Тӏолабго улкаялдаго гӏадин, Бежтӏа участокалдаги цӏикӏкӏунеб буго коронавирусалъ унтаразул къадар. Жакъа гьеб унтуде данде чӏезе гӏураб къуват ва гьелдаса цӏуниялъе хӏажатабщинаб бугищали лъазабизелъун ниж щвана Бежтӏа участокалъулаб больницаялде. Рехсараб участокалда бугеб ахӏвал-хӏал рагьизелъун дандчӏвана ЦРБялъул эпидемиолог-инфекционист Садула Сомоевгун.
Баян
ДРялъул медицинаялъул мустахӏикъав тохтур Садула Сомоевасухъе рахунел гӏузраби сах гьаризе гурелги, унтарал лъимал рачунги хьвадула бежтӏасел.
Педиатрия ккола гьесул кӏиабилеб махщел.
Инфекционистасул тӏоцебесеб хӏалбихьи гьесие щвана студентлъун вугеб заманалда, республикаялъул инфекциязулаб больницаялда хӏалтӏулаго.
Дагъистаналъул мединститут лъугӏидал, Казаналда ункъо моцӏалъ цӏалана гьев. Цинги щуго соналъ хӏалтӏана Набережные Челны шагьаралъул инфекциязулаб больницаялда.
1989 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго гӏагараб росдал больницаялда.
КӏАЛБИЧЧАРАЛДАСА НАХЪЕ ЦӏИКӏКӏАНА
— Садула, ахираб заманалда унтаразул къадар цӏикӏкӏиналъе гӏилла щиб?
— Коронавирусалъ унтаразул къадар кӏалбиччанкъоялдаса хадуб цӏикӏкӏине байбихьана. Гьелъие гӏиллаги буго шагьараздаса гӏемерал гӏадамал гӏагарлъиялъухъе щвезе росулъе рачӏин.
Жакъа инфекциялъулаб отделениялда 17 унтарав руго. Анализазул хӏасилалда, гьезда гьоркьоса микьгоязул коронавирус унти букӏин чӏезабуна. Киназулго пневмонияги буго, гӏезегӏан захӏматгоги руго. Анализ гьабун хадуб коронавирус унти букӏин тӏатарал амбулаториял унтаралги цӏикӏкӏунел руго. Гьел халгьабияздаса хадуб, жакъа къоялде 28 чиясул коронавирус унти батана.
— Гъоркьиса коронавирусалде данде къеркьезе щиб хӏадурлъи нужер букӏараб?
— Дунялалдаго унти тӏибитӏулеб бугин рагӏаралдаса нахъе дица инфекциялъулаб отделение цебеккунго хӏадур гьабун букӏана унтарал къабул гьаризе. Терапиялъул ва лъималазул отделениялги коронавирусалъ унтарал сах гьариялъе хӏадурун букӏана. Участокалда цогӏаги унтарав чи вукӏинчӏониги, ниж гьелдаса рорчӏулареблъиги лъан, хӏадурго чӏана. Пандемиялъул байбихьудаго нижер рес букӏана 26 унтарав вегизавизе.
— Больницаялда гӏураб къадаралда дару, кислород гьечӏолъиялъул, яги жиндир заманалда кумек щвечӏого хутӏиялъул хӏужжаби рукӏанищ?
— Байбихьуда захӏматго букӏана. Кислородалъул концентраторал (кислород бацӏцӏад гьабулеб аппарат) рукӏинчӏо, баллонал, подушкаби гӏолел рукӏинчӏо. Кислород лъугӏанщинахъе машина битӏулаан Махӏачхъалаялде баллонал цӏезе. Кин букӏаниги, ниж гьелдаса рорчӏана.
Гӏемерисеб мехалда нижерго росуцояз росулаан хӏажатал антисептикалги, маскабиги ва медицинаялъул хӏалтӏухъабазе хӏажатабщинабги. Германиялда, Франциялда гӏумру гьабун ругел росуцоязцин кумек гьабуна. Цоги аппарат щвана нижерго ракьцояв, эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мухӏамад Къурбангӏалиевасул кумекалдалъун.
— Гьабсагӏаталда коронавирусалдаса сах гьариялъе больницаялда камураб жо бугищ?
— Хӏажатабщинаб чӏезабун буго, амма больницаялда гӏураб къадаралда концентраторал гьечӏо. Унтаразул къадарги цӏикӏкӏунеб бугелъул, жеги чанго аппарат щвани лъикӏ букӏинаан.
— Гъоркьиса букӏаралде дандеккун, цӏуна-къай гьабиялъул рахъалъ исана гӏадамазул бичӏчӏи хисун бугищ?
