Республикаялдаса гурелги, Астраханалдаса гьалбалги рачӏун, гьал къоязда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана хьихьизе рачарал лъималазул улбузул данделъи. Миллияб библиотекаялда гьеб байбихьилалде форумалъул гӏахьалчагӏи щвана Махӏачхъалаялъул централияб мажгиталде, хадур — хьихьизе лъимал рачарал хъизамазе кумекалъе Дербенталда гӏуцӏараб централде.

ДРялда хъизамазулгун лъималазул ихтиярал цӏунулей вакил Марина Ежовалъ абуна бесдал лъималазда хурхун Кавказалъул республикабазда киналгӏаги масъалаби гьечӏилан ракӏалде кканиги, гьел гӏезегӏан ругин, амма рехун тарал яги бесдаллъарал лъималазул рагьун бицунеб гӏадат гьечӏин.

Гьениб бицухъе, жакъа къоялда республикаялда буго хьихьизе лъимал рачараб лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун хъизан.

Гьединал хъизамал тӏадеялдаса-тӏаде гӏемерлъулелги руго. Гьединлъидал, кинабгӏаги хӏажалъи гьечӏолъиялъ, республикаялда къана лъималазул кӏигониги рукъ.

Хадурккунги гӏадамаз лъимал хьихьизе рачиналде кӏвар буссинабизе кколин абуна журналист ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу Лейла Хӏамзатовалъ. Гьединлъидал Махӏачхъалаялда гьединал эбел-инсул форум тӏобитӏизе кколин абураб пикру загьир гьабуна ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасе гьелъ. «Рагьараб эфиралдасан» гьес дагъ истаниязул суалазе жавабал кьолеб мех букӏана гьеб.

Чанго соналъ цее хъизамгун цадахъ Лейла Каспийскиялдаса Крымалде гочана. Гьелъул жиндирго йиго цо яс.

— Тӏоцеесей яс хьихьизе ячунеб мехалда нилъер гьаниб къанагӏатаб жо букӏана гьеб – хьихьизе лъимал рачин. Нилъерго лъимал гӏадин, нилъедаго тӏадги хъван яги къайимлъиги гьабун гуро гьел рачунел. Гьеб буго лъимал хьихьиялъул батӏияб къагӏида. Тӏалаб гьабизе гӏагарлъиги гьечӏел, амма лъицаниги жидеегоги рачунарел лъимал рукӏуна гьел.

Гьедин дица 2014 соналда хьихьизе ячана ичӏго сон барай яс. Диде щвезегӏанги, лъабго сон баралдаса нахъе цогидаб хъизамалдаги хьихьулей йикӏун, гӏакълу-лъаялъул рахъалъ нахъе ккарай йигилан, Каспийскиялъул микьабилеб детдомалде кьун ятана гьей.

Байбихьуда гӏезегӏан литература цӏалун, махщелчагӏигун кӏалъан, гьей яс хьихьизе ячине хӏадурлъулей йикӏана дун. Амма гьей рокъое ячун хадуб кутакалда къо бихьизе лъугьана дида. Гӏарзахъдулей йигиланги ккоге дун.

Палхӏасил, исана тӏаде гӏунтӏана гьей нижер хъизамалдаса нахъе ине бихьизабураб болжал. Амма букӏаниги, гьей нижеда цадахъ йиго. Гьалщинал соназда жаниб гьелъул гӏумруялъул лъикӏаб рахъалъ хисабасиялги ккана. Марина буго гьелда цӏар», — абун бицана Л. Хӏамзатовалъ.

Марина ячун хадуб кӏиго соналдасан Лейлаца жеги ункъо яцги ячана хьихьизе. Гӏумру гьабизе шартӏал бигьаяб бакӏилан гьел Крымалде гочана.

Гьелъ бицана пачалихъалъ жидее бихьизабураб кумек тӏалаб гьабулаго дандчӏварал квалквалазул хӏакъалъулъ.

Гьединлъидал Лейла Хӏамзатовалъ рикӏкӏунеб буго республикаялда жий гӏадал улбузул хасаб клуб гӏуцӏани, гӏемерисел суалал тӏураялъе квербакъизе бугин абун.

З. ХӏАЖИЕВА