Шамил районалъул Гьандихъ росдал жамагӏаталъул цӏаралдасан редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Росдаеги рай- оналъеги пайдаял, республикаялдаго машгьурал гӏезегӏан гӏадамал рахъараб росу ккола нижер. Гьезул кьерда хасаб бакӏ ккола, рагӏулъги дугӏадулъги нижеца адабалда рехсолев, Гӏалиев Гӏарипица. Росдае гьес гьарунщинал пайдаял ишал рехсон хӏал кӏоларо, сияхӏ цӏакъго халатаб буго.

Дагьал церегӏан къоязда Гӏарипица бана 70 сон. «Хӏакъикъаталда» гьа- ри буго, Гӏарипил сахаваталъиялъул, гӏаданлъиялъул ва лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ хъвани бокьилаанин абураб. Росдал жамагӏаталъул ра хъалдасан, газета гьоркьоб ккун, баркизе бокьун буго гьесда юбилей- ги», — ян.

Хӏакъикъаталдаги Гӏалиев Гӏарип лъаларев чи республикаялдаго ватиларо. Цохӏо жиндирго росдал тарихалда гуребги, республикаялъул гӏумруялдаго гъваридаб лъалкӏ тана ва толебги буго гьес.

Росулъ цо щиб бугониги хӏалтӏи-иш гьабулеб мехалда, ай кумек хӏажалъидал, Гӏарипида абун лъикӏ гурищин кӏалъала росуцоял. Амма гьеб хабар Гӏарипихъе щвезабилалдего, гьесда гьелъул лъалеб батула ва хӏажатаб кумекги гьабула. Гьесул кумек щвечӏев чиги я росулъ яги ма- дугьалихъ ругел росабалъ къанагӏатги ватиларо. Гӏарип вуго хӏалтӏуеги гӏадамазе кумек гьабиялъеги вижарав гӏадинав чи.

ИНСУЛ КАЛАМ КАНЛЪУН ККУНА

1968 соналда Гӏарипица школа лъугӏизабидал, инсуе бокьун букӏана гьев Ташкенталде, Бакъбаккул улкабазул мацӏазул институталде, цӏализе витӏизе. Амма имгӏал Хашаев Хӏажимурадица кьураб, «лъикӏаб хъулухъ щолеб цӏали бугин» абураб гӏакълуги гӏадахъ босун, цӏализе лъугьана Ново-Черкасскиялъул инженериябгун мелиоративияб институталъул гидростроительнияб факультеталде. Тӏоцебесеб курсалдаса нахъе, цӏали лъугӏизегӏан, Гӏалиевасул сурат чӏван букӏана институталъул Хӏурматалъул хъорщода. Живго кивениги ине кколев вугони, профессор В. В. Сарачановас, «Арип, веди занятие» абун, гьев тӏамулаан «Мелиоративные и строительные машины» абулеб курсалъул практикиял дарсал рачинеги. Палхӏасил, Гӏалиевас институт лъугӏизабуна багӏараб дипломалда.

Росулъе вуссиндал, хъизанги гьабун, шагьаралде унеб къоялъ, аскӏов гӏодовги чӏезавун, инсуца гьесда абуна: «Гъурщица абун буго, дир вас, къапарав бихьинчи хӏалбихьизе жиндихъе вачеян. Гъурщал гӏемерлъидал ва хъулухъ цӏикӏкӏиндал лъала чиясул хӏалги багьаги. Воре, гӏарцуе лагълъиги гьабуге, борхалъуде вахунин абун чӏухӏуге, чвантиниве ваккизе барахщуге», — ян. Инсул гьеб калам васасда киданиги кӏочон течӏо ва, дуца абухъе гьабилин абун, инсуе кьураб рагӏуе гьев хилиплъичӏо.

МАХЩЕЛ КАМИЛЛЪАРАБ НУХ

Гӏалиевсул хӏалтӏулаб гӏумру байбихьана Махӏачхъалаялъул №13 ПМКялъул мастерасул хъулухъалдасан. Гъаякент районалде гочун рачӏарал даргиязул росулъ лъел мухъал гьариялда Гӏарипица бихьизабуна жив унго-унгояв специалист вукӏин. Гьесул лъайги, бажариги, хӏалтӏи гӏуцӏизе бугеб махщелги бихьун, лъагӏалидасан гьев тӏамуна Хасавюрталъул ПМКялъул участ каялъул начальниклъун. Лъагӏелалъ гьенивги хӏалтӏун, тӏамуна №13 ПМКялъул бетӏерав инженерлъун. Хӏалтӏул хӏалбихьи бугев инженер хӏисабалда, 1979 соналда «Главзарубежводстроялдасан» гьев витӏана Йеменалде, советиял специалистал хӏалтӏулеб участкаялъул начальниклъун.

Йеменалъул Мудири районалда хӏалтӏараб лъабго соналда жаниб гьесул участкаялъул специалистаз рана кӏиазаралда хадуб гектар ракьул лъалъалел бакӏал.

— Йеменалда ихдалги хасалихъеги рала кутакал цӏадал. Амма дун хӏалтӏараб лъабго соналда жаниб, цо нухалда гурони гьениб цӏад бачӏо. «Поводкое» абун, ракь лъалъалеб батӏияб къагӏида букӏуна. Ракьалда тӏад гьабула метр бицалъиялъул лъел гъат, лъим ракьулъе къарабго, ракь бекьула. Цо нухалъ лъалъараб лъел регьел бачӏин бакӏаризегӏан гӏола.

Нижер аслияб хӏалтӏи букӏана, гӏорал-лъарал щведал, лъинал ракӏарулел сангарал рай. Объектазда батӏи-батӏиял улкабазул специалистал хӏалтӏулел рукӏана. Амма нилъер специалистазул гӏадаб лъайги махщелги бугев чи гьезул вукӏинчӏо. Гьайгьай, гьениб кинабго лъикӏ букӏана. Гӏагараб росдаде букӏараб чӏалгӏеналъ тату хвезабун букӏана. Тӏад вуссине цо моцӏ хутӏараб мехалда, макьилъ бихьулаан росдал къватӏахъ дунги, рузман сордоялъ рукъзабахъан чӏвалеб панкъазул махӏги. Улкаялдаса рикӏкӏад вугеб мехалда гурони Ватӏаналъул къимат лъаларо, — ян бицана Гӏарипица.

Тӏад вуссун мех балелде, гьеб букӏана 1982 соналъул анкьабилеб июль, Гӏарип тӏамуна Махӏачхъалаялъул №18 ПМКялъул начальниклъун. Хӏалтӏи байбихьун лъагӏел балалде гьесухъа бажарана кьучӏдасанго ахӏвал-хӏал лъикӏлъизабун ва 110-120 проценталъ план тӏубазабун. Гьединаб бергьенлъи босиялъе ккараб гӏиллаялъул хӏакъалъулъ Гӏалиевас гьадин бицана:

— Пуланаб бакӏалде лъим бачине канал бухъун гьабураб хӏалтӏухъ нижее щолеб буго 100 гъурущ. Гьенир бетоналъул лоткаби лъун, батӏияб идараялъ босулеб буго 10000 гъурущ. Гьеб ахӏвал-хӏал дица хӏехьечӏо. Ралагьана специалистал, техника. Бригадаби хӏалтӏулел авлахъазда лъуна генераторал, къаси заманалда къалъ изабуна хӏалтӏулеб бакӏ. Гӏуцӏана ун къо сменаялъулаб хӏалтӏи. Бухъана канал, лъуна лоткаби. Дирго машинаялда хьвадун, хал гьабуна хӏалтӏул рахъиналъул ва даражаялъул. Гьединаб хӏалтӏи гӏуцӏиялдалъун, бажарана бащдаб лъагӏалил болжалалда 137 проценталъ лъагӏалил план тӏубазабун. Нижер бергьенлъиялъе кӏудияб къиматги кьуна. ПМКялъул коллективалъе щвана КПССалъул ЦКялъул ва СССРалъул Совминалъул Хьвадулеб Багӏараб Байрахъ ва ВДНХялда — тӏоцебесеб бакӏ. Кьуна цӏияб УАЗик машинаги. Дун вихьизавуна Захӏматалъул Багӏараб Байрахъ орден кьезе. Амма, тӏубараб пятилеткаялда хӏалтӏун гьечӏинги абун, орден кьечӏо.

1986 соналда Гӏалиев нахъеги Йеменалда ралел мелиоративиял объектазул контрактазул бетӏерав инженерлъун хӏалтӏизе ана. Бащдаб лъагӏалил болжалалда жаниб гьениб рукӏалиде ккезабуна иххица щущазабун букӏараб 300 метралъул борхалъиялъул сангар. Хадуб Гӏарип витӏана Батесалда гьединабго сангар базе. Гьес хӏадур гьабуна цоцалъ рекъараб куцалда ракь лъалъалеб проект. Лъим балагьизе бахъана 60 гъуй, рана хӏорал, рахъана каналал, лъуна лоткаби, ай 500 гектар бекьулеб ракь лъалъазе рес щвана.

Лъабго соналъ Йеменалдаги хӏалтӏун, Гӏарип цӏидасан тӏад вуссана добго №18 ПМКялъул начальникасул хъулухъалде. Гьесул коллективалда цо лъагӏалида жаниб анлъго миллион гъурщидаса пайда босизе бажари тӏалъиялъ рикӏкӏана цӏакъго кӏудияб бергьенлъилъун. Гьелъул хӏасилалда ПМКлъул базаялда гӏуцӏана «Водстрой» трест, начальникасе кьуна «Волга» машина.

