15 июналда Пятигорскиялда. РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинил нухмалъиялда гъоркь данделъун рукӏана Северияб Кавказ социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул суалазул рахъалъ гӏуцӏараб хӏукуматалъул комиссиялъул вакилзаби. Гьелда гӏахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги.

Северияб Кавказалъул республикаби церетӏеялъул мурадалда, ахирал соназда къабул гьарурал хӏукуматалъул програм мабаз разияб хӏасил кьечӏин абуна хӏукуматалъул премьерас. Гьедин го гӏемер ругила тӏурачӏого хутӏарал масъалабиги:

— Масала, Кавказал да руго гӏемерал гӏолохъаби, амма гьечӏо хӏалтӏизе бакӏал. Хӏалтӏи гьечӏезул къадар тӏадеги цӏикӏкӏана коронавирус сабаблъунги. Тӏолабго улкаялда бугеб хӏалалъухъ бала гьани, Кавказалда хӏалтӏи гьечӏого ругезул къадар цӏикӏкӏун буго 2,5 нухалъ.

Гьединго гӏемер руго инфраструктураялъул рахъалъ гӏунгутӏабиги. Нухазулгун коммуналиял хъулухъазул рахъалъ загьирлъарал гӏунгутӏаби цӏикӏкӏун гурони дагьлъулелги гьечӏо. Экономикаялъул рахъалъги Северияб Кавказалъул республикаби церетӏун ругин рихьизарулел тарихал, цогидал регионазде дандеккун, мукъсанал руго.

Амма бищунго аслияб гӏунгутӏилъун буго, масала, Северияб Кавказалъул республикаби федералияб тӏалъиялъ кьолел дотациялъул гъурщазда рараллъун хутӏи. Хӏажат буго гьел регионал жалго жидецаго хьихьулел ресал ралагьизе, — ян абуна М. Мишустиница.

Северияб Кавказ цебетӏеялъе ругел ресазда гьоркьор гьес рехсана росдал магӏишатги, гьединго туризм цебетӏейги.

— Кавказалъул экономика цебе туркӏизабизе бищунго къуват бугеб бутӏалъун дица рехсела туризм. Цохӏо Россиялдаса гуребги, къватӏисел улкабаздасаги гьалбал къабул гьаризе кӏудиял ресал руго жакъа нужер. Цохӏо риидал гуребги, хасалоги туристазе санагӏалъаби чӏезаризе шартӏалги квегӏенлъабиги руго гьанир.

Гьединго экономикаялда рухӏ речӏчӏизабизе рес бугеб бутӏалъун дида бихьула росдал магӏишатги. Пастӏадул нигӏматги, пурчӏинаги ва цогидабги бекьизе бегьулел ракьал руго нужер. Росдал магӏишат цебетӏолеб буго. Мисалалъе, гъор кьиса пихъилгун пастӏабазул нигӏматал ракӏариялъул рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ. Амма бугелда гӏей гьабун чӏезе бе гьуларо, хӏажат буго хӏалтӏизе ва экономика бечед гьабиялъе цӏиял ресал ралагьизе, — ян абуна РФялъул хӏукуматалъул премьерас.

Гьединго Мишустиница бицана Кавказалъул республикабазда кови далда сверухъ лъугьун бугеб ахӏвал- хӏалги.

— Гьеб унтудаса нилъго цӏунизе бищунго лъикӏаб нух жакъа буго вакцинация. Президент Путинил тӏадкъаялда рекъон, улкаялда киса- кибего унеб буго чӏобого привика гьабиялъул тадбир. Гьеб ресалдаса пайда босе нужецаги. Вакцина гьабиялъул иш тӏаса-масаго тоге, — ян абуна М. Мишустиница.

Гьединаб букӏана Пятигорскиялда Михаил Мишустиница тӏобитӏараб данделъиялъул къокъаб хӏасил. Гьелда тӏасан жиндирго пикраби загьир гьаруна Сергей Меликовасги. Хӏукуматалъул нухмалъулес цере лъурал масъалаби кӏвар бугел ругин Кавказ цебетӏеялъеян абуна гьес.

Ашахан ЮСУПОВ