏарацги лъунилан магӏил цӏун бералгун бицана Бучаевас. Бесдалав хӏисабалда гьесие Дагъистаналдасан стипендияцин гьабун букӏун буго Гӏабдурахӏманица.

Дир рекӏелъ къараб жо буго Гӏабдурахӏман хун кӏикъого сон индалги, гьесул гӏумрудул магӏнаги лъачӏого, къиматги гьабичӏого, интернеталдасанги цогидалъусанги хӏапдолел цо-цо нилъерго гӏадамал рукӏин. Яги миллатчилъи, ялъуни лъавукълъи ккола гьеб. Гьединлъидал Гӏабдулатӏип Хӏажиевасе кӏудияб баркала буго Гӏабдурахӏманил рахъалъ киса-кибго кьучӏаб рагӏи абулеб букӏиналъухъ. Гьевги, мунагьал чураял дир эменги (Чупан Мажидов – авт.) Дибир Мухӏамадовги кидаго гьесул хьолбохъ, цадахъ рукӏунаан. Лъабалгоги рукӏана министраллъун.

МУЗЕЙ

Шагьар бакьулъ бугеб Данияловасул мина я жанир чагӏи гурого, яги музей гьабичӏого, чӏунтизе тун буго. Валлагь, микьго судалде хьвадана дун, гьеб мина нахъе тӏалаб гьабизе къваригӏун. Сагӏид Амировасул заман букӏана доб. Судалъ абуна цебе муниципалияб ясли-ах букӏанила гьениб, гьединлъидал муниципалитеталъухъе тӏад буссинабизе кколилан. Гьанжесел хъулухъчагӏазул гӏадаб хӏатталдаса ун чӏухӏараб минаги гьеб букӏинчӏо. Ругъеждерил цӏулал устарзабаз гьарурал полкабазда лъурал тӏахьазул цӏезабун букӏунаан жанисан.

Дир кӏудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикӏана Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил лъади. Хӏамзат абун васги вуго гьезул гьабсагӏаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букӏун гьечӏо гьел халатккун цадахъ рукӏине. Ратӏалъун хадув, Махӏач унтана, цинги хвана.

Дир кӏудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикӏана Гӏабдурахӏманил вас Махӏачил лъади. Хӏамзат абун васги вуго гьезул гьабсагӏаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букӏун гьечӏо гьел халатккун цадахъ рукӏине. Ратӏалъун хадув, Махӏач унтана, цинги хвана.

Махӏачида тӏад букӏана гьеб мина. Гьев хун хадуб гьесул вас Хӏамзатие хутӏизе ккелароанищха гьеб. Гьанже нужер заман анин, щвезе течӏо гьесие гьеб. Гьелъ ракӏги бекун, Москваялда Хӏамзатги чӏана. Магӏарулаз гьанже музейниги гьабизе бегьилаан гьениб. Амма архиваздаса гьелъул документалги тӏагӏинарун руго.

КЪУН ЩВАРАБ БЕРГЬЕНЛЪИ

Дица цо нухалда классцояв вухун вукӏана. Гьитӏинай гӏаданалда, дида гьесул миллатги-жоги щибха лъалеб. Министрасул ясалъ, магӏарулалъ, жугьутӏазул вас вухун вугилан Данияловасде щвараб кутакаб ахӏи-хӏур бахъана. Гӏабдурахӏманица дида берцинго бичӏчӏизабулеб букӏана дуца гьев Еремеевасда тӏаса лъугьаян абизе кколин, гьел таталги нилъер мадугьалзаби ругин. Гьединлъидал нилъеца жугьутӏаздехун кӏудияб хӏурмат бихьизабизе кколилан.

Ругъеждерилабги гьабун, тӏирун чӏеларищха дунги – гъов мекъав вукӏанин, вихьулеб бакӏалда ватани, цоги нухалда чухӏулин дица гъовилан. Цинги Гӏабдурахӏманица абуна мун жиндие цӏакъ йокьулей ясги йигила, амма мун сабаблъун жинде гӏайиб гьабизехъин бугила. Дуца политический поступок гьабун бугила.

Гьанже ургъана дун, тӏаса лъугьин гьарани, къурайлъун ккеларищ абун. Гьеб мехалда Гӏабдурахӏманица абуна бергьараб къеялдаса къураб бергьенлъиго лъикӏилан. Хадуб рокъоб инсулгунги ккана гьелда тӏасан хабар. Инсуца абуна мун ягъугейила, амма ягъани, къезе чӏогейила.

Зульфия ХӏАЖИЕВА