— Гъоркьиса гӏадамал квешго унтиялъе ва тахшагьаралде рачине ккеялъе гӏилла букӏана унтарал жиндир заманалда тохтурасухъе рачӏинчӏолъи. Нижер больницаялда ковидалъ унтарав цогӏаги чи хвечӏо, тахшагьаралде захӏматго лъугьун ритӏарал гурони. Коронавирусалдасаги сахлъун, нахъе йиччазе хӏадурулей йикӏарай цо гӏадан хвана. Гӏадалнахулъе би тӏинкӏун, инсульт ккана гьелъул. Цебеялде дандеккун, исана унтул хасият хисун буго. Гьанже гьеб унти захӏматго унебги буго. Церего унтун рукӏарал ва антителаби ругел сах гьаризе бигьалъула.
— Унтарал цӏикӏкӏиналъ Дагъистаналъул цо-цо районазда карантин лъун буго. Нужер гьаниб гьединаб хӏинкъи бугищ?
— Кинабгӏаги бакӏалда карантин лъезе ккани, гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб унтаразул къадар 20 проценталде бахине ккола. Бежтӏа участокалда гӏумру гьабун вуго 8066 чи. Гьединлъидал карантин лъезе ккараб хӏал гьечӏо.
— Гъоркьиса нужер больницаялъул хӏакъалъулъ гӏемер бицунеб букӏана. Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдасан яги районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагътал, шапакъатал щванищ нужер хӏалтӏухъабазе?
— Нижер хӏалтӏи, цогидалго больницабаздаго гӏадаб, хӏалуцараб букӏана. Амма шапакъатал кьолелъул, щаялиго, ниж гьоркьор тана.
ВАКЦИНАЯЛЪ ЦӏУНИЛА
— Гъоркьисаго гӏадинаб захӏматаб хӏалалде ккеларедухъ, халкъалъе кинал малъа-хъваял дуца гьарилел?
— Гьоркьоса къотӏичӏого халкъалъулгун бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабула. Гьанжелъизегӏанги коронавирусалъ унтарав цо-цо, кӏи-кӏи чи вегун вукӏунаан инфекциялъулаб отделениялда. Унтаразул къадар дагьлъаниги, маскаби, квердахелал ретӏеян, гӏемерал гӏадамал данделъарал бакӏазде унгеян лъазабула. Нижер участокалъул киналго гӏадамаздехун цоги нухалда гьари буго вакцинация гьабеян. Гьелдалъун гурони коронавирусалдаса цӏуни гьечӏо.
— Коронавирусалде данде прививка гьабуралги унтулел ругин аби уяб жо бугищ?
— Прививка гьабуралдаса нахъе инсанасул чорхолъ антителаби лъугьунел рукӏуна. Кӏиго моцӏидасан гурони коронавирусалда данде чӏолел клеткаби лъугьунаро. Гьеб заманалда жаниб инсан коронавирусалдаса цӏунаравлъунги вукӏунаро. Бокьараб мехалда унтизе бегьула гьев. Гьесул чорхолъ жеги коронавирусалде данде чӏолел клеткаби гьечӏелъул, прививка гьабичӏев чи кинигин гьевги унтизе рес буго.
— Вакцина гьабурав чиясдаса сверухъ ругезе хӏинкъи букӏунищ?
— Прививка гьабураб къоялъго гьесул чорхолъ бахчараб унти букӏун батани, гьеб мехалда гьесдаса унти бахинеги бегьула. Гьединлъидал прививка гьабилалде цебе гьесул хал гьабизе ккола. Мазок босун, ПЦРдиагностика, тест гьабун унти бугищали тӏатинабизе ккола.
— Коронавирусалъул вакцинаялдаса хадуб лъимер щоларин абулелги руго…
— Гьеб буго гьадингояб хабар. Нилъер пачалихъалъе халкъ тӏагӏинабизе бокьун бугиландай гьединазда ракӏалде кколеб? Гьелъул гӏаксалда, халкъалъул къадар цӏикӏкӏинабизе гӏоло пачалихъалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго.
— Нужер участокалда чан чиясе гьабураб прививка?
— Больницаялъул киналго хӏалтӏухъабаз гьабуна вакцина. Нижехъе бачӏун букӏана 750 вакцина. Жакъа къоялде 700-гӏанасев чиясе гьабуна гьеб.
Унтаразул къадар цӏикӏкӏине байбихьидал, вакцина гьабизе бокьаразул къадарги цӏикӏкӏана.
Масала, гьале жакъа гьаниве прививка гьабизе вачӏун вуго коронавирус багъарараб Нахӏада росулъа чи. Москваялдаса хӏалтӏун тӏадруссун рачӏарал гӏагарлъиялъул гӏадамаздаса бахун, тӏибитӏун буго гьезул росулъ унти. Циндаго цо хъизамалдаса микьго чи унтана гьенив. Гьезул гӏагарлъиялъул гӏадамал жеги унтулелги руго. Гьединлъидал Нахӏада росулъ прививка гьабизе бокьарал гӏемер руго.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА