19 маялда ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулпатахӏ Гӏамирхановас данделъи тӏобитӏана, 2020 соналъул хӏасилал гьариялда тӏасан. Социалиябгун экономикияб рахъалъ лъалаго цебетӏей лъугьанин республикаялдайин абуна премьерас.
Мисалалъе, гъоркьиса 1207 гектаралда цӏиял ахал гӏезаруна. 2,2 нухалъ цӏикӏкӏана ччугӏа кквеялъул къадарги. Гьединго росдал магӏишаталъ гӏезабураб нигӏмат къватӏибе баччиялъул рахъалъги лъикӏал хӏасилал ругин абуна ДРялъул экономикаялъул министр Руслан Гӏалиевасги.
Дармилгун промышленносталъул министр Низам Халиловас бицана оборонаялъул заказал тӏураялъул иш тӏаде ккун букӏанин республикаялъул кӏиго заводалде. Гьел ккола Каспийскиялда бугеб «Дагъдизельги», Гъизляралда бугеб «КЭМЗ» заводги. 5,2 млрд. гъурщиде заказ къабул гьабун буго гьез гъоркьиса. Гьелда чӏечӏого исанаги 500 миллион гъурщиде къотӏи-къай гьабун буго Гъизляралъул заводалъ. Чанго батӏиял масъалабазе хӏалтӏизаризе бегьулел кьоял хӏадур гьаризе тӏаде босун буго КЭМЗалъ.
Росдал магӏишаталъул министрасул ишал тӏуралев Шарип Шариповас бицана, Тӏолабго Россиялда ракьал лъалъаялъе биччалеб гӏарцул 85 процент республикаялъе щванин абун. Гьелъ рес кьуна республикаялда гӏемераб пиринчӏ гӏезабизеги.
Гьединго министрас бицана гӏанкӏабаз кьолеб нигӏматалдеги хӏажалъи цӏикӏкӏун бугин. Гъоркьиса 58 азарго тонна гӏанкӏудал ва хъазазулгун гургуразул гьанал хӏадур гьабун буго.