Араб анкьалда Махӏачхъалаялда, Авар театралда цебе гьелъул актеразул квербакъиялдалъун махӏачхъалаялъулал, тахшагьаралъул гьалбал, гьединго туристал щвана умумузул гӏадатазухъе гьоболлъухъе.
Гьаб нухалда – магӏарул берталъ букӏараб зурма-къолол гьаркьихъе сверуде кӏанцӏаразул къадар цӏикӏкӏунеб букӏана.
Гьалеха доб, магӏарул бертин. Хъван пандургун ахӏулеб кечӏги, дагьалъ дорегӏан цӏурачадал гьарулел руччабиги, магӏарул чӏагӏаги, чӏагӏдал цӏураб лълъарги, сухӏматалде рачӏаразе гьоболлъи гьабулел, бер- тадул тепсиялъухъе гьел ахӏулел бахӏаразул гӏагарлъиги, цин бихьиназ, цинги руччабаз ахӏулеб магӏарул кечӏги, бертадул сверудаса нахъе ине бокьун гьечӏел гьалбалги.
Гьеле гьединаб рахӏатаб, сахаватаб, рохалил цӏураб къо сайгъат гьабуна Авар театралъул актераз дагъистаниязе. Гьеб тадбиралъул аслияб мурадги букӏана наркотиказде данде цадахъ рекъон къеркьеялде гӏолилал ахӏи.
Ш. ХЪАЗАНБИЕВА