Республикаялде рачӏунел туристазул къадар тӏадеялдаса тӏаде гӏемерлъулеб буго. Гьезие рекӏее гӏолеб буго магӏарухълъиги, гьелъул берцинаб тӏабигӏатги, некӏсиял росабиги, цӏорорал иццалги, миллияб кванил тӏагӏамги. Лъикӏ батаниги, квеш батаниги, пандемияги сабаблъун ккана гьелъие. Къватӏисел пачалихъазул беричал курортазде ругьунлъун рукӏарал, гӏорхъабазда «кӏулал райдал» рокъор хутӏана исанаги гъоркьисаги. Гьединлъидал тӏаса бищана гьез жанисеб туризм ва Кавказалъул гьайбатаб тӏабигӏаталда цӏидасанги бер речӏчӏизабизе бокьарал гӏемерлъана.
Туризмалда сверухъ гьава-бакъ роцӏцӏунеб букӏин бихьана ва гьелъие лъикӏаб асар гьабунин абизе бегьула республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасеги. Дагьал церегӏан къоязда «Тур в Дагестан» абураб турфирмаялъул генералияв директор, Тӏаса Гъунив гӏумру гьабун вугев Муртазагӏали Мухӏамадовгун дандчӏвана гьев. Тӏубараб къоялъ магӏарухълъиги тирулаго, туризмалда хурхараб темаялда сверухъ гӏемераб жоялъул бицана гьез.
— Ахӏулгохӏда мемориалияб комплексалда букӏана нижер дандчӏвай. Цӏидасанги Кавказалъул рагъул тарихги, Шамилил заманги ракӏалде щвезабуна. Гьениса ниж ана Салтӏа бугеб чваххукье щвезе, цинги Чӏохъе ва Гъунире. Республикаялда туризм цебетӏолеб букӏиналдаса вохун вуго С. Меликовги, амма гьенирги гӏоларел рахъал ругелъул, гьелъие кӏвараб кумек гьабизе рагӏиги кьуна гьес. Исана гьелъие рес гьечӏо, амма тӏадеялъул республикаялъул бюджеталда, туризмалъе биччалеб гӏарац гьоркьоб лъезе бугин рагӏи кьуна. Къокъго абуни, гӏемер пайдаяб, ракӏрагьараб дандчӏвайги гарачӏвариги букӏана нижер, — ин бицана М. Мухӏамадовас.
Туризмалда тӏасан Муртазагӏалилгун гьабураб гара-чӏвари нижеца гӏатӏидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда.