Хӏалуцараб хӏал буго гьал къоязда Хасавюрт районалъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул. Рогьалилъго рагӏула хурзабахъ хӏалтӏулел комбайназул ва тракторазул хъуди. Исанаги бечедаб бачӏин картошкадул букӏиналде хьул буго Хӏасан Мухӏамадовасул рекьарухъабазулгун фермеразул магӏишаталъул.
— Кватӏун кканиги лъикӏаб даражаялда тӏоритӏана ихдалил хӏалтӏаби. Цудунго барщулеб ва бакӏаризе бегьулеб «Коломбо», «Аризона» ва «Ривьера» сортаз кьуна бечедаб бачӏин. Щибаб гектаралдаса щвана 250 центнер картошкадул. Гьал сортаз бечедаб бачӏин кьей гуребги ракъдаллъиги хӏехьола, унтабиги рахунаро, — ян бицана Хӏ. Мухӏамадовас.
ДРялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Шарип Шариповасги лъикӏаб къимат кьуна Хӏ. Мухӏамадовасул магӏишаталъе ва министерствоялъул рахъалдасан кӏвараб кумек гьабизе бугинги абуна.
Ш. Шарипов щвана Кировасул цӏаралда бугеб хӏалбихьиялъулгун производствияб магӏишаталдеги. Гьалъул бетӏерав инженер Мовлетхан Саиповас бицухъе, 2400 гектаралдаса бачӏин бакӏаризе буго ОПХялъул хурухъабаз.
— 16985 гектаралдаса бакӏаризе ккола исана Хасавюрт районалъул магӏишатаз ролъ ва пурчӏина, — ян бицана росдал магӏишаталъул райуправлениялъул нухмалъулев Идрис Загъаловас. — Араб соналде дандеккун 1185 гектаралъ цӏикӏкӏинарун руго исана хаслихъе рекьарал тӏоролал культураби гӏезарурал ракьал. Исана 11000 гектаралдаса ролъ ва 5985 гектаралдаса пурчӏина бакӏаризе буго Хасавюрт районалъул хурухъабаз. Жакъа районалъул магӏишатазда хӏалтӏулеб буго 60 комбайн. Щибаб гектаралдаса 26 центнер ролъул ва пурчӏинадул бакӏарулеб буго механизатораз.
Гирай ХӏАЙДАРОВ