12 июналда ДРялде бачӏана коронавирусалда данде гьабулеб «ГамКовидВак» вакцинаялъул («СПУТНИК V») жеги 11700 доза.

Термоконтейнеразда жаниб киса-кибего щвезабулеб буго гьеб.

ДРялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдаса щварал баяназда рекъон, 15 июналде республикаялда гьеб вакцина гьабун буго 112629 чиясе.

Тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунел руго ковидалъ унтулел чагӏи, хасго гӏолохъанаб гӏел буго гьаб нухалъ гьелъ гӏужие босун. Гьединлъидал вакцина гьабизе бокьарал чагӏи къабул гьарулел пунктал рагьун руго Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздагун районаздаги.

Гьайгьай, вакцинаялда тӏасан батӏи-батӏиял пикраби руго халкъалда гьоркьор. Гьелъ гӏадамал щакдаризе тӏамулелги руго. Гьединлъидал нижеца хӏукму гьабуна цо-цо тохтурзабазул ва гӏадатиял гӏадамазул пикраби загьир гьаризе.

Видеобухьеналдалъун муниципалиял гӏуцӏабазул ва хӏукуматалъул идарабазул бутӏрузулгун республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас тӏобитӏулеб данделъиялда сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Салман Ахӏмадовас бицухъе, гьоркьохъеб куцалда цо сордо-къоялда жанив кӏинус-нус чи вегизавулев вуго больницабазда.

Вакцинация цӏикӏкӏун гьабурал районазда гъорлъ рехсолел руго Нугъай, Курах, Догъузпара районал, дагь гьабун буго Гъарабудагъкент, Лаваша, Гӏахъуша районазда.

Наби Къураев, Хунзахъ райбольницаялъул бетӏерав тохтур:

— Хунзахъ районалда вакцина гьабуна 2500-ялдасаги цӏикӏкӏун чиясе. Гьезда гьоркьоса анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун процент ккола Гӏоротӏа росдал гӏадамазул. Гъоркьиса гьениб лъикӏаб хӏал букӏинчӏо– гӏемерав чи унтана, хвана. Гьединлъидал гьанже, цогидалго гӏадин, гьелги кантӏун руго. Гӏадамазда бичӏчӏулеб буго вакцина гьабичӏого тӏубалареблъи. Цо-цоязе гьеб къваригӏунеб буго сезоналъул хӏалтӏуде республика тун къватӏире ине кколел рукӏиналъги.

Вакцина гьабулеб пункт буго райбольницаялда. Гьелдаго цадахъ нижеца хӏадурун буго бокьараб мехалда, машина гӏадин, бокьараб бакӏалде бачине бегьулеб ФАПги. Дару гьабизе къваригӏарал чагӏи хӏадурун теян, цебеккунго ахӏула пуланаб росулъ вугев фельдшерасде.

Вакцина гьабулел чагӏазул ригьги батӏи-батӏияб буго. Масала, сон Хӏариколоса чи вачӏана 82 сон барай, бусадаса яхъине кӏоларей эбел йигила жиндир, гьелъие вакцина гьабизе рачӏайилан. Гьединлъидал вакцинаялда божулелги божуларелги руго. Амма дида ккола соцсетазда жидеего подписчикал цӏикӏкӏине къваригӏун, гӏемерисез жидедаго лъаларел жал рицунел ругилан.

Араб соналъул октябралдаго дицагоги гьабуна вакцина.

Гъазимухӏамад Мухӏамадов, Цӏунтӏа райбольницаялъул бетӏерав тохтур:

— Нижер районалде бачӏун букӏана вакцинаялъул 1400 доза. Дагьаб цебе щвана жеги 600 дозаги. Гьелда гьоркьоса гьабуна 810 чиясе вакцина.

Талихӏалъ, гӏадамазда бичӏчӏулеб буго унтудаса хвасарлъи гӏицӏго вакцинаялъулъ гурони гьечӏеблъи. Гьединлъидал кӏудияб хӏал гьабичӏониги, гьел гьанже жал- го рачӏунел руго нижехъе. Вакцина гьабизе разилъарал чагӏазухъе нижецагоги ахӏула, больницаялде щвезегӏангицин рачӏине ккеларин, нижго рачӏинин абун.

Нижеца, тӏоцебесеб иргаялда, кӏвар кьола гӏумрудул сонал 65-йилъе рахарал гӏадамазде.

Гӏолохъабазулгӏан щулияб букӏунарелъул гьезул сахлъи. Щакдарулел чагӏазда абула, гьа- лейин дица, тохтурас, диегоги гьабунин вакцина, расги лъугьинчӏого нужеда цеве эхетун вугин. Гьелъги божилъи кьола.

Цо-цоял чӏола тӏоцебесеб доза гьабун тейила жидее, гьеб рагӏулин унго-унгояб дару, кӏиабилеб абуни, бидулъе биччалеб чип бугин рагӏанин абун.

Ковидалъул рахъалъ гӏезегӏан мехалъ лъикӏаб ахӏвал-хӏал букӏана районалда. Амма гьале кӏиго анкь буго гьеб хӏалуцаралдаса. Хӏупри росулъа анкьго чи унтун вукӏин тасдикълъана гьал къоязда. Байбихьуда нижеца пневмония батилин тун букӏана.

Муслимат Мухӏамадова, Цӏумада райбольницаялъул бетӏерав тохтурасул заместитель:

— Жакъа къоялде районалда кӏиябго нухалда вакцина гьабун буго 750 чиясе. Жеги гӏезегӏан чагӏи руго тӏоцебесеб доза щваралги. Аслияб куцалда вакцина гьабуна учительзабазе, медиказе, социалиял хъулухъазул хӏалтӏухъабазе.

Масала, вакцина гьабизе 22 июналда райбольницаялде рачӏун рукӏана Хушет росулъа гӏадамал (хӏамуздагун чуязда рекӏун ун гурони, машинадул нух жанибе гьечӏеб, борхалъуда бугеб росу ккола гьеб – ред.).

Вакцинаялъул кӏваралъул бицун, районалъул нухмалъиялъ данделъаби тӏоритӏула. Гьединлъидал гӏадамазул пикруги хисулеб буго – гьеб даруялда тӏасан азарго батӏияб жо бицунеб бугелъулха интернеталда.

Нижеца гӏадамазе чӏезабураб хасаб графикги буго – заман щвара-щварал ахӏула уколал гьаризе.

Онкология ва чорхол сахлъи загӏип гьабулел цоги- дал унтаби ругел чагӏи тун батӏиял гӏадамаз бицинегӏанасеб дандечӏейги гьабулеб гьечӏо гьелдехун.

Мария Ражабова, бухгалтер:

— Лъимер гьабулеб гӏужалда йигелъул, вакцинаялъ чорхолъ хиса-басиял лъугьинаризе бегьулилан хӏинкъун, дица цин инкар гьабулеб букӏана. Амма гьанже Индиялъул штаммги баккун бугилан рагӏидал, ккараб ккун букӏаян, ана дару гьабизе. Гурони, гьелъ жеги кӏудияб зарал гьабизе рес бугелъулха.

Кӏиго къоялъ цӏа-канги бахун йикӏана дун. Амма цогидазги абуна жидееги гьебго жо лъугьун букӏанин. Гьеб гуребги, цогидал унтабазда дандечӏун вакцинаби гьаридалги гьебго асар лъугьун букӏана дие.

Раисат Патахӏова, ОМСалъул рахъалъ ТФОМСалъул управлениялъул нухмалъулей:

— Дица гьабуна вакцина. Кинабгӏаги къварилъиги гьечӏо. Директорасдаса байбихьун, нижер хӏалтӏухъабазги гьабуна. Щайгурелъул ковидалда данде чӏезе нилъер тӏокӏаб батӏияб рес гьечӏелъул. Махӏачхъалаялъул тӏоцебесеб больницаялъул тохтурзабаз бицана гъора регун ругел унтаразул хӏакъалъулъ. Гьезда гьоркьор гӏемер руго гӏолохъаби. Цебе гьеб вирус тӏатине кӏиго анкь къваригӏунеб букӏун батани, гьанже гьелъ рекӏеда ратизе толел гьечӏо: тохлъукьего тӏатунеб буго, гьединлъидал чорхолъе цереккунго кьалбал риччан ратулел руго.

Тӏадежоялъе, гьанже Индиялъулин абулеб штаммги тӏатун буго. Тохтурзабаз бицана, гъоркьисаялде дандеккун, исанасел унтарал кутакалда захӏматал ругин.

Вакцина гьабулеб гьечӏо, масала, лъимаде ругел ва лъимал хахулел руччабазе, 18 сониде рахинчӏел лъималазе, хроническиялде сверарал унтаби ругел чагӏазе. Гьел унтаби ругел гӏадамазе дагьаб тӏадагьаб вакцина гьабизе бегьула, тохтурас тӏаса бищула гьеб.

Палхӏасил, дида гьикъани, вакцина гьабейин абила дица. Нижер хъизамалъул, гӏагарлъиялъул чагӏазги гьабуна. Ковидалда данде хасаб вакцина ургъизегӏан гӏемераб заман инчӏин жегиян щаклъи загьир гьабула цо-цо чагӏаз. Амма гьанжелъагӏан цогидал вакцинаби хӏадур гьарулел институтал рукӏана ва ругелъул нилъер гьанир. Гьезул кьучӏ цо буго.

Иммунобиологиялъул дараби ургъулеб Чумаковасул цӏаралда бугеб федералияб централда хӏалтӏулей йиго нилъер ракьцояй. Гьелъги бицана цӏияб вакцина гьанжелъагӏан ургъарал дарабазул кьучӏалда гӏуцӏанилан. Гьединго гьелъул хӏалги бихьун буго централъул хӏалтӏухъабаз.

Цоги рахъалъ босани, нилъеда жеги ракӏчӏун лъаларо, гьаб ахӏвалхӏалалдаса нилъ киналго чӏаго рорчӏилелищалиги. Гьединлъидал вакцинаялъул зарал гьелдаса кӏудияб букӏинаро.

Шамай Хъазанбиева, учительница:

— Дунгоги, гӏагарлъиги, лъалехъвалелги цӏунизе вакцина гьабизе бокьун буго. Амма кӏицӏулниги бидул анализ кьедал, антителаби ругин, гьединлъидал дару жеги гьабизе бегьуларин нахъе йитӏана.

Битӏараб бицани, байбихьуда соцсетаздасан цӏаларал, гӏадамаз жидедаго гьоркьоб тӏибитӏизабураб харбида божун, хӏинкъунги йикӏана.

Цинги дагь-дагьккун якъинлъизе лъугьана бугеб ахӏвал-хӏал. Гӏизраилалда гӏадамазул 70 проценталъ вакцина гьабун бугин цӏалана интернеталдасан. Гьединлъидал доба гьеб унтиги лъугӏулеб буго.

Нилъер гьаниб абуни, вакцина гьабунин абурал сертификаталги кьолел руго, унтиги нахъе къалеб гьечӏо.

Зульфия ХӏАЖИЕВА