3 июналда «Дагъистан» РИАялда ДГПУялъул ректорасул ишал тӏуралев Нариман Асваров дандчӏвана журналисталгун.

Гьес бицана живго гьеб хъулухъалде тӏамуралдаса араб кӏиго моцӏида жаниб университеталда ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ.

Н. Асваровасул рагӏабазда рекъон, бищун гьев разияб жо ккун буго ахираб кӏиго соналъ хӏалтӏулеб букӏинчӏеб университеталъул гӏелмияб совет цӏигьабизе кӏвей.

«Сах-саламатаб советги гьечӏого, университеталъул хӏалтӏи цӏакъ нахъе ккун букӏана. Гьединлъидал, тӏоцебесеб иргаялда, гьелде кӏвар кьуна.

Ахирал соназда педуниверситет киназулго бади-кӏалдиб къан букӏана: бицунебщинаб хабарги гӏемерисеб лъикӏаб букӏинчӏо. Гьелъие гӏайибиял цӏехезе дун лъугьинчӏо ва гьаниб гьезул бицине бокьунги гьечӏо. Диде щвезегӏан букӏараб жоялъул вала-рахас гьабизе къваригӏарав чи гуро дун, гьелъ кьезе жоги гьечӏо. Хӏажат буго республикаялдаго машгьураб цӏалул идараялъул хӏалтӏи чӏаголъизабизе. Гьелъие гӏоло бажарарабщинаб гьабизеги буго», — ян абуна Асваровас.

Хадуб гьес бицана казначействоялда ДГПУялъул счётал къан рукӏиналъ жидее гӏемерал квекӏенал кколел ругиланги.

«Гьел къаялъ тӏуран кверал рухьун рукӏана нижер. Кредитораз гьукъун рукӏана университеталъул машинаби, техника, гьединго цогидаб буголъи бича-хисизе. Гьабураб хӏалтӏул хӏасилалда хиса-баси гьабизе кӏвана. Гьанже кредитораз цӏидасан счётал рагьана», — ян бицана вузалъул ректорасул ишал тӏуразарулес.

Гьес баркала загьир гьабуна педуниверситеталда ругел гӏунгутӏабиги рихьун, гьел лъугӏизаризе квербакъарав республикаялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасе.

— Цӏакъ хашаб, хӏалуцараб къагӏидаялда батана дида педуниверситеталда хӏалтӏухъабазулгун студентазул цоцаздехун бугеб бербала- гьиги. Бачӏинахъего гьелде кӏварги кьуна. Мугӏалимзаби рикӏкӏинчӏого, цохӏо студентазул вуго гьенив 5000 чи. Гьел киналго дандеги ракӏарун, ракӏ рагьараб хабар бицана. Гьелъул хӏасилги квешаб ккечӏо.

Хӏасил-калам, педуниверситеталъул гӏумру кьучӏдасанго хисизабулеб буго нижеца. Гьелъие кумек гьабулеб буго федералияб министер- ствоялъги республикаялъул нух- малъулесги. Гьеб гуребги, вузалъе кумек гьабизе бокьарал гӏадамалги ахӏун, педуниверситеталда гӏатӏидаб данделъи тӏобитӏана 20 маялда. Гьел- да гӏахьаллъи гьабуна республика- ялъул киналго муниципалитетазул вакилзабазги. Гьениб хӏукму ккана хадубги педуниверситеталъулгун гьоркьоблъи щула гьабизе.

Жакъа педуниверситет ккола мугӏалимзаби хӏадур гьарулеб, республикаялда бугеб бищун аслияб тӏадегӏанаб цӏалул идара. Жидее учительзаби хӏажатал росабигун шагьарал абуни гӏемер руго.

Нужедаго лъан букӏине, дагьав цевегӏан нижехъе кӏалъан вачӏана Гъизляр шагьаралъул мэрасул заместитель. Гьес бицана жидее 47 учитель хӏажат вугин. Гьединабго ахӏвал-хӏал буго Буйнакск шагьаралдаги. Гьезие къваригӏун вуго 27 мугӏалим. Официалияб статистика босани, республикаялъе къваригӏун вуго 220-гӏанасев учитель. Хӏатта, нижергун бухьеналда рукӏунел муниципалитетаздаса щварал баянал хӏисабалде росани, жеги кӏиго нухалъ цӏикӏкӏун учитель хӏажат вуго, — ян бицана Нариман Асваровас.

Гьесул рагӏабазда рекъон, заочно цӏалулелги малъун, 15 азарго студент вуго жакъа педуниверситеталда. Гьелгощинал чагӏазда гьоркьо- са щибаб соналъ цӏалун рахъарал мугӏалимзабазул къадарги гьитӏинаб батиларин, гьеб мехалъ щайха республикаялъул школазда учительзабазул гӏунгутӏи загьирлъун бугебин суал кьуна журналистаз гьесие.

Батӏаго жинца гьабсагӏат хас гьабун бицинчӏониги, лъиениги балъгояб жо гурин, мукъсанаб хар- жалъухъ учительлъун хӏалтӏизе ине гӏолохъанал выпускниказе бокьи- зехъин гьечӏолъиян абуна Н. Асваровас. Гьеб бугила аслиял гӏиллабазул цоябги.

— Кӏиабизе босани, мугӏалимзаби кир къваригӏун ругел? Районаздагун шагьаразда гурищ? Гьеб мехалъ щайха муниципалитетазул бутӏруз гьеб суалалде кӏвар кьолеб гьечӏеб? Дицайищ гьезда малъизе кколеб нижехъе кӏалъазе, учительзаби хӏажат ругилан кагътал ритӏизе. Гьел жалго щай рагъа-рашаруларел,- ин, МОязул нухмалъулездаса бугеб разилъи гьечӏолъиги загьир гьабуна ректорасул ишал тӏуралес.

Амма гьесие асар гьабун бугоан РФялъул просвещениялъул министр Сергей Кравцовас. Дагьаб цебегӏан Иркутскиялда букӏараб цо данделъиялда живго аскӏовеги вачӏун гьес Асваровасда абун буго жинда лъалин ДГПУялда ругел гӏунгутӏаби ва рагӏи кьун буго кӏвараб кумек гьабизе.

Ашахан ЮСУПОВ