ХАЛКЪАЛЪЕ ПАЙДАЯЛЪЕ

АЛЛАГЬАСГО РЕС КЬУНА

«Программа горы» проект хӏалтӏизе байбихьидал, гьеб тресталъул базаялда Гӏарипица рагьана азаргогӏан чи хӏалтӏулеб «Хунзахъводстрой» цолъи. Щибаб мугӏрузул районалда рагьана гьелъул участкаби. Гьелъул баракаталдалъул, масала, Шамил районалъул Гӏурибе, Гьолокье лъуна лъел мухъал, Гьандихъе бахъана цӏияб нух. «Программа горы» проект къана, гӏарац къотӏана, амма Гӏарипица предпри ятие хвезе течӏо ва гьелда «Горская строительная компания» абун цӏар лъуна.

Гьанже гьесул гьитӏинав вас вуго гьелъул начальниклъун. Жакъа гьесул вас Гӏалица тӏаде босун буго мугӏрузул районазул росабалъе лъим бачиналъул ва нухал рахъиялъул хӏалтӏабазул жавабчилъи.

Лъим бачин ва нух бахъи рикӏкӏуна бищунго кири кӏудияб хӏалтӏилъун. Рикӏкӏун хӏал кӏоларо, Йеменал даса байбихьун, Дагъистаналъул гӏемерисел районазул росабалъе лъи налги нухалги рахъарав Гӏарипица гьарурал лъикӏал ишал. Къокъго абуни, цохӏо Гьандихъ росдал щи баб авалалде бачана лъим, анцӏго километралъул манзилалда бахъана цӏияб нух. Гьанхъадерил хъутаналда нусго гаялъул гӏатӏилъиялда гьару на пиринчӏалъул чекал. Росулъ бана цӏияб мажгит, жиндирго минаялда аскӏоб – авал-мажгит, мадраса ба ялъе гьабуна гӏарцулаб кумек. Гьес росдае гьабунщинаб кумек рехсани, сияхӏ цӏакъго халалъила.

1995-1999 соназда Гӏалиев вищун вукӏана ДРялъул Халкъияб Собра ниялъул депутатлъун. Ва, депутат хӏисабалда, гьес гьабураб хӏалтӏуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Хал къияб Собраниялъул трибунаялда сан кӏалъалаго, ДГУялъул ректорас абуна, методикиял пособиял росизецин университеталъе гӏарац гӏолеб гьечӏилан. Гьебмехалда, тӏадеги вахъун, Гӏарипица ахӏун абуна: «Дир буго гьадинаб предложение. ДГУялде лъугьиналъухъ щивав чияс кьолеб буго щуазарго доллар. Законияб къагӏидаялда гӏарац ДГУялъул счеталде рехулеб къагӏида гьабуни, гьеб гӏелаан къваригӏарабщиналъе ва нахъеги хутӏила», — ян.

Депутатлъун вугеб заманалда жаниб Гӏарипихъа бажарана къварилъи-балагьалде ккарал гӏемерал гӏадамазе кумек гьабун. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Гӏарац бахъизе хӏилла ургъун, цо милициялъулас балъго чвантинибе наркотик рехун, машинаби къачӏалеб пуланаб станциялъул хважаин жанив лъун вукӏана. Гӏолиласул гӏумру хвезабизе ургъараб такъсиралда цебе Гӏарипица хӏетӏе лъуна. Ахӏи бана депутатазде, гьединго прокуратураялъул, милициялъул, судалъул, хӏалтӏухъабазде. Гьелъул хӏасил ккана ва эркен гьавуна гӏолилав, тамихӏалде цӏана милициялъул хӏалтӏухъан.

Гӏарипил хӏакъалъулъ хабар ккедал, гьанхъадерил жамагӏатчагӏаз бицунебщинаб рагӏидал, битӏахъе бахиллъизе бачӏана гьев инсанасда. Киве кканиги, кинаб иш тӏаде босаниги, ракӏ бацӏцӏадго хӏалтӏи гьабулев Гӏарипидаса гьезул бугеб чӏухӏиги бихьана. Хӏакъикъаталдаги гьезул ихтиярги буго гьединав сахаватчиясдаса чӏухӏизеги рохизеги. Лъикӏаб гъотӏода пихъ тӏагӏамаб бижулин абухъего, Гӏарипил лъималги руго гьевго гӏадал хӏалтӏи бокьулел, яхӏ-намусги, чӏахӏиязул адаб-хӏурматги цӏунарал, халкъалъе пайдаял. «Хӏакъикъаталъул» коллективалъги баркула Гӏарипида 70 сон тӏубаялъул юбилей. Гӏадамазда гьоркьоб кӏудияб къадруги талихӏаб хъизамги насиб гьабун, гӏадамазе кумек гьабизе бажари-ресги кьун, Аллагьас гьев кӏодо гьавун вуго. Жакъа гьесие къваригӏараб жо буго цо — сахлъи. Гьединлъидал, росдал жамагӏаталдаго цадахъ, нижецаги ракӏ-ракӏалъ гьарула гьесие щулияб сахлъиги халатаб гӏумруги.

Н. НУРИЕВ