24 апрелалда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов щвана Шамил районалде. Республикаялъул мугӏрузул районалде хӏалтӏул рахъалъ гьабураб тӏоцебесеб сапар ккола премьерасул гьеб.

Гьаб нухалда премьерасда цадахъ рукӏана Нухазул, Лъай кьеялъул, Экономикияб цебетӏеялъул ва Сахлъи цӏуниялъул министерствабазул нухмалъулелги.

Вачӏинахъего Гӏ. Гӏамирханов щвана Гьолокье. «100 школа» абураб проекталда рекъон, ремонт гьабураб школа бихьизе ана. Хӏалтӏаби гьарун ругин, амма гьел жеги тӏуранго рагӏаракьанде щун рихьуларин абуна премьер-министрас, гьелъухъ хал-шалги гьабун.

Школалъе хадурккунги сурсатал цӏикӏкӏинаризе квербакъеян тӏадкъана гьес цадахъ рукӏарал министразда.

Цинги гьев щвана Къахӏиве ва Гьоор-Хьиндахъе унеб кьодул щиб хӏал бугебали хал гьабизе. Советияб заманалдаго бан букӏараб гьеб биххун ун букӏана 16 марталда. Машинаби хьвадизе квегӏенаб куцалъ, заманалъе лъураб кьо буго гьениб гьабсагӏат. Цӏияб кьо баялъул иш гӏедегӏинабизе ккелинги лъазабуна гьес транспорталъул министрасул ишал тӏуралев Ширухан Хӏажимурадовасда.

Ругъелда росулъги Гӏ. Гӏамирхановас хал гьабуна школа-интернаталъухъ. Щвана киналго классазде, кӏалъана лъималгун. Хал гьабуна спортзалалъухъ, богорукъалъухъ, общежитиялъухъ. Жиндаго халлъарал гӏолел-гӏоларел рахъалги хӏисабалде росун, гьел роцӏинаризе кумек гьабилинги абуна премьерас.

— Ункъо министрги цадахъ вачун, республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев нижер районалде вачӏин дица рикӏкӏуна кӏудияб лъугьа-бахъинлъун, — ин бицана Шамил районалъул нухмалъулев Хӏасанов Мухӏамадица. — Гьолокье, Ругъелде ва Гьоор-Хьиндахъе щун хадуб, райадминистрациялда данделъиги тӏобитӏана. Щварал бакӏазда рихьарал гӏунгутӏабазул хӏасилги гьабун, гьел тӏуразе квербакъилин абуна Гӏамирхановас.

Нижецаги бицана районалда чара гьечӏого тӏуразе кколел масъалабазул хӏакъалъулъ. Мисала, Тӏасабакълъухъ ва Гӏуриб росабалъ цӏакъ хӏажат руго фельдшеразулгун акушеразул пунктал. Къелеб, Дагъбаш ва Ракьуб росабалъе бухьен гьечӏолъиялъул рахъалъ буго къварилъи. Гӏасаб ва Хӏотода росабалъ гьечӏо ясли-ахазул минаби. Хӏасил-калам, хӏукуматалъул рахъалдаса кумек гьечӏого, нижеда тӏуразе кӏоларел киналго суалал цере лъуна нижеца премьерасда. Баркала буго гьесие нижехъе вачӏине заман батаралъухъ.

Ашахан ЮСУПОВ