Киса-кирего магӏарухъ, росабазда аскӏор ва гьезул рагӏал лъабаздацин чакъалал кутакалда гӏемерлъун ругин, гьез гӏисинаб гӏи-боцӏи толеб гьечӏин, батӏи-батӏиял рахунел унтаби гьездасан тӏиритӏиялдаги цӏикӏкӏараб хӏинкъи бугин абурал лъазабиял редакциялде гӏезегӏан рачӏана. Гьеб суал мухӏкан гьабизелъун ниж щвана Экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министерствоялде. Гьеб министерствоялъул «Дирекция ООПТ, охраны животного мира и водных биоресурсов» РКУялъул нухмалъулевлъун Расул Гӏумаров тӏамуралдаса буго кӏиго моцӏгӏанасеб заман. Гьесулгун буго нижер жакъасеб дандчӏвайги.

— Расул, тӏоцебесеб иргаялда, баркула дуда цӏияб хъулухъ, баракатаб батаги гьеб. Цо-цо хӏакимзабазул кабинетазда рихьулел бакӏазда лъун рукӏуна пачалихъалъул ялъуни республикаялъул бутӏрузул, министразул суратал. Дур гьанибин абуни столалда тӏад буго Сталинил гьитӏинаб бюст ва къеда бан буго имам Шамилил кӏудияб сурат…

— Сталин вуго пачалихъ цӏунарав, вахӏшияв тушманасда тӏад бергьенлъи босарав чи. Гучаб пачалихъалъул бетӏер вугониги, гьев вукӏана гӏадатияв, Ватӏан тӏегьазабиялъул, бечед ва щула гьабиялъул гурони, жиндиего щибниги щвеялъул тӏалаб букӏинчӏев инсан.

Гьединлъидал гьев вуго дирги дун гӏадинал гӏемеразулги рекӏелъ. Шамилги вуго кӏудияв имам, кӏудияв инсан. Гьев вуго нилъеца кидаго къимат гьабизеги, къадру цӏунизеги тӏадав, абадиялъго нилъее мисаллъун вугев чи.

— Киназдаго лъала гьев кӏиявго кьварарал нухмалъулел рукӏараблъи. Дулъ бугищ гьединаб хасият?

— Кьвариялъул рахъалъ дие къимат кьела дир нухмалъулез, дунгун хӏалтӏулез. Амма дие бо кьула ритӏухълъи, хӏехьоларо мекъаб-тӏекъаб, данде кколаро гӏадлу- низам гьечӏолъи. Дун хӏалтӏулеб бакӏалда тӏалаб гьабула хӏалтӏул лъикӏал хӏасилал.

— Нужер идараялъ щиб хъулухъ тӏубалеб?

— Нижер вуго 100-гӏанасев хӏалтӏухъан ва бербалагьиялда гъоркь буго 12 заказник. Республикаялъул батӏи-батӏиял районазда ругел за казниказда чӏезарун руго егерал, охотоведал. Нижеца гьенир цӏунула гӏалхул хӏайванал, рекъезабула гьезул къадар, биччаларо лицензия гьечӏого чан гьабизе.

— Магӏарухъ ахираб заманалда гӏемерлъун руго чакъалал. Гӏадамазе бугеб рахӏатхвеялда тӏаде гӏи-боцӏуе гьез гьабула зарал. Кинаб гӏиллаялдалъун гьединаб хӏал бугеб ва гьелда хурхун щиб гьабизе кколеб гӏадамаз?

— Гьелъие ругел гӏиллабилъун ккола, я гьанал, я къехьалъул рахъалъ чанахъанасе кинабгӏаги пайда гьечӏел рукӏинги, гьел чӏвазе биччалеб ва чӏваралъухъ пачалихъалъ кьолеб гӏарац гьечӏолъиги. Кин бугониги, яхӏ бахъула гьезул къадар рекъезабизе.

— Заказниказда нужеца гьединаб хӏалтӏи гьабуниги, гьезда гьоркьоре унарел росабазул гӏадамаз щибха гьабизе кколеб?

— Лъазабизе ккола нижеда. Заманалда, сезоналда бараб жоги гьениб гьечӏо. Гьединаб гӏарз букӏун хадуб нижер хӏалтӏухъаби (чанахъаби) уна гьенире ва чӏвала чакъалал. Нижедаги щибго абичӏого, жалго лъугьун гьел чӏвазе, ялъуни гьезие загьру рехизе лъилго ихтияр гьечӏо, гьедин гьабизеги бегьуларо. — Гьелдаго цадахъ пасатго цӏикӏкӏун бугин бацӏазул къадарин абунги гӏарзал руго гӏухьбузул… — Чӏвараб щибаб бацӏихъ советияб заманалда пачалихъалъ кьолаан гӏарац, гӏиял бетӏергьабазги кьолаан 1-2 гӏиялъажо. Гьеб низам тана ва гьелда рекъон гӏемерлъана бацӏалги. Амма нижедаги лъазабичӏого, чанахъанлъиялъе лицензия (гьеб кьола нижер министерствоялъул хасаб отделалъ), гьелъие хӏажалъулеб чанахъанасул билет ва ихтияр бугеб ярагъ гьечӏого, гьел чӏвазе лъилго ихтияр гьечӏо. Нагагьлъун чӏвани, цӏазе бегьула тамихӏалде. Нижеда лъазабун хадуб нижер хӏалтӏухъабаз тӏубала гьеб масъала. Кӏиабилеб сон буго гьел чӏвазе пачалихъалъ гӏарац биччаралдаса, ва июль моцӏалдаса нахъе байбихьизе буго гьеб хӏалтӏиги.

— Гӏемерал гӏарзал рукӏуна Лъаратӏа, Цӏунтӏа, Цӏумада районазда чӏван лъугӏизарулел ругин бисал, ритӏучӏал абун. Бугищ гьедин?

— Гьединал гӏарзал рукӏуна, амма хал гьабидал гӏемерисел ратула гьересиял. Камуларо лицензия гьечӏого бисал чӏваялъул хӏужжабиги. Гьел загьирлъун хадуб нижеца толаро тӏадаб хӏалтӏи гьабичӏого.

— Бисал чӏвазе лицензия кьеялъе кинаб хӏажалъи бугеб?

— Гьеб буго, дудаго гӏадин, дидаги бичӏчӏулареб жо. Бокьарабгӏан гӏиялги хӏайваналъулги гьан бугеб гьаб заманалда, бис гӏужие боси дица кинго къабул гьабуларо.

Гьелдаго цадахъ дие бокьилаан нилъер тӏабигӏатги рухӏчӏаголъиги бокьулел гӏадамал гӏемерлъизе. Квеш ккараб жо буго къойидаса къойиде гьел дагьлъулел рукӏин.

Цӏуне нилъерго тӏабигӏат, сверухъ бугеб берцинлъи. Гьеб буго наслабазе нилъеца толеб бечелъи.

Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