Ахиралде щвана газеталъ лъазабун букӏараб конкурс. Гьелъул хӏасилал гьаризеги, цоцазда бергьенлъи баркизеги, цӏиял гьудулзабазулгун лъай-хъвай гьабизеги республикаялъул магӏарул районазул ва шагьаразул школазул лъималги, гьезул учительзабиги, улбулги данделъун рукӏана 20 апрелалда газеталъул редакциялде.
Гьединго къецалда гӏахьаллъана чӏахӏиялги. Гӏахьалчагӏаз ракӏалдасан цӏализе кколаан магӏарул хъвадарухъабазул прозаялдаса бутӏаби. Коронавирусалъ унтаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏиналдаги бан, редакциялъ хӏукму гьабун букӏана, гӏахьалчагӏи бачӏинахъего редакциялде ахӏичӏого, цин, проза цӏалулаго, рахъарал видеороликал редакциялде ритӏизе. Битӏараб бицани, тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏулеб тадбирги бугелъул, ургъел ккун букӏана. Ва къецалъе лъазабураб заман лъугӏизе кӏиго-лъабго къо хутӏидал, рачӏана гӏемерисел хӏалтӏабиги. Гьенив гӏахьаллъана 153 цӏалдохъан. Гьезде тӏадеги – чӏахӏиялги (13 гӏахьалчи).
Гьеб къоялъ гӏажаибаб чӏаголъи букӏана цохӏо «Хӏакъикъаталъул» редакциялда гуребги. Анцӏго тӏала бугеб Печаталъул кӏудияб минаялъул азбаралда рагӏулеб букӏана рохарал лъималазул чӏиргъи-хъуйги релъа-рохиги. Гьездаго цадахъ нижехъе гьоболлъухъе рачӏун рукӏана цӏалдохъабазул учительзабиги улбулги.
Магӏарухъа рачӏарал миллияб партал ретӏарал гьитӏинал магӏарулал рихьидал, рекӏелъе лъугьунеб букӏуна цо хасаб нур, гьез магӏарухъаго цадахъ босун бачӏараб берцинлъи. Гьале дол, миллаталъулги халкъалъулги букӏинеселъул кӏулал кодор ругел хӏикматал жавгьарал. Жакъа гьел кенчӏолел ругел куц рихьаразул гьурмазда гьимиялъул гьин речун букӏана. Гьел лахӏзатаз гьазухъа талихӏ бахъизе кӏолеб къуватгицин букӏун батиларо.
Щивасе бокьун букӏана жидерго пагьму-гьунар цогидазда бихьизабизе.
Цӏидасанги нижехъе «гьоболлъухъе» рачӏун рукӏана магӏарул хъвадарухъабазул асаразул героял. Лъималазул хӏаракаталдалъун бихьулеб букӏана къецалда гӏахьаллъизе гьезул бугеб гъира.
Шагьаралъул школазул лъималазги цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана росдал лъималазда «хадур гъезе». Цо-цоязда гьудулзабиги ратана гьенир.
Бергьаразе ва призеразе кьуна батӏи-батӏиял даражабазул дипломал ва сайгъатал.
Къецалде рачӏарал гьалбадерида гьоркьор рукӏарал цо-цо гӏахьалчагӏазулгунги гара-чӏвари гьабуна.
Барин Гӏабдулатӏипова, Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал гьоркьохъеб школалъул учитель:
— Гьаб букӏана цӏакъ берцинаб байрам. Магӏарул мацӏалда тӏобитӏулеб гьаб тадбиралъ диргоцин гъира кколеб букӏана проза рикӏкӏине яхъине. Лъималазул хӏаракаталъги хӏайран гьаюна. Дунгоги тӏоцебесеб нухалда щолей йиго газеталдеги. Гьаниб букӏун буго магӏаруллъиялъул гьитӏинабго тарих. Редакциялъул коридоралъул къадазда чӏван ругел суратаз гӏемераб жоялъул пикру гьабизе кантӏизаюна. Дидаги ракӏалде ккана миллаталъул чӏухӏилъун кколел гьазул хӏакъалъулъ дагьдагьккун цӏалдохъабазеги бицине. Тадбиралъул хӏакъалъулъ абуни, гьелъ пана гьаюна.
