Дагъистан автономияб республикалъун лъазабуралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьун буго щибаб магӏарул районалъул хӏакъалъулъ, гьезул тарихалъул, социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул, рухӏиябгун маданияб гӏумруялъул, жакъасеб ахӏвал-хӏалалъул, цере чӏарал масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел макъалаби кьезе.
Жакъасеб номералда бицен гьабулеб буго беричаб тӏабигӏаталъул, бечедаб, некӏсияб тарихалъул, республикаялъул ва улкаялъул тарихалда лъалкӏ тарал анцӏ-анцӏ машгьурал чагӏи рахъараб, захӏмат хириял гӏадамаз гӏумру гьабулеб Шамил районалъул хӏакъалъулъ. Жакъа нижехъ гьоболлъухъ вуго Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасанов.
ТАРИХАЛДАСА
— Мухӏамад, гара-чӏвари байбихьилин тарихалдасан. Кида ва кин гӏуцӏараб район?
— Граждан рагъ лъугӏун хадуб, Дагъистаналда Советияб власть щулалъидал, ДАССРалъул ЦИКалъул хӏукмуялдалъун Авар, Гӏанди ва Гъуниб округазда гьоркьоре унел рукӏарал цо-цо росабиги цолъизарун, 1928 соналъул 22 ноябралда Къахӏиб росулъ центргун гӏуцӏун буго Къахӏиб кантон.
1929 соналъул 3 июналда кантон сверизабуна районалде. Гьебго соналъул 25 октябралда Къахӏиб районалъул центр бахъула Гӏураде росулъе.
1932 соналъул 26 сентябралда районалъул центр цӏидасан бахъула Къахӏиб росулъе.
1960 соналъул 14 сентябралда РСФСРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хӏукмуялдалъун районалъул цӏар хисизабула Советский абун. 1961 соналда райцентр бахъана, цебе почалъул цо мина гурони жаниб букӏинчӏеб, Авар гӏурул рагӏалда бугеб Хӏебда абулеб бакӏалде. Цӏигӏуцӏараб росдае кьуна Советское абун цӏар.
1994 соналда республикаялъул Верховный Советалъул президиумалъул указалдалъун районалъе кьола имам Шамилил цӏар, райцентралъе – Хӏебда абун.
Имам Шамилил цӏар районалъе кьеялъе аслияв хӏаракатчилъун вукӏана Суракъат Асиятилов. Гьединал цӏаралги, бакӏалги, хиса-свериялги ккана районалъул тарихалда.
— Республика гӏуцӏун араб нусго сонил заманалъул цӏикӏкӏарасел сонал ана советияб гӏуцӏиялда. Гьанже батӏи-батӏияб буго доб гӏуцӏиялъеги гӏумруялъеги кьолеб къимат. Гьеб рахъалъ дур пикру кинаб бугеб?
— Гьанже лъица щиб бицаниги, советияб гӏуцӏиялъул заманалда кьучӏдасанго лъикӏаб рахъалдехун хисана магӏарулазул гӏумру-яшав, цебетӏуна миллияб культура, рукӏарахъин, росабалъ рагьана школал, сахлъи цӏуниялъул идараби, сухъмахъаз цолъизарун рукӏарал росабалъе гьаруна шагьранухал, цӏана токалъул кварал. Рес щвана лъай босизе тӏадегӏанал ва гьоркьохъел цӏалул идарабазда цӏализе ине.
Рукӏун ратила доб гӏуцӏиялъе хасиятал гъалатӏалги гӏунгутӏабиги, гьел щибаб гӏуцӏиялда камуларо. Гӏамм гьабун абуни, мукъсанал рекьулел ракьазда лъагӏалие гӏураб хӏалухъин щоларел магӏарулазе чедгӏаги чӏезабуна Советияб власталъ. Ракӏалде щвезабе нилъер умумул чед балагьизе гьирихъ Чачаналде, лъарагӏлъиялде, Цӏоралде хьвадулел рукӏараблъи.
— Районалъул нухмалъуде вачӏиндал, дуца хӏалтӏи росабалъе сапарал гьариялдасан байбихьанин абуна.
— Районалъул бетӏерлъун вачӏиндал, росабалъ бугеб ахӏвал-хӏал лъазе ккола. Тӏоцебесеб иргаялда районалъул щибаб идараялъул нухмалъулелгун цадахъ киналго росабалъе щвана дун. Дандчӏвана жамагӏаталгун, гӏенеккана гьезул тӏалабазухъ, цӏехана цогидалги тӏуразе хӏажатал суалал. Гьел киналго дандеги росун, 2016-2021 соназда районалда гьаризе кколел хӏалтӏабазул бахъана социалияб карта. Гьел рикьана жалго росабазул администрацияз гьаризе кколезде, районалъул ва республикаялъул бюджетаздасан гьаризе кколезде, федералиял проектазда гьоркьоре рачун гьарулезде. Цо бутӏа спонсоразул, меценатазул кумекалдалъун гьаризе рес бугезде. Щибаб суал тӏубаялъе рихьизаруна болжал ва жавабияв.
ХӏАЛТӏАНИ, ХӏАСИЛ ККОЛА
— Гьедин мухӏканаб тартибалда гӏуцӏараб хӏалтӏул хӏасилалги мун разияб хӏалалда ккун ратила…
— Кӏвана гӏезегӏан хӏалтӏаби рагӏалде рахъинаризе. Рехселин цоцоял. Мугӏрузул шартӏазда бугеб районалда аслияб кӏвар бугеблъун ккола санагӏатал нухал рукӏинари. «Дир Дагъистан — дир нухал» абураб проекталда рекъон къачӏана ва гӏатӏид гьаруна Мусрухъ, Къваниб, Хучада, Цӏекӏоб, Лъануб, Гьолокь, Гӏурада, Хӏебда, Ругъелда, Гӏасаб, Мачӏада ва Гӏуриб цо бутӏа нухалъул. Гьолокь-Тӏелекь, Хӏотода-Тӏидиб ва Ракьуб нухазул цо бутӏаялде тӏуна хъил. Тӏаса Бакълъухъ росулъе кьоги лъун, цӏияб нух гьабуна. Исана руго Къахӏиб-Гьоор ва ГидмостЛъахъ нухазда хъил тӏезе. Хъил тӏун лъикӏаб тӏалабалда чӏезабун буго республикаялъул кӏваралъул Лъаратӏе, Бежтӏе ва Цӏунтӏе унеб нижер нухазул идараялъ хъулухъ гьабулеб Шамил район къотӏун унеб 67 км нухлулги.
Анцӏила анлъго километралда, рогӏралги лъун, лъим бачана Микьигьорибе, анцӏго километралда — Тӏидибе, лъим бачун рагӏалде бахъинабуна Гьоориб росулъеги.
Исана кватӏичӏого байбихьизе буго Хӏебда росулъе лъим бачине, гьелъие биччараб цо къадар сурсатазул щун буго.
«100 школа» проекталда рекъон 23 школалда ва анлъго лъималазул ахалда гьабуна капиталияб ремонт. Футболалъул майданал рана Тӏелекь, Хӏебда, Гъогъолъ ва Могьохъ росабалъ. Лъабго школалда рана цӏиял, гьанжесел тӏалабазда рекъон лъимал кваназарулел пищеблокал, исана гьел разе ракӏалда буго жеги лъабго школалда.
«Комфортная городская среда» проекталда рекъон хъил тӏун ва къоно лъун къачӏана Гъоркьа Бакълъухъ ва Гӏурада жамгӏиял бакӏал.
Исана хӏалтӏаби унел руго Къахӏиб ва Тӏидиб росабалъ. Берцин гьабун къачӏана райцентралда хӏухьбахъиялъул парк, гьениб гьабуна лъималазе площадка, кӏиго къватӏалда тӏуна хъил, бана РОВДялъул цӏияб мина. Исана жиб гӏуцӏаралдаса 60 сон тӏубараб Хӏебда росу релълъун буго мугӏрузда бугеб гьитӏинабго шагьаралда.
Спонсоразул кумекалдалъун Гӏурада росулъ машгьурав советияв военачальник, генерал-полковник М. Танкаев гьавуралдаса 100 сон тӏубаялъул юбилеялде бана ва хӏалтӏизе кьуна музеялъул мина.
Мачӏада росулъ рана КЭМЗалъул ген. директор М. Ахӏматӏовас Европаялдаго бищун борхалъуда жиб бугеб, гӏисинал самолетал рещтӏунеб взлетно-посадочная полоса ва хӏалтӏухъабазе хӏухьбахъиялъул рукъзал. Гьебго росулъ хӏалтӏизе биччалеб буго спортивиябгун сахлъизариялъул лагерь.
Гьолокь басрияб росулъ 1.5 км. тӏуна хъил. Дагъбаш росулъе щолеб бакӏалда бана цӏияб кьо. Могьохъ росулъ балеб буго цӏияб школалъул мина. Гьединго спонсоразул кумекалдалъун бан рагӏалде бахъунеб буго Гъ. Бакълъухъ спортивияб комплексги.
Лъикӏаб гӏадатлъун лъугьун буго районалда, росабазул гӏадамаз гӏарацги данде рехун, жиде-жидерго росабалъе ругел нухал къачӏай ва гӏатӏид гьари, лъел мухъал къачӏай.
Росабалъ чӏезабун буго рацӏцӏаракъалъи, кьишникъул бакӏариялъул гӏадлу-низам. Тӏидиб росулъ клубалъул мина цӏи гьабуна ва цӏияб клубалъул мина бана Хучада росулъ.
Цогидалги, хасго ахирал соназда гьарурал хӏалтӏаби рехсани, гьеб халалъила. Гьабураб хӏалтӏи районцоязда бихьулеб буго.
Районалъул жамагӏатазе рукӏа-рахъиналъул, школазда, лъималазул ахазда, нухазда ва цогидалги шартӏал гӏуцӏизе ккани, тӏоцебесеб иргаялда хӏажалъула сурсатал (бюджеталъул хайир).
2016 соналда налогаздасан хайирлъана 55 млн. 2020 соналда хайир бахана 88 млн. гъурщиде.
Ниж рохарал руго район социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетӏезабиялъулъ ракӏ разиял хӏасилал ккеялдаса ва гьеб рахъалъ республикаялъул мугӏрузул районазда гьоркьоб 2016 соналда кӏиабилеб бакӏ, 2017, 2018, 2019 соназда тӏоцебесел бакӏал кквеялдаса.
РОСАБИ ЦӏИЛЪУЛЕЛ РУГО
— Мугӏрузулаб район бугелъул, аслияб къагӏидаялда гӏадамазул бетӏербахъи гӏи-боцӏудасан батилаха…
Цебе районалда букӏана анлъгоанкьго промышленниял предприятиязул филиал, гьениб гӏезегӏан гӏадамазе хӏалтӏиги букӏана. Хӏабургъарал 90-абилел соназда гьел къана. Цохӏо Мачӏада ва Хӏебда хутӏун руго Гъизляралъул электромеханикияб заводалъул цехал. Районалда буго пластикалъул нуцӏби, гордал гьарулел ва цӏулал, маххул хӏалтӏаби гьарулел цехал. Гьайгьай, гӏи-боцӏи хьихьи росабазул бакӏалда аслияб магӏишатияб бутӏалъун букӏана ва буго. Дол цересел колхозазул ва совхозазул бакӏалда гьанже буго 17 СПК. Гьениб, КФХязда ва жалго бетӏергьанал магӏишатазда хьихьун буго 3600 чӏегӏерхӏайван, 140 азарго гӏи-цӏцӏани. Цо къадаралъ гӏадамаз бетӏербахъи гьабулеб буго даран-базаралдалъун, райцентралда ва росабалъ хӏалтӏулел руго нусгоялдаса цӏикӏкӏун промышленниял ва кванил нигӏматазул тукаби. Дагьал гьечӏо наял хьихьулел ва чуял гӏезарулел чагӏиги.
— Магӏарухъа гӏадамалги лъарагӏлъиялде гочун, гӏисинлъулел руго нилъер росаби. Цо-цо районазда тӏубанго рехун таралги росаби руго. Шамил районалда гьеб рахъалъ щиб хӏал бугеб?
— Нижер росаби цӏилъулел ва кӏодолъулел руго. Чӏунтизе тарал росаби гьечӏо. Хӏатта шагьараздаса магӏарухъе тӏад руссун жиде-жидер росабалъ басриял минаби къачӏалел, цӏиял ралел руго.
Росабалъ халкъ цӏикӏкӏунеб буго, лъимал гьариялъул рахъалъги Дагъистаналдаго ниж цебесеб кьерда руго. Гьабсагӏаталда районалъул 25 муниципалияб цолъиялъул 48 росулъ гӏумру гьабулеб буго 30500 чияс.
ТУРИЗМ ВА ГӏОЛИЛАЗУЛ ВА ГӏУМРУ
— Шамил район бечедаб буго тӏабигӏиял ва тарихиял памятниказдалъун. Гьанже республикаялда кӏудияб кӏвар кьолеб буго туризм цебетӏезабиялде. Районалда гьеб рахъалъ кинаб ахӏвал-хӏал бугеб?
— Хӏакъикъаталдаги туризм цебетӏезабиялъе нижер районалъул руго гьарзаял ресал. Районалъул ракьалда буго 80 архитектурияб памятник, гьездасан 17 памятник федералияб кӏваралъул. Гьединго буго ганчӏил гӏасруялдаса байбихьун лъебергоялдаса цӏикӏкӏун археологияб памятникги.
Араб соналда районалде вачӏун вукӏана 12500 турист, гьаб соналъул арал моцӏазда нижехъе щвана микьазаргогӏан турист. Гьел гъираялда унел руго Басрияб Гьоор росулъ хутӏарал гьоркьохъел гӏасрабазул сиязухъ балагьизе, Бакъда Къахӏиб росдал хутӏелал рихьизе, Мусрухъ ва цогидалги бакӏазда ругел рагъулал ва хъаравуллъиялъул сиял рихьизе. Хасго асар гьабула гьалбадерие Датуна росдада гӏагарлъухъ цӏунун хутӏараб Северияб Кавказалъул ракьалда цого цо бугеб IX гӏасруялда бараб насраниязул гьатӏаналъ, ХVII –ХVIII гӏасрабаздаго бакӏалъулаб архитектураги цӏунун рарал мажгитаз ва михӏмараз.
Сомолазул магӏарда, Гӏасаб, Лъануб, Цӏекӏоб росабазул ракьазда руго хӏорал, чваххелаби, гьарзаго руго рохьал. Районалъул культураялъул отделалда вуго туризмалъул рахъалъ хӏалтӏи гьабулев хасав махщелчи. Бахъун буго районалъул ракьалда туристазул маршрутазул хасаб карта, туристал рещтӏине микьго бакӏалда ран руго гьалбадерил рукъзал.
— Шамил районалъул гӏолилазул цолъи, цогидал районазул гьединалго гӏуцӏабазде дандеккун, тадбир бугеб, гъункараб, экстремизмалдаса, терроризмалдаса рикӏкӏадаб, умумузул гӏадатал ва дин цӏунараблъун рикӏкӏуна…
— Батӏайиса букӏине ресги гьечӏо. Шамил районалъул халкъ буго Дагъистаналдаго гӏодосанго исламияб дин ккураб, гьеб цӏунараб. Гьелдаса кьуризе рес ва батӏияб нух букӏинаро хадуб гӏолеб гӏелалъе. Гӏадада букӏинчӏо советияб гӏуцӏиялъул тӏоцересел соназдаго, 1923 соналъул ноябралда, Къахӏиб росулъ Дагъистаналъул гӏалимзабазул тӏоцебесеб съезд тӏобитӏиги.
Районалдаса рахъана гӏараб гӏелмуялъул рахъалъ цоги улкабаздаги цӏар рагӏарал гӏалимзаби, шайихал. Жакъа районалъул росабалъ буго, авал мажгиталги малъун, кӏинусгогӏан мажгит, киналгоязде гӏунтӏун росабалъ рагьун руго мадрасаби. Гӏасаб росдал Мочӏолъ абулеб бакӏалда – исламияб институт.
— Рухӏияб рахъалъ гуребги, дунявияб рахъалъги гӏолеб гӏелалъ мисал босизе, район, республика улкаялдаго машгьур гьабурал гӏезегӏан цӏарал кенчӏана Шамил районалъул тарихалда…
— Гьединал мустахӏикъал гӏадамал гӏемерал руго. Гьезул киназулго цӏарал рехсани, халатаб читӏир лъугьина. Гӏицӏго рехсела цо чангояв. Северияб Кавказалдаса цого-цо вахъарав ва тӏоцевесев Советиял аскаразул полководец, генерал-полковник М. Танкаев, милициялъул генерал-лейтенант М. Гӏабдуразакъов, юстициялъул генерал-майор Хӏ. Хашаев, Социалистияб Захӏматалъул Бахӏарчи, С. Абакаров, Дагъистаналдаса тӏоцевесев СССРалъул самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъалъ чемпион С. Асиятилов… Районалдаса вахъана 26 гӏелмабазул доктор, профессор, 82 гӏелмабазул кандидат.
— Гьаб соналъул 24 апрелалда республикаялъул хӏукуматалъул бетӏер Гӏабдулпатахӏ Гӏамирханов, цадахъ чанго министргун, щвана Шамил районалде. Гьеб букӏана премьерасул мугӏрузул районазде гьабураб тӏоцебесеб хӏалтӏул сапар…
— Цадахъ министралги рачун республикаялъул премьер-министр районалде вачӏин нижее кӏудияб лъугьа-бахъин ккана. Баркала буго гьесие хӏалуцараб хӏалтӏи бугониги, районалде вачӏине рес батаралъухъ.
Гӏ. Гӏамирханов щвана Гьолокье, Къахӏиб-Гьоор росабалъе, Къахӏиве (цӏияб кьо балеб бакӏалде), Ругъелде. Дандчӏвана гӏадамалгун, райадминистрациялдаги тӏобитӏана данделъи.
Щвараб ресалдаса пайдаги босун, нижецаги гьарана чара гьечӏого тӏуразе хӏажатал цо-цо объектал раялъе кумек. Тӏаса Бакълъухъ ва Гӏуриб росабалъе хӏажат руго фельдшеразулгун акушерлъиялъул пунктазе минаби. Гӏасаб ва Хӏотода росабазе хӏажат руго лъималазул ахазе минаби, Гӏуриб, Ругъелда, Гьолокь цӏиял школал. Республикаялъул бюджеталдасан гурого тӏуразе рес гьечӏел цогидалги суалал рорхана нижеца.
Гьел тӏураялъе кумек гьабизе рагӏи кьуна премьерас. Цо бутӏа суалазул тӏуразе гьес гьенибго тӏадкъана цадахъ рукӏарал министрзабаздаги. Хӏасил гьабун абуни, аралде мугъчӏвайги гьабун, бачӏунеселде ракӏчӏарал галабигун церехун ине нияталда руго нижер районалъул захӏматчагӏиги муниципалитеталъул нухмалъулелги.
Гара-чӏвари гьабуна Пайзула ПАЙЗУЛАЕВАС