2021 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе Россиялъул регионазда 37 сон барал лъималазе социалияб пособие кьеялъул къагӏида хисана. 2020 соналъул риидал, ай пандемиялъул заманалда, лъазабун букӏана пособие кьезе бугин ресукъал хъизамазейилан абун. Июлалъ бихьизабураб пособие январь моцӏалдаса нахъего рикӏкӏун (перерасчетги гьабун) кьунги букӏана. Гьеб кьолаан официалияб харж бачӏунарел яги гьелъул къадар дагьал хъизамазул лъималазе. Официалияб харж щолезул хъизамазул рокъобе бачӏунеб гӏаммаб хайиралъул къадар хъизамалда ругелщиназул къадаралдеги бикьун, гьезул щивасе гӏумру гьабизе бихьизабураб роцадаса цӏикӏкӏун батани, лъимадуе пособие кьолароан. Официалияб гуреб хайирги щолел, кӏикӏи минаги, гӏураб малмулкги бугел хъизамазул лъималазеги кьолаан пособие. Гьеб хӏужаги хӏисабалде босун, 2021 соналдаса нахъе пособие кьеялъул къагӏида хисизабуна.
Кинал хъизамазеха гьеб цӏикӏкӏинабизе бугеб яги лъие кьезе гьечӏеб?
Официалияб харж букӏине ккола
2020 соналда 37 сон барал (8 сон тӏубараб къоялде щвезегӏан) лъималазе бачӏунаан регионалда бугеб гӏумру гьабиялъе хӏажатаб гӏарцул къадаралъул бащдаб бутӏа. 2021 соналъул январалдаса нахъе гьеб кьезе буго гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралъул 75100 процент хӏисабалде босун.
Цӏиял низамазда рекъон, льготниказе щолеб харжалъул гуребги, гьезул бетӏергьанлъиялда бугеб минаялъул, квартираялъул, машинаялъул ва цогидалъулги хӏисаб гьабулеб буго. Гьеб низамалда рекъон, ресукъал хъизамаздаса лъималазе пособие кьолелъул гьезул хъизамалъе кинабгӏаги харж бачӏунгутӏиялъеги гӏиллаби цӏехолел руго. Гьелда рекъон, цоцо хӏалтӏи гьечӏел хъизамаздаса 37 сон барал лъималазе пособие къотӏизабизеги бегьула. Хӏалтӏи гьечӏел ва ресукъал хъизамазул лъималазе пособие кьезе инкар гьабиялъул магӏна щиб?
Гьел ва цогидал суалалги рорхун, нижеца гарачӏвари гьабуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Ирада Хӏажиевалъулгун.
-2021 соналдаса нахъе 37 сон барал лъималазе пособие гӏицӏго хӏалтӏулел хъизамазул яги кинаб букӏаниги харж бачӏунел, хайир щолел гӏадамазул лъималазе гурони щвезе гьечӏин бицунеб жо уяб бугищ?
Бачӏунеб харжалъул къадар, хъизамалдаго гьоркьоб бикьун, щивасе гӏумру гьабизе гӏураб къадаралдаса цӏикӏкӏунеб гьечӏони, гьезул 37 сон барал лъималазе пособие кьола. Аслияб жо буго гьев чиясул официалияб харж (доход) букӏин. Гьеб харжалда гъорлъе рикӏкӏуна:
захӏматалъулаб яги творческияб пишаялдаса щвараб хайир (авторлъиялъул гонорар ва гь.ц.);
предпринимательлъиялъул ишалдаса щвараб хайир, самозанятыязе щвараб хайир;
пенсия;
стипендия.
Жакъа республикаялда цо чиясе гӏумру гьабиялъе хӏажатаблъун бихьизабураб гӏарцул къадар 10628 гъурущ буго. Хъизамалъул доход, тӏатӏалаги рехун, хадуб 12 моцӏалдеги бикьун бачӏараб къадар хъизамалда ругезул къадаралдеги бикьун щивасе 10628 гъурщидаса цӏикӏкӏун бугони, нижеца гьезие инкар гьабула. Гьелъулги хал гьабула пособие щвезе жанибе гӏарза кьуралдаса ункъо моцӏалъ цебе букӏараб лъагӏалил харжги хӏисабалде босун. Масала, исана апрель моцӏалда 37 сон бараб лъимадул эбелалъ яги инсуца пособие щвеялъе гӏарза кьуни, 2019 соналъул октябрь моцӏалдаса нахъе 2020 соналъул ноябралде щвезегӏан хъизамалъего щолеб букӏараб хайиралъул хал гьабула. Гьеб хайир щвезе кколезулъе рикӏкӏуна эбелэмен, гьелгун цадахъ гӏумру гьабун ругел 1823 сон барал лъимал (жидерго хъизан гӏуцӏичӏел). Хъизам хьихьизе кколел эбел ва эмен хӏалтӏунгутӏиялъе гӏиллаги букӏине ккола. Гьелда абула «правила нулевого дохода» абун.
Хӏалхьиялда чӏеялъеги гӏилла цӏехола
— Кинаб гӏилла рикӏкӏунеб кӏвар бугеблъун?
Хӏалтӏуларел ва кисагӏаги хайир рокъобе бачӏунарел хъизамазул эбелалъул яги инсул гӏарза къабул гьабизе бегьулел гӏиллаби чанго руго. Масала:
сакъатлъи бугеб лъимада хадуб хъулухъ гьаби;
80 сонил ригьалда вугев яги сакъатав чиясда хадуб хъулухъ гьаби;
лъабго моцӏидаса цӏикӏкӏун унтун вукӏин (гьеб документаздалъун тасдикъ гьабун бугони);
лъабго сон базегӏан лъимада хадуб (эбелалъ яги инсуца) хъулухъ гьаби;
хӏалтӏи цӏехолеб бакӏалда (ЦЗН) хӏисабалда вукӏин (хӏалтӏи цӏехолезда гьоркьор анлъго моцӏидаса цӏикӏкӏун рукӏинеги бегьуларо);
эбел гьечӏого инсуца яги эмен гьечӏого эбелалъ жинцаго лъимал хьихьулел рукӏин;
гӏемерал лъимал (3 ва цӏикӏкӏун) ругеб хъизамалда эбелалъ яги инсуца (цояз) лъималазда хадуб хъулухъ гьабулеб бугони;
эмен яги эбел туснахъалда рукӏин (эркенлъудаса хадуб лъабго моцӏги хӏисабалде босула);
армиялда хъулухъ гьаби ва гьелдаса хадуб лъабго моцӏил демобилизация.
Гьединал, инсанасул гӏумруялда хурхарал гӏиллаби ругезул лъималазе пособие кьезе нижеца инкар гьабуларо. Рехсарал гӏиллабазул чангояб бугони ва 10 моцӏидаса цӏикӏкӏун заманалъ гьеб ахӏвалхӏалалда вукӏун ватани, гьесул рокъобе харж бачӏунеб букӏун батичӏониги, гьесул 37 сон бараб лъимадуе пособие кьола. Нижеца инкар гьабула хъизамалъул хӏалтӏизе бажарулев цогӏаги чиясе харж бачӏунеб гьечӏони (нулевой доход). Харж бачӏунгутӏиялъе кӏвар бугеб гӏилла батани кьола гьезул хъизамалъе пособиеги. Пособие щолеб ригьалъул лъимал ругеб хъизамалъул кӏиго яги цӏикӏкӏун квартира, мина ва цогидаб мулк ва бечелъи бугони, гьединаб хъизамалъеги инкар гьабула. Масала, пуланаб хъизамалъул кӏиго квартира бугони, гьезул квадратура хъизамалъул щивав чи рикӏкӏун 24 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун батани, гьединазеги пособие кьезе инкар гьабула. Кӏиго мина бугони, масала, цояб мина пособие щвезе гӏарац кьурав чиясда тӏад бугони, цогидаб минаялъулъги гьесул бутӏа бугони, живго бетӏергьанаб минаялъулги, гьесул бутӏа гъорлъ бугеб минаялъулги квадратура тӏатӏала жубан, хъизамалъул щивав вакиласе 40 квадратияб метралдаса цӏикӏкӏун кколеб бугони, гьезиеги пособие кьоларо.
Мулкракь гуребги, цогидаб хьвадулеб мулк кӏиго яги цӏикӏкӏун бугониги, гьев чи рес бугевлъун рикӏкӏуна ва гьединазул лъималазеги пособие кьезе инкар гьабула. 250 чол къуваталъул машина бугеб хъизамалъе инкар гьабула, амма гьеб хъизамалда лъабго яги цӏикӏкӏун лъимал ратани, гьединазул гӏарза къабул гьабула.
Рес бугезул лъималазе кьолеб гьечӏо
-Цебеккун пособие бачӏунел рукӏарал хъизамазул вакилзабазе харж бачӏунгутӏиялъе тӏадехун дуца рехсарал кӏвар бугел гӏиллаби гьечӏони, гьезие пособие гьоркьобищ къотӏизабулеб?