«Хӏакъикъаталде» гьабураб сапаралдаса дун цӏакъ разиго хутӏана. Лъикӏаб темаги ургъун бугоан къецалъе. Гьалгощинал лъимал рохизаризе кӏварал нужее талихӏалъул лахӏзаталги гьимун ратила.
Хатимат Мирзоева, Махӏачхъалаялъул №8 лицелъул авар мацӏалъул учитель:
— Ракӏалдецин ккун букӏинчӏо дир лъималги гьадигӏанго берцин цере рахъинилан. Вас-васдилаго, хӏадур гьарунги рукӏана. Амма гьез хӏаракат бахъана. Ва гьале ниж жакъасеб байрамалда – лъималаз бицунеб буго рахьдал мацӏалда. Баркала газеталъул киналго хӏалтӏухъабазе гьаб тадбиралъухъ. Мацӏ загӏипго лъалеб букӏаниги, къецалда гӏахьаллъизе бокьарал гӏемер рукӏана. Нижецаги хӏаракат бахъила газеталъ тӏоритӏулелщинал къецазда гӏахьаллъизе.
Эльмира Жамалова, Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул учитель:
— Цӏакъ лъикӏаб тадбир гӏуцӏун буго газеталъул хӏалтӏухъабаз. Хасго шагьаразул школазул цӏалдохъабазе гьаб лъугьана унго-унгояб байрамлъун.
Жакъа гьанире рачӏиналдасаги кутакалда рохана. Лъималазул рохиги гьезул букӏун бугеб гъираги бихьидал, нижеегоцин лъикӏаб асар гьабуна. Гьазул пикру гьикъидалги, разиго руго. Цере рахъинеги киназего бокьана. Тӏадеялъулги дагьалъги лъикӏги хӏадурун гӏахьаллъизеги ракӏалде ккана нижеда. Гӏагараб миллаталъул къисматалъул сагӏталлъун кколел нужее лъикӏабщинабги гьарулеб буго нижеца. Даим хӏалтӏулеб хутӏаги нужер хӏикматаб сагӏат.
Гьелъие цо лахӏзаталъцин лъалхъизе заманги гьечӏо.
Патӏимат Зургьалова, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул авар мацӏалъул учитель:
— Хӏикмалъизаюна цӏалдохъабазул церерахъиназ. Хасго шагьаралъулазул букӏараб гъира-шавкъалъ. Къец бугилан рагӏарабго, бокьун букӏана гьелда гӏахьаллъизе. Ва дир ракӏбухӏичӏо. Лъималги рази хутӏана. Газеталъул хӏалтӏухъабазеги кӏудияб баркала, чӏахӏиязулги гӏисиназулги ракӏазе гьабгощинаб хинлъи кьурал. Ниж хӏадур руго тӏадеялъул хӏадурлъизеги. Нижецагоги, ай, учительзабазги, гьабила гӏахьаллъи.
Гьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацӏалда тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб «Чӏагояб классика».
Кӏудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гӏахьаллъаралщинал цӏалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тӏадеялъул тӏобитӏизе буго «Чӏагояб классика» — магӏарул прозаялъул фестивалалда гӏахьаллъулезул къадар дагьабги цӏикӏкӏинилан.
Асият Гӏабдусаламова, Хунзахъ районалъул Тӏануси росу:
— «Хӏакъикъат» газеталъулгун бухьен 15 соналъгӏаги буго нижер хъизамалъул. Дир лъималазул харбалги, кучӏдулги ва макъалабиги гӏемер рахъана гьелъул гьурмазда. Гӏахьаллъулаан газеталъ тӏобитӏулеб щибаб конкурсалдаги. Кколаан цересел бакӏалги. Рачӏунаан редакциялдеги. Гьеб киналъулго интерес букӏана ясал Шумайсатие ва Аминатие. Гьезги гӏемер гелулаан нахъе цӏунун ругел кӏудиял вацазул ва яцалъул асарал рахъарал газетазул гьурмал. Гьезулги гъира букӏана къецазда гӏахьаллъизе.
Гьаб къецалъул хӏакъалъулъ цӏалараб къоялдаса нахъе, гьел хӏадурлъизе лъугьана. Цо-цо мехалда сардилъгицин рачӏунаан жидеда текст гьикъейиланги абун. Гьезул рохалие гӏорхъи букӏинчӏо, гьанире ахӏун ругин рагӏараб мехалдаги. Цебесеб сордоялъ кьижизего кьижичӏин абизе бегьила.
Тадбир букӏана жакъа къоялъе цӏакъго хӏажатаб. Гьеб лъималазулги нижерги ракӏазулъ кидаго кӏочонареблъун хутӏана.
Баркала байрам тӏобитӏиялъулъ гӏахьаллъарал киналго хӏалтӏухъабазе. Дир ясал Шумайсатие ва Аминатие щвана тӏоцебесеб ва кӏиабилеб бакӏал.
Алипат Хъазанбиева, Каспийск шагьаралъул №2 школалъул учитель:
— Гьадинаб творческияб къецалда гӏахьаллъулей йиго тӏоцебесеб нухалда. Гьелъул бицен ккедал, дирго ясазулги ккана гъира. Магӏарул мацӏ лъим гӏадин лъалел гьаз, шагьаралде гочиндал, гӏурус бицун, хасго ясли-ахалда ругьунлъун, магӏарул мацӏалда кӏалъай хьадарлъулеб букӏана. Гьезул гъира бихьидал, диргоги гъира цӏикӏкӏана.
Цӏикӏкӏарай яс Хӏалимат хӏадур гьаюна. Дунгоги тӏоцебесеб нухалда щолей йиго газеталде. Лъикӏаб асар гьабуна диеги ясалъеги.
Нижер хӏаракатги гӏадада ккечӏо. Хӏалиматиеги щвана шагьаралъул байбихьул классазул лъималазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏ. Хадусел къецазда гӏахьаллъизеги бокьана нижее.
Парсихӏат Хӏажиева, Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал школалъул учитель:
— Кӏудияб гъира ккана дирги къецалда гӏахьаллъизе. Лъималазеги бокьана. Баркала буго гьезул улбузеги, лъимал хӏадур гьаризе кумек гьабуралъухъ.
Гьалеха щвана Махӏачхъалаялде. Гьанире щвезегӏан чӏезе кӏоларого рукӏана лъимал. Унго-унгояб байрамалде сверараб гьеб тадбир бихьидал, кутакалда йохана. Жакъа гьадинал тадбирал цӏакъ хӏажат руго лъималазе. Магӏарухъгицин захӏмалъулеб буго рахьдал мацӏалда кучӏдулги харбазул бутӏабиги рекӏехъе лъазаризе. Дагьайги разилъана, дир цӏалдохъаби Нурмухӏамадова Аминатица ва Гӏабдулхаликъов Гӏабдулатӏипица кӏиабилел бакӏал ккведал – гьезул бергьенлъиялъулъ дирги бутӏа бугелъулха. Гьединго баркала кьезе бокьун буго гьезул улбузеги ва гьадинаб гьайбатаб тадбир гӏуцӏаразеги.
Гьеле гьединаб берцинаб тадбиралде сверана авар мацӏалда тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏараб «Чӏагояб классика» къец.
Кӏудияб баркала кьезе бокьун буго къецалда гӏахьаллъарал цӏалдохъабазе ва гьезул учительзабазе. Хьул буго тӏадеялъул тӏобитӏизе бугеб «Чӏагояб классика» — магӏарул прозаялъул фестивалалда гӏахьаллъулезул къадар дагьабги цӏикӏкӏинин абун.
Конкурсалда гӏахьаллъарал чӏахӏиязда гьоркьор рукӏана миллаталда гьоркьор машгьурал магӏарулалги:
Авар театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуев, РГВКялъул журналист Хатимат Мухӏамадова, Россиялъул бищунго лъикӏал учительзабазда гьоркьоб чӏел босарай, Гъизилюрталъул №9 школалъул учитель Сарат Мухӏумаева, ДГПУялъул студент Мухӏамад Манапов. Гьединго гӏахьаллъана учительзабиги.
Лъабабилеб бакӏ кьуна Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал гьоркьохъеб школалъул авар мацӏалъул учитель Патӏимат Камилова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Мухӏамад Манаповасе. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана Сарат Мухӏумаева. Гьеб букӏана «Учительзаби» номинация.
Цо номинациялда тӏоцебесеб бакӏ щвана Хатимат Мухӏамадовалъе.
Ва ахиралдаги жюриялъул киналго членаз цӏикӏкӏарал баллаги кьун, Гран-При призалъе мустахӏикълъана Мухӏамад Дудуев.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА