Бищун гвангъараб чирахъ
Гьорода хех бихьула.
Гьав ниж, гьудулзабазулъ
Бищунго цеве хвана.
Расул ХӏАМЗАТОВ
Абула, студентал ургъел гьечӏеб, гӏанчӏаб, цокӏалаб хасияталъул «къавм» бугилан. Амма щивав чиясул гӏамалалъул, муруваталъул, букӏинесеб махщел-пишаялъул — сундулго гӏаламатал — «гӏанчӏлъиги цокӏаллъиги хъвалхьун», цудунго загьирлъун ратула, аскӏор ругез кӏвар гьабичӏониги.
Багъатар нилъедаса ватӏалъаралдаса 40-ялдаса цӏикӏкӏун сон аниги, жакъа гӏадин цебе чӏола гьесул сипат, гӏамал-хасият. Щуго соналъ цадахъ цӏалулаго, ккарал гара-чӏвариял, рукӏарал лъугьа-бахъинал, гӏолохъанлъуда, гӏемерисез ургъичӏого гьарулел рукӏарал «гӏалагъважаби». Ахӏичӏониги бачӏуна гьесул хӏал «тӏаде рехун».
«ГЬАСУЛ ЦО ЧИ ВАХЪУНА»
Советазул заманалда адабият лъазабулелъул, гьелъул бицунаго, мугӏалимзабаз, студентаз бихьизабизе кколаан щибаб литературияб асаралъулъ классияб магӏна букӏин. Гьеб гьечӏого бегьулароан, гьеб загьир гьаби букӏана тӏадаб парз. Ракӏалда буго, Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдузулъ «классовость» балагьулаго, кӏиабилеб курсалда нижер аваразул отделениялъул студентазул цо къокъаялъул ккараб гьитӏинабго бахӏс. Дагӏбаялъул хасиятго гьединаб бугелъул – цоязда батана гьеб «классовость», цогидал дугъдан чӏун рукӏана гьеб киса-кибего букӏине кколеб жо гурилан. Жеги таманаб заман базе букӏун батила нижеца гьеб «дагӏба-рагӏиялда», «инкарчагӏазул» рахъалда вукӏарав Багъатарица цинтӏаго абичӏебани:
— Цӏадаса Хӏамзатил кучӏдул рокьуларев чи магӏарулазул вати щакаб жо буго. Гьев машгьурав поэт вукӏинги киназего баянаб буго. Амма Хӏамзат, жиндирго гӏакъилал асарал хъвалелъул, ургъулев вукӏанадай гьеб «классовосталда» тӏад, гьесда лъалебгӏаги букӏанадай гьеб щиб кколебали, — ян.
Хӏасил, киналго релъана, бахӏсги къотӏана. Аскӏов вукӏарав нижер «къайицадахъав» Казимбегица Багъатарил цӏаралда копоего абуна: — Гьасул цо чи вахъуна, — ян. — Вахъунаха, кӏиго вахъунаревлъи хӏакъаб буго, — ян Багъатарицаги вохун жаваб кьуна.
Багъатар гьеб мехалда вукӏана факультеталда жиндирго «бакӏ ккурав» чи. Лъалаан гьес кучӏдул хъвалеллъи – гьел рахъулаан «Гӏаркьел» абураб къадал газеталда, ахӏулаан мандолина хъван кечӏ – гӏахьаллъи гьабулаан факультеталъул художествияб хӏаракатчилъиялъулъ, алхинчӏого вукӏунаан А. Ф. Назаревичасул фольклор ва литература лъазабулел студентазул институталъул тадбиразулъ. Хасго хагазарулаан гьес магӏарулазул литератураялъул бицине щвани – гьесда бихьичӏебги рагӏичӏебги жо батулароан аваразул адабияталда.
Казимбег вукӏана Генуса, цӏодорав, гӏакъилал махсараби гьарулев инсан. Гьев нижедаса щуго-анлъго соналъ кӏудияв вукӏана, киназго гьесул адабги гьабулаан. Казимбегил гьунар букӏана берцинго, гъираялда гӏенеккуледухъ, хабар бицине. Бажарулаан гьесда гӏадамал данде ракӏаризе, гьезие нухмалъизе. Гьанже хадуб, чӏвай-хъвей цӏикӏкӏараб, террористал гьалаглъарал соназ, гьев вищун вукӏана Унсоколо районалъул бетӏерлъун. Махщалида нухда бачунебги букӏана гьес районалъул жамагӏат, «чидае бокьи кьолареб» хасият букӏиналъ, гьев заманго балелде террористаз чӏвана.
«ГӏАРКЬЕЛ»
Тӏоцебесеб курсалдаго студентазул жалго данделъарал батӏи-батӏиял къокъаби рукӏана. Цоял ракьцоял, цогидал спортсменал, хадусел — цӏалуде кӏвар кьолелги кьоларелги, литература бокьулел – кучӏдул хъвалел, хӏатта «гӏала-гъважачагӏигицин». Зама-заманалдасан гьел я общежитиялда, я тренировкабазда, кружоказда, концертазда, библиотекабазда, яги гьадинго къватӏазда, парказда «жидерго ишазе» данделъулаан. Гьезул лъицаниги тӏамичӏел, рищичӏел «церехъабиги» рукӏана.
Багъатарил къокъа букӏана литературияб. Гьесда сверухъ рукӏунаан Зикрулла, Шамхал, Беркиханов Мухӏамад, Хачалова Патӏимат ва цогидалги хъвадаризе байбихьулезул «агьлу», цо-цоял гьеб загьир гьабизе намуслъулел рукӏаниги. Къадал газеталъул номер хӏадурулаго, редактор гьечӏониги, Багъатарил пикруялъухъ гӏенеккулаан, кигӏан ракӏал бегӏерал рукӏаниги, магӏарул «хъвадарухъаби» гьевгун къецалде гӏемер лъугьунароан. Ракӏалда буго, нижер цояс «Гӏаркьелалда» бахъизе кьолеб жиндирго кочӏолъ рокьуца вухӏулев гӏолилас гьудулалъул жавабалъухъ балагьун чӏарал къоял рикӏкӏунаго, «хӏулун руго гьодал кверзул килщазул» абураб Цӏадаса Хӏамзатил жугьа хӏалтӏизабун букӏана.
— Дуца Цӏадаса Хӏамзатида рокьул чангит балеб бихьула, — ян Багъатарица цоясе махсара гьабидал, гьев гьудул дагьав «багӏарлъана», кечӏ гьабулаго чвахун рачӏарал рагӏаби рукӏанин, мукӏурлъун баянги кьуна. Хӏакъикъаталдаги гьесул кочӏолъ Хӏамзатил рагӏаби цӏакъ рекъон ккун рукӏана. Хадубги нижеца гьеб аваразул классикасул жугьа копоего цоцада «хӏенчезабулаан».
Цоги нухалъ общежитиялда Беркихановас (гьев вукӏана нижедаса курсалъ цеве, ригьалъги нижедаса анцӏила щугогӏан соналъ кӏудияв вукӏана) Багъатариеги диеги цӏалана Расул Хӏамзатовасул хӏакъалъулъ хъвараб жиндирго курсалъулаб хӏалтӏи. Расулил творчествоялъул бицунеб Мухӏамадил гьеб хӏалтӏи жибгоги букӏана батӏи-батӏиял образалги эпитеталги хӏалтӏизарун, шавкъалда гӏуцӏараб литературияб асар. Кӏикъоялда микьго тӏамач бугеб тетрадь цӏураб квералъ хъвараб гьеб цӏалулаго, Беркиханов бащдаб сагӏатгӏанасеб заманалъ театралъул артистасда релълъун вукӏана. Гьесие хӏажат букӏана, саназул батӏалъиялъухъ балагьичӏого, Багъатарил пикру — гьел гьудулзаби рукӏана.
— Кин лъугьун бугеб? — ан абураб къокъабго суалалъе Багъатарица бегьулеб куц бугилан кьураб гьединабго къокъаб жавабалъ Мухӏамад рази гьавуна. Хадуб Багъатарица нижее мандолина хъван цо кечӏги ахӏана, «Ма, босе гьаб квербацӏцӏ, бацӏцӏе гьеб магӏу» абураб жиндирго кечӏги цӏалана.
«БАГӏАРАБ БАЙРАХЪ»
Цӏалулаго хӏалтӏизе бокьарал студентазе чанги ресал рукӏана стипендиялде тӏаде дагьа-макъал «мугьал» ралагьизе. Гӏемерисел унаан къаси хъаравулзабилъун, фабрик-заводазде кӏиабилеб сменаялде, «биржа трудаялде» вагонал цӏезе-чӏехьезе ва цогидал хӏалтӏабазде.
Нижер мугӏалим Гӏабдурахӏман Хӏабибович «Багӏараб Байрахъалъул» редакциялде «свежая головалъун» хӏалтӏизе индал, Багъатар гьесул кумекалдалъун лъугьана гьениве корректорлъун. Университеталда занятиял лъугӏун хадур, типографиялда газета кьабулелъул гьабулеб хӏалтӏи букӏана гьеб. Цӏакъ разиго вукӏунаан Багъатар магӏарулазул машгьурал хъвадарухъабазда цадахъ цо коллективалда хӏалтӏизе щвеялъ. Доб заманалда «Багӏараб байрахъалъул» редактор вукӏана Мухӏамад Шамхалов, гьесдаго цадахъ рукӏана жидер асарал нижеца цӏалулел М. Гӏабдулхӏалимов, Гӏ.-М. Гӏалиев, Гӏ. Даганов, Хӏ. Залов, М. Мусаев, Н. Нурмухӏамадов, Т. Таймасханов, М.- С. Шахтаманов – цӏарал ккун киналго рехсезе рес рекъеларо. Ниж рухӏдаллъун рукӏунаан гьезда цадахъ хӏалтӏулев Багъатарида.
Газеталда рахъизе бегьиларин тарал батӏи-батӏиял хабарал рачӏунаан Багъатарица нижее. Гӏемер бицунаан редакциялъул хӏалтӏул, журналистал М. Гӏабдулхӏалимовасул, Гӏ.-М. Гӏалиевасул, Н. Нурмухӏамадовасул ва Т. Таймасхановасул. Гьес аваразул группаялъе экскурсияцин гьабун букӏана редакциялде.
Гӏабдурахӏман Хӏабибович Дагъистаналъул мацӏазул, историялъул ва литератураялъул институталде индал, Багъатар тӏамуна гьесул бакӏалде «свежая головаясул» жавабияб хъулухъалде. Цӏали лъугӏун хадубги «Багӏараб байрахъалъ» тӏалаб гьабун Багъатар тӏубанго вачана редакциялде хӏалтӏизе.
Нахъа лъана Багъатарица, студентлъун вукӏаго, росулъ ругел эбелалъеги яцалъеги кумек гьабулеб букӏараблъи. Эмен гьесул вукӏинчӏо.
ТӏАДАГЬАБ ГӏАМАЛ
Университеталда цӏалулел соназ филологиялъул факультеталда Багъатарги малъун, Къородаса нижеда цадахъ рукӏана ункъоял: кӏиго курсалъ цеве – Гӏиса, цо курсалъ нахъа – Мусал Мухӏамад ва Нурмухӏамад. Ункъасго кучӏдулги гьарулаан. Багъатарица гӏемер бицунаан школалда магӏарул мацӏалъул дарсал кьолев Гӏалухачев Мухӏамадил, лъималазе гьев вокьулеб куцалъул. Мухӏамад — ункъавго филологасул мугӏалим — поэзиялдехун гьезул рокьи бижизабурав устар вукӏун вуго.
Багъатарилъ букӏана хасаб гугьар. Гьесул кучӏдул рукӏана пасихӏал, ургъизе тӏамулел, пикрабалъе ахӏулел, бечедаб, гьава гӏадин тӏадагьаб, чвахулеб мацӏалъ хъварал. Живго Багъатарги вукӏана чӏагояв, тӏадагьав, кидаго гьимулеб, разияб гьумералъул инсан. Хьвадицин букӏана гьесул тӏадагьаб, бигьаго, гӏатӏидго галабиги тӏамун унеб. Гӏолилазул гӏадат букӏуна хӏалал рихьизе бусби гӏадин цоцалъ «тенколеб», реццардулеб – гьеб гӏамал гьесулъ букӏинчӏо. Кӏалъалелъулги дида рагӏичӏо Багъатарица гьаракь борхизабулеб, къваригӏел гьечӏел, чорокал рагӏаби абулеб. Каламги букӏана гьесул тӏадагьаб, мухӏканаб, кигӏан кӏудияб кӏвар бугеб жоялъул бицунеб бугониги, махсарахӏалаб, кополаб. Гьесда гӏемер лъалаан кулласезул, магӏладерил, хӏотӏочӏдерил релъизарулел лъугьа-бахъинал — гьезул гӏолохъабазда гьел рицунелъул квешги букӏунароан. Амма тӏасан балагьухъе гьедин кканиги, жанисеб – рухӏияб гъварилъи, рекӏел хӏалуцин, хӏалхьи лъаларел пикрабазул гъугъай — Багъатарил беразда бахчун бажарулароан. Багъатарица бицун букӏана Гагарин космосалде воржиндал хъвараб жиндирго кечӏалъул. Ниж школалда цӏалулеб мехалъ цӏадохъабазул художествиял коллективазул хораз гӏемер ахӏулаан гьеб, радиоялдасанги кьолаан гьоркьо-гьоркьоб. Дица газетазул архивазда цӏехана гьеб, батизе кӏвечӏо – ракӏалда буго цо куплет. Гьебги гӏола анцӏго сон бараб лъимералъ хъвараб жибго лъимер гӏадаб бацӏцӏадаб, роцӏараб, тӏадагьаб кечӏалъ бижизабулеб асаралъул къимат лъазе:
«Рогьалил гьуригун гьайбатаб гама
Гьаваялде ана апрель моцӏалда.
Цӏараб болжалалда дунялги сверун,
Гагарин ракьалда гӏодов рештӏана».
«СОЮЗ»
Багъатар, саназ гуревги, гӏолев вукӏана кӏудияв, квер кьолев яги нахъасан «цулев» чи гьечӏониги, унев вукӏана цевехун, лебалго вахунев вукӏана икъбалалъул болъодухъан. Университеталда – нахъа толел рукӏана курсал, редакциялда – тӏамулев вукӏана цӏикӏкӏарал хъулухъазде, гӏумруялъулъ – дандчӏвалев вукӏана цӏиял машгьурал гӏадамалгун. Хъвадарухъабазул союзалдаги ратана гьесда цӏиял гьудулзаби, гьенивеги гьев гӏемер щолаан. Гьесдасан нижеда лъалаан Союзалда (Багъатарица гьедин абулаан Хъвадарухъабазул союзалда) кколел лъугьа-бахъинал: Расулил гӏужилал абиял, Гӏумархӏажил махсараби, Гӏадаллол «гьунарал», Сулимановасул харбал. Гӏемер бицунаан гьес Гӏабасил Махӏамадил, Сулимановасул, Гъазиевасул, гьезулгун гьудуллъиги букӏана гьесул.
Гъазиев Мухӏамад, магӏарулазул лъималазул поэт, литинституталъул студент-заочник, чанги вачӏунаан Багъатарихъе общежитиялде, шагьаралдаги гьел гӏемер цадахъ рихьулаан. Гъазиевасухъ кидаго цадахъ букӏунаан доб мехалъ модаялда букӏараб кӏудияб портфель. Живго черхалъ гьитӏинав гьесул кӏудияб портфель хӏалае ккун, Багъатарица махсара гьабулаан гьениб «творчествоялъе хӏажатабщинаб жо» гуребги Гъазиевасе кьижизе бакӏцин бугилан.
Эменгӏан кӏудияв вукӏаниги, батӏияб гьуинлъи букӏана Багъатарил Гӏабасил Махӏамадилгун. Кидаго, хӏалтӏуца яги цогидал суалал тӏуралаго, магӏишаталъул пишабазде регӏуларев Гӏабасиласул рокъов Багъатар вукӏана божарав чилъун. Хӏажалъи ккедал, гьесул хъизаналъ «ахӏи балаан» Багъатариде, гьес цо-цо нижги рачунаан хӏалае. Ракӏалда буго цоги рокъоре рахъунелъул Гӏабасиласул къайи-цӏа къачӏазе, бакӏаризе, гьеб машинаялда сокӏкӏине ниж ун рукӏана кумекалъе. Тӏубараб къоялъ хӏалтӏулаго, живго поэтасда бер чӏвачӏониги (нижер кӏудияб хьул букӏана гьелде), бихьана машгьурав хъвадарухъанасул, тӏахьазул издательствоялъул редакторасул, «магӏишат»: гӏемерал, тӏахьал, журналал, газетал, кагътал. Цӏакъго хӏажатаб гурони букӏинчӏо тӏагӏел-гӏучӏ, рокъор къваригӏунел алатал, ретӏел-хьит.
Намуслъарай Савдат-адаца абуна гьалеха Гӏабасил Махӏамадил магӏишатилан.
Гӏабасиласул «Камалил Башир», «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд» Авар театралда лъезе хӏадурулелъул нижеда лъалаан кире щун ругел, щиб гьабулеб бугеб гьеб ишалда сверухъали. Сценарий къачӏалагоги, къваригӏараб хъвалеб-толелъулъги Багъатарица поэтасул тӏадкъаял тӏуразарулаан ва цоги хӏажатаб кумекги гьабулаан. Гьел пьесабазул премьеразде Багъатарица нижер группаялъе пригласительныялги ралагьун рукӏана.
ПОЭТ ВА ПРОЗАИК
Багъатар вукӏинчӏо кӏичӏардулев, чӏалгӏаде свердолев, гӏадада заман чӏвалев чи. Доб мехалъ студентал хӏалица рачунаан рикӏкӏеналъе, залал цӏезариялъе пайда гьечӏел, «гьодорал» совещаниязде, собраниязде. Рачӏинчӏезе гӏадлу букӏана кьварараб: выговор, стипендия къотӏизаби. Багъатарица гьел тадбиразул гӏахьалчагӏи (гьезда гьоркьов живгоги) «гьалмагъзаби-зазил хӏухьдул» абун ралъаргъунаан.
Жиндирго рекӏее гӏоларел, гӏадамазда берцин рихьизе жал Багъатарица киданиги гьарулароан. Гьес цо-цо мугӏалимзабаз бицаралдаса батӏиял пикраби загьир гьарулаан, амма лъицаниги гьеб чӏахӏиязул адаб тейлъун рикӏкӏунароан. Сундулъго гьесул букӏана гӏадлу, дуруслъи, тартиб. Гьесда чӏванкъотӏун лъалаан жиндие къваригӏараб жо, бажарулаан цере лъурал мурадал тӏуразаризе.
Цо нухалъ, Цӏадаса Хӏамзатил хӏакъалъулъ хабар ккарабго, Багъатарица абуна:
— 1951 соналда магӏарулазе цо поэт камуна, амма цӏияв тӏадеги гьавуна,- ян. Щивдай гьеван нижер цояс кьураб суалалъе гьадин жавабги кьуна Хӏажиев Багъатар поэт кколаревищин абун. Доб мехалъ цо-цоязда ккана гьеб гӏамалкӏодолъи бугин, хадуб бичӏчӏана гьелъул унго-унгояб магӏна.
Кигӏан кӏудияб гӏишкъу поэзиялде букӏаниги, гьайбатал, пасихӏал, рекӏелъе рортулел кучӏдул хъвазе гьунар бугониги, хӏатта басмаялда бахъизе планалда бугеб гӏолохъанал поэтазул мажмугӏалъул авторазулъ цӏар хъван букӏаниги, Багъатар ракӏалдаго гьечӏого прозаялда жувана. Байбихьана кӏвахӏ тун хъвадаризе: общежитиялда, читальный залазда, лекциязда. Аудиториялда нахъисел кьераздаги вукӏун (ниж гӏемериселъ цадахъ кӏусулаан), Багъатарица цо лекциялъул (студентазул пикруялда батӏаго хӏажалъулареб) болжалалда 10-15 тӏамачцин хъвалаан. Лекторасда кколеб букӏун батила ниж мисалиял студенталилан, кӏвахӏаллъичӏого мухӏканго лекциял хъвалел.
Хатӏги букӏана Багъатарил берцинаб, бичӏчӏулеб, чӏахӏиял хӏарпазул. Гьесул чӏегӏераб щакъи тӏолеб тӏеренал халатал килщаз «чангит бараб» чӏегӏераб ручка, газета кьабулеб кагътил тӏанчазда хъвадарулелъул, гӏедераб тимар гьабун цӏвакизабураб юргъачуялда релълъунаан.
Багъатар цинтӏаго прозаялдехун «вуссиналъе» букӏана гӏилла. Гьесухъе щун букӏана цӏализе нилъер Расулида цадахъ 1963 соналда Ленинил премия кьурав дунялалдаго цӏар рагӏарав гъиргъизазул хъвадарухъан Чингиз Айтматовасул «Повести степей и гор» абураб тӏехь. Къокъалго къисабаздаса данде гьабураб гьеб гьитӏинаб мажмугӏалъ асир гьавун вукӏана Багъатар. Хӏухьелккун, хӏасратго бицунаан гьес бергьараб махщалида гӏолохъанав Айтматовас, зоотехниклъун хӏалтӏулаго, хъварал асаразул. Кӏвахӏ, свак лъалароан гьесда, гӏенеккулев, бицунеб жо бичӏчӏулев чи дандчӏвани. Гьанже хадуб, Айтматовасулги Багъатарилги къисабазул цохӏо цӏарал дандеккураб мехалъ бичӏчӏана машгьурав гъиргъизас хъвадаризе байбихьулев магӏарулав «кодов восараб» къуват, гьезул релълъен.
Чингиз Айтматов:
«Тополек мой в красной косынке»
«Пегий пес, бегущий краем моря»
«Исповедь на исходе века»
«И дольше века длится день»
Багъатар Хӏажиев:
«Севералда буго дир милъиршо»
«Цӏадакьа бахчулеб дир чанил бурутӏ»
«Дихъ балагьун чӏа, мугӏрул»
Хъвалеб жо Багъатарица цогидазда бихьизабулароан, цӏализеги кьолароан, жеги лъугӏун гьечӏин, «къачӏазе» кколин абулаан. Божарав гьудулас гьарани, инкарги гьабулароан. «Къачӏадизеги» Багъатар рахӏму гьечӏев вукӏана, кколаан цоцо «хӏадураб продукция» цӏоб тун тӏасан хӏуччалги цӏцӏан хвезабураб мехги.
АХИРАЛДА
Ахирисеб нухалъ Багъатаргун дандчӏвана 1976 соналда риидал. Ракӏалде щвезаруна гьудул-гьалмагълъи, бицана хӏалтӏул, творчествоялъул, гӏолохъанал хъвадарухъабазул совещаниялъул, гьабураб хъизаналъул, ясалъул. Заман гӏураб букӏинчӏого, гӏедегӏалихъе къотӏи гьабун букӏана цоцазухъе щвезе, редакциялде ваккизе. Гьалде-долде руссун, нижер къотӏи тӏубачӏо, Бетӏергьанасул хӏукму батӏияб батана.
Инсанасда гӏузру ккечӏого сахлъиялъул къимат лъаларо; мискинлъичӏого, магӏишаталъулъ тӏагӏам батуларо; тӏекъаб бихьичӏого битӏараб «гъорлъе унаро»; ялгъузлъичӏого гьудул-гьалмагълъи, гӏага-божарал камичӏого, гьев гьезухъ урхъуларо – киналъего батула багьана, балъгоябги гуреб, амма жиндир заманалда кӏвар гьабичӏеб.
Щиб жо гӏумруялъул 26 сон? Гьанжего гьанже «берал рагьулеб», кӏудияб, гӏатӏидаб дунялалде нуцӏа къирулеб къокъабго болжал. Киве щварав, щиб бихьараб, сунде регӏарав, гьудулзаби щал, тушбаби киса, квешалда рекъанищ, къасдаз гукканищ, къваридазе кумек гьабунищ, гьунар гӏунищ гӏунгутӏабигун къеркьезе, къо хӏехьанищ Бетӏергьанасул нухда? «Тӏугьдузул квацӏи», «Чанил бурутӏ», «Севералда бугеб дир милъиршо», «Балагьун чӏарал мугӏрул», «Гӏодулей гьудул» — панаял кучӏдул, комсомолалъул премия, ячарай лъади, гьаюрай яс …– гӏемерабищ, дагьабищ, щиб хутӏараб жеги?
Шавкъ, паналъи, хӏасрат рекӏелъе ракьулъан рижун рачӏунаро – зодосан рещтӏуна. Гьарила нилъецаги цере квералги ккун Багъатарил рухӏалъе рахӏат.
Багъатарил гьунар, гьев вахине вукӏараб борхалъи, щвезе букӏараб махщел якъинго гӏицӏав Аллагьасда гурони лъазе рес гьечӏо. Амма, хӏакъаб жо, гьезул къадар, роцен, даража дунялалда хутӏаразул щивасул жиндирго букӏина.
Мухӏамадрасул МУХӏАМАДОВ, Багъатарил курсцояв