Гӏарза кьураб къоялдаса нахъе лъагӏел сверизегӏан бачӏуна лъималазе пособие. Лъагӏел индал, цӏияб гӏарзаги кьезе ккола. Харж бачӏунгутӏиялъе кӏвар бугеб гӏиллаги гьечӏеб яги малмулк цӏикӏкӏараб, 2020 соналъул июль моцӏалда гӏарза кьураб хъизамалъе 2021 соналъул июлалде щвезегӏан бачӏине буго пособие. Гьелдаса хадуб мустахӏикъаб хъизамалъул лъималазе гурони кьезе гьечӏо пособие.
Пособие кинал хъизамазе цӏикӏкӏинабизе бугеб?
Исана регионалда лъималазе гӏумру гьабиялъе гӏураблъун рикӏкӏуна 10753 гъурущ. Гьелъул бащалъи, ай 5378 гъурущгун 50 капек бачӏуна, 50 проценталъул къадаралда пособие бихьизабурал хъизамазул лъималазе. Гӏумру гьабиялъе хӏажатаб къадаралдаса дагьаб харж щолел хъизамазе 75 процент кьола. Кӏвар бугеб гӏиллаги букӏун харж бачӏунарел яги гьеб цӏакъго дагьаб къадаралда бачӏунел хъизамазул лъимадуе 100 процент, ай 10753 гъурущ кьола.
-Анкьго сон бараб лъимадул эбел Мухӏамадова Патӏиматица редакциялде битӏун бачӏана гьадинаб суал: «Гъоркьисала 37 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе хъвараб нижер гӏарза къабул гьабичӏо, нужер ункъо чи вугеб хъизамалъе бачӏунеб харж регионалда гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралдаса цӏикӏкӏараб бугинги абун. Гьебго заманалда дир росги хӏалтӏудаса нахъе витӏана, дие бачӏунеб харжги дагьлъана. Исана дир гӏарза къабул гьабулищ ва нижер харж дагьлъун букӏин хӏисабалдеги босун, цӏияб къагӏидаялда рекъон цӏикӏкӏинабураб къадаралда кьолищ?» абун.
Гьезул лъимадуе пособие кьола гӏарзаги кьун гьеб къабул гьабураб къоялдаса нахъе. Гьезул хъизамалъе бачӏунеб харжалъул къадар ункъидеги бикьун щивасе гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадаралдаса дагьаб батани хӏукму гьабула 50, 75 яги 100 проценталъул къадаралда кьезеги. Масала, ункъо чи вугеб (эбелэменги кӏиго лъимерги) хъизамалъе моцӏида жаниб 30 000 гъурущ бачӏунеб букӏун батани, гьеб гӏарац бикьула ункъиде. Гьединаб къагӏидаялда хъизамалъул щивав чиясе 7500 гъурущ кколеб буго. Нилъер республикаялда щивав чиясе гӏумру гьабиялъе бихьизабураб къадар 10628 гъурущ кколелъул, мисалалъулъ рехсараб хъизамалъе 37 сон базегӏан лъималазе кьолеб пособие цӏикӏкӏинабула.
-Цӏикӏкӏараб къадаралда пособие щвезе мустахӏикъал хъизамаз, перерасчет гьабизе гӏарза кидаялде щвезегӏан кьезе бегьулеб?
Тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе къабул гьабулел руго пособие цӏикӏкӏинабиялъе гӏарзал. 2021 соналъул ахиралде щвезегӏан къабул гьарула гьел. Масала, 2020 соналъул 15 июналда гӏарза хъван букӏараз, цӏикӏкӏараб къадаралда пособие щвезе бокьани, перерасчет гьабиялъе гӏарза хъвазе ккола июнь моцӏ бакьулъе щвелалде. Тӏоцебесеб гӏарза хъваралдаса лъагӏел сверилалде, цӏияб законалда рекъон, цӏикӏкӏараб къадаралда (75, 100 процент) пособие щвезелъун гӏарза хъваразе перерасчет гьабула 2021 соналъул январь моцӏалдаса нахъе. Кӏочене бегьуларо нужеца гӏарза хъван букӏараб заманалдаса лъагӏел сверарабго цӏияб гӏарза хъвазе кколеб букӏинги. Пособие цӏикӏкӏинабизе мустахӏикъазе гьебги цӏияб гӏарза кьураб къоялдаса нахъе цӏикӏкӏинабун кьола. Гӏарза къабул гьабула МФЦялда, «Госуслуги» сайталъул хасаб кабинеталда яги нижехъе битӏизе бегьула.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА