Гӏабдурахӏман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тӏубаялда бан Дагъистаналъул Гӏелмияб централда тӏобитӏана гӏелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гӏахьаллъана Гъуниб районалъул бетӏерги, Данияловасул гӏагарлъиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги. Гӏелмияб централъул хӏалтӏухъабаз тӏадчӏей гьабуна рагъул соназда Данияловасул хӏаракатаб хӏалтӏуда.

Асар гьабуледухъ, цоцо мисалалги рачун, гьев ракӏалде щвезавуна ДАССРалъул культураялъул министрлъун вукӏарав Гӏабдулатӏип Хӏажиевас. Масала, нилъер мадугьалзабазда цадахъго Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялдаса Данияловас нилъ цӏунараб куцалъул.

Гӏабдурахӏманил ясалъул яс Ума Ахӏмадовалъ машгьурав кӏудияв инсул хӏакъалъулъ бицунелъул, ракӏалде щвезабуна, ахирал соназда кигӏан унтуца кӏвекӏаниги, рокъо сезда гьес хӏал лъазабизе то леб букӏинчӏолъи. Гьес абулаанила чиясда жиндирго гӏузрабаздаги гӏунгутӏабазда тӏад бергьенлъи босизе кӏвезе кколилан.

Гьес гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъуб музей гьабизе ккеялъулги рехсана У. Ахӏмадовалъ.

Ракӏалда чӏана Данияловас Ахти районалъе нухмалъуде тӏамун вукӏарав, гьанже «ДагъистанАзербайжан» гӏуцӏиялъул президент Гӏабдулгъафар Ахӏмадовасул кӏалъайги.

«Гьединаб кӏудияб районалде нухмалъи гьабизе гьедигӏан гӏолохъанав мун витӏизе барахщунги вуго дун, амма цо гьари буго: гӏадамазда гъорлъ гӏадатгоги хехго гьезул къваригӏелал тӏуралевлъунги вукӏа. Щибаб жоялъе гӏоло гӏарзал рахъизеги вачӏунге: гьеб я дие, я бюро ялъе бокьуларо»,-ян лъазабуна дида доб мехалда Данияловас.

Дун гьевгун гӏезегӏан бакӏазда дандчӏвазе ккана. Даниялов вукӏана гӏицӏго жиндирго лъай гӏакълуялдалъун цевехун арав чи.

…Гӏабдурахӏманил кабинеталъур тӏад хӏур ккарал папкаби халлъулел рукӏана дида. Имам Шамил ритӏухъ гьавизе (реабилитация) хӏадурулев вукӏана гьев. Гьединлъидал жив го тӏадчӏун лъазабулеб букӏана гьес гьеб суал (Имам Шамил 1950 соналда официалияб куцалда лъазавун вукӏана «халкъалда данде чӏарав чилъун», «турказулгун ингилисазул жасуслъун» – авт.).

…Данияловасул бихьинаб хасияталъул цойги мисалги бачинин. Гьеб букӏана 1937 сон. Нажмудин Самурскиясе вас гьавун вукӏана. Обкомалъул кӏиабилев секретарь Сорокинги цогидалги ана гьесда баркизе.

Гьелдаса хадуб Сорокиница Гӏ. Данияловасда абуна чӏайин, кӏалъазе къваригӏун бугилан. Цинги абуна мун росдал магӏишаталъул суалазул рахъалъ Москваялде ине кколилан.

Гьев уна. Амма тӏад вуссун вачӏиналде Самурскийги, Тӏалхӏатги, Мамедбековги туснахъ гьарун ратула. Гьес абулаан Москваялде инчӏого хутӏаравани, жив гьел цӏунун кӏалъазегицин рес букӏанила.

Битӏун гьеб заманалда Сорокиница Данияловасе Дагъистаналъул Совнаркомасул председателасул хъулухъ кьолеб букӏуна. Амма Данияловас инкар гьабула жив жаназабазда тӏасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гурилан.

Доб заманалда гьеб кутакалда бахӏарчияб иш букӏана. Бокьараб лахӏзаталда хисизе бегьулаан гьесул къисматги.

1939 соналъул ахиралда Сорокин хъулухъалдаса инегӏан, щибаб пленумалда, конференциялда Данияловас гӏайибал чӏвалел рукӏана репрессиязда. Гьелъие нугӏлъи гьабулел хъвай-хъвагӏаялги руго архивазда.

Гьеб гуребищ бихьинчилъи? 1937 соналда гьесул букӏана гӏицӏго 29 сон. Амма гьеб мехалде Даниялов вукӏана къвакӏараб ракӏалъул, цӏубараб пикруялъул, цеветӏурав чи».

Данияловасул бицунаго, Гӏабдулгъафар Ахӏмадовас чанцӏулго тӏад-тӏад вуссун абуна жив гьабсагӏаталда лезги миллаталъул чи хӏисабалда кӏалъалев вугилан.

Данияловас магӏарулалги цолъизарун, лезгиял рикьизарунин кьучӏ гьечӏел кӏалъаял гьарулел цо-цо чагӏазда бичӏчӏизабизелъун, Гӏ. Ахӏмадовас цойги бачана лезги миллаталдехун Данияловас бихьизабураб бербалагьиялъул мисал.

1952 соналда Дагъистан Азербайжангун цолъизабизе анищазда вукӏарав азербайжаназул цевехъан Багиров сабаблъун лезгиял махӏрумлъана Шахдагалдаги Магани абулеб бакӏалдаги рукӏарал мучӏдузул 78 азарго гектаралдаса.

Гьеб гӏиллаялъ доб мехалда Дагъистаналъул бетӏерлъуда вукӏарав Гӏ. Данияловас Москваялде хитӏаб гьабула гьел ракьал цо заманаялъниги республикаялда хадур теян. Амма Москваялъ букӏахъего тана Багировасул хӏукму. Прессаялдаги гӏемер борхана гьеб суал.

«Гьединлъидал дир кӏудияб гьари буго гьанир ругел гӏалимзабаздехун: Данияловасул гьеб хитӏабги балагьун, гьаб конференциялъул материалалда гьоркьоб лъе гьеб», ан гьарана Ахӏмадовас.

Конференциялъул хӏасил гьабун кӏалъана ДНЦялъул председатель Хизри Гӏамирханов: «Гьаб ккола гӏицӏго Гӏабдурахӏман Даниялов ракӏалде щун гуребги, цебе нилъеца тараб нухлул хӏисаб гьабизелъунги тӏобитӏулеб тадбир. Данияловас лезгиял рикьизарунин, Самурскияс магӏарулал тӏагӏинарулел рукӏанин абураб пикруялда тӏадчӏей гьабизе лъугьани, нилъ гӏисинлъула. Гьединал жал кӏодо гьарулел гӏадамал рукӏуна яги лъай мукъсанал, яги зарал гьабизе къваригӏарал чагӏи. Жиндирго кӏодолъиялда рекъараб жо гурони чиясги къватӏибе загьир гьабуларо. Гьединлъидал гӏатӏидго балагьизе рачӏа сверухъ лъугьа-бахъунелъухъ».

Зульфия ХӏАЖИЕВА, («МК в Дагестане», 2013 сон)