Бицине мустахӏикъаб буго бежтӏадерил хьухьариялъул ва рукъариялъул махщалил хӏакъалъулъ. Маданияталъул идараялда (Центр традиционной культуры народов России) гӏуцӏун буго гьелъул бечелъи рагьулеб хасаб рукъ. Битӏахъе пана гьаруна ниж батӏи-батӏиял соназ бежтӏадерил руччабазул кверзукьан арал асарал рихьидал. Жакъа гьеб рукъалъул тӏалаб гьабулеб буго Назипат Гӏабдурашидовалъ. Гьей ккола гӏицӏго бежтӏадерие хасиятаб хьухьариялъул ва рукъариялъул устар. Жиндирго махщалил балъголъабазул хӏакъалъулъ бицунаго, Назипатица нижее рагьана бежтӏадерил цебесеб гӏумру бихьизабулел тарихалъул тӏанчал.
ЦО ХЬИТАЛ ХЬУХЬИНЕ АНЛЪГО МОЦӏ БАЛА
Гьениб щибаб тӏагӏел-алат бугоан кӏудияб захӏмат бихьун гьабураб, чара гьечӏого къавулъ хӏалтӏизабизе хӏажатаб. Щулалъи ва цӏакълъи гуребги, гӏажаибаб, жидерго мугӏрузул, гьенир рижарал тӏугьдузул, гӏедегӏун рачӏунел лъаразул гугьарги лъун бугоан гьез щибаб тӏагӏел-алаталъулъ. Республикаялъулал выставкабаздаги конкурсаздаги гӏахьаллъула бежтӏадерил халкъияб махщалил тӏагӏелалгун Назипат.
Тӏолабго магӏарул халкъалъго гӏадин, бежтӏасезги гӏасрабаз аслияб къагӏидаялъ гӏи-боцӏудалъун, хур-хералдалъун магӏишат гьабулаан. Рукӏа-рахъиналъулъги хӏалтӏулъги санагӏатаб, хасало квачцӏороялдасаги, риидал гьури-бакъалдасаги цӏунулеб ретӏел-хьит букӏун буго гьезул.
Бежтӏадерил хьитазул ва щватабазул буго чанго батӏияб тайпа. Гьаькӏаь абулел хьитал хьухьине бащдаб лъагӏелниги балин бицана Назипатица. Къо бихьун гьарурал гьединал хьиталги бокьаразе ретӏине щолел жал рукӏинчӏо. Росасе унел ясазе, бахӏаразе кьолаан гьел аслияб къагӏидаялда. Жакъа къоялдаги гьел ричун росизе ккани 15 азарго гъурщидаса учуз рукӏунаро. Бихьиназулги руго гьаькӏаь хьитал. Гьелги дагьал батӏиял, расеназ гӏемер къачӏачӏел рукӏуна. Гьел хьухьунеб къагӏидаги бихьизабуна Назипатица нижеда. Гьаькӏаь хьитал хьухьине бажарулел руччаби Бежтӏа гӏемер хутӏун гьечӏин бицунаго, гьелъ ракӏалде щвезабуна умумузул цебесеб яшав:
«Бежтӏадерил руччаби хьухьарулаан къаси сордо бащалъизегӏанги, радал хъахӏлъи рехилалде хурире ва кулабазде унаан. Я хасало, я риидал хӏалтӏичӏого гӏадада заман биччалароан. Ясал рукъалде руссиналде яги гьез лъимал гьарилелде кӏудиял улбуз гьезие хьухьун ва рукъун гьарулаан таргьаби, кинидал къайи, щватаби ва цоги хӏажатабщинаб. Бахӏаралъе якьадалъ сайгъат гьабулаан гӏомоги хьухьариялъул цогидаб алатги жаниб лъун берцин гьабун къачӏараб таргьа. Ячун кӏиабилеб къоялъ бахӏаралъ хьухьаризе ва юкъаризе бугеб махщел бихьизабизе кколаан. Гӏолохъанаб рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул хьухьун гьабулаан гӏисинал лъималазе кини. Магъилъе, колотӏе унелъул ва хӏалтӏи гьабулелъул лъимер жаниб лъун рачлил къвалги бан баччизе бигьаяб кини букӏана гьеб. Лъабго моцӏ базегӏан гьениб жаниб хӏебтӏулаан лъимер. Лъимада гӏетӏ баларедухъ ва гьелъул чорхое рахӏат букӏинедухъ кинида жаниб лъолаан хӏотол гьабураб гьитӏинаб ургу. Къаданиб лъолаан анлъго гъаталъул буртинаялъул гьабураб къандалъо. Тӏадги балаан жаниб буртинаги лъун тӏаса хӏеренаб ххам ккураб юргъан. Буртина белъине релъеналги жидецаго гьарулаан яги Гуржиялъа росулаан. Жаниб лъураб лъимер бортиларедухъ щулаго бухьун букӏунаан хьвацӏил чӏалаз».
ХӏАЛТӏУЛЪ САНАГӏАТАБ БУКӏАНА РЕТӏЕЛ
Нижер бер тӏаде цӏана руччабазул гурдиде ва гӏарцуца берцин къачӏараб цебебухьгун рачлиде. Гурдида тӏаса ретӏунеб цебебухьги берцинлъиялъе гурин букӏарабин бицана Назипатица. Цебебухьалъул аслияб масъала букӏанила – гьелдалъун чӏужугӏаданалъул лугби бихьиназул бердаса рахчи. Гьуриквачалдаса цӏуниялъе сабаблъунги букӏунаанила гьеб ратӏлил къагӏида. Цебебухьги бачӏого цогӏаги чӏужугӏадан яхъунароанила рокъоса къватӏие.
Тӏаса къараб 3,5-4 метр халалъи бугеб рачелалъулги хасаб масъала букӏанин бицана Назипатица: «Гьеб рачелалъ каранда яги мугъалда рущунаан лъималги, гьеб хӏалтӏизабулаан чвантил бакӏалдаги. Хьухьарулеб къайиги букӏунаан гьениб жаниб лъун. Хурий яги цогидаб бакӏалда хӏалтӏулаго, гьелъ чехьмугъги къалаан, унтиларедухъ.
Бихьиназулги букӏунаан къвалалги къваридаб, тӏолалго магӏарулазе хасиятаб хъабарча (тӏимугъ). Къвалал аслияб къагӏидаялда хӏалтӏизарулаан чвантил бакӏалда.
Цогидаб миллияб ратӏлида гъорлъ бан бугоан 100 сон бараб, сугъуралъул гьабураб руччабазул гурдеги. Цебе заманалъ гьединал рукӏунаан бежтӏадерил ресукъал руччабазул гурдал. Бахӏаралъе гьарулаан кьеркьер батӏиял, гӏарцуца къачӏарал гурдал. Гьединан къачӏарал гурдал гьаризе кватӏун байбихьана».
ГУРЖИЯЛЪ РУГЬУНЛЪАНА
Руччабазул гурдазе цӏияб гугьар бачӏинабурав чилъун ккола Назипатил кӏудияв эмен Хӏажимухӏамадов Мухӏамад. Вабаъ унтиялъ эбел-эменги хун, лъимерлъудаго бесдаллъун хутӏана гьев. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего вехьлъи гьабуна. Гьебго заманалда бежтӏадерие хасиятал махщелазеги ругьунлъулев вукӏана. Бищунго ракӏ тӏаде цӏалеблъун букӏана квералъ цӏулал тӏагӏелал хӏадури. Гьес гьабураб кванил нигӏматазе хӏалтӏизабулеб тӏагӏел букӏунаан гӏажаибго мухӏканаб, цогидаздаса батӏабахъизе лъалеб.
Гӏолохъанаб гӏужалда, цогидал кьерилалго гӏадин, Мухӏамадги Гуржиялъе хӏалтӏизе ана. Цо нухалда, хӏалтӏудаса свакан сордо балеб бакӏалде унаго, гьесда цоязул гордухъан рихьана рукъарулел гӏадамал. Рукъарулел машинабазда нахъаги кӏусун, ретӏел букъулел гӏадамазухъги валагьун, гьев паналъун хутӏана. Гьаб махщел дицаги лъазабизе ккелин абун ракӏалде ккана Мухӏамадида. Хӏалтӏудаса регӏанщинахъе щолаан гьев рукъарухъабазда аскӏове.
Ахирги гьес гьезда гьарана лъутӏулеб къагӏида, куц (выкройка) жиндие кьеян. Кватӏичӏого гьес, букъарулеб машинаги босун, жинцаго букъана ретӏел. Бичун ретӏел босизе я тукен гуреб, я базар гуреб заманалда гьеб букӏана цӏакъ хӏажатаб махщел. Гьес Гуржиялъа бачӏараб печьги бихьун, росуцоязги гьелдаса пайда босизе байбихьана.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьидал, Хӏажимухӏамадовги, цогидалго гӏадин, рагъде ахӏун вукӏана. Гьев вукъарухъан вукӏин лъайдал, военкоматалъ рагъде витӏичӏо, тылалда гьев цӏикӏкӏун хӏажат вугинги абун.
Мухӏамадица бежтӏадерил руччабазул гурдал жеги мухӏканго къачӏана, батӏи-батӏияб тайпаялъул тӏадеги ургъана. Жиндирго ясаздаги малъана гьес рукъаризе. Мухӏамадил яс Рабигӏат лъикӏай юкъарухъанлъун яхъана. Гьелъ цӏиял расенал ургъулаан, бахӏаразе ва хьухьарухъабазе кьер-кьер батӏиял сумкаби рукъулаан. Рабигӏатил кӏудияй яс Назипат Гӏабдурашидовалъ босана кӏудияв инсуца ирсалъе тараб махщелги. Лъутӏариялъул ва рукъарилъул курсаздаги цӏалун, жиндирго махщелги камил гьабуна гьелъ. Рабигӏатилги Назипатилги хӏалтӏаби ритӏула республикаялъулал выставкабазде, конкурсазде. Гьез гьабураб къайи буго Санкт-Петербургалъул пачалихъияб Эрмитажалъул изобразительнияб ва декоративиябгун прикладнияб музеялдаги.
С. МУХӏАМАДОВА