Бежтӏаса Кахетиялъул Къварели районалъул Ахалсопели абураб росулъе щвезегӏан буго 54 километр. Мадугьалихъ рукӏиналъ чӏахӏияб гӏелалда лъикӏ лъалаан гуржи мацӏ. Щибаб хъизама-лъул рукӏана гьалбал-гуржиял. Цоцазухъеги гӏемер щолаан.

ЭБЕЛАЛЪ БИЦУНААН…

Дир эбел, Марзият Маламухӏамадова гьаюна 1928 соналда. Гьелъ гӏезабуна ичӏго лъимер. Гьелъ бицунаан: «Гӏолохъанаб заманалда – росасе иналде кӏиго ва ригьнада йикӏаго щуго соналъ – дица гӏумру гьабуна Къварелиялда. Нижер букӏана захӏматаб гӏумру. Росулъ бугеб ракьул бутӏаялда гӏезабураб ролъги цогидал нигӏматалги гӏолароан бетӏербахъиялъе, хъизам хьихьизе. Гьединлъидал гӏемерисел бежтӏадерица хасел тӏамулаан Гуржиялда ва ихдал тӏад руссунаан росулъе», — ян.

Эбелалъ бицунаан гуржияз жидее кинабгӏаги къварилъи гьабулароанин абун. «Цо-цоккун яги цо чангоял цадахъги ракӏарун, нижер руччаби унаан гуржиязул рохьоса бакъвараб цӏул бакӏаризе. Цӏулал магьалги раччун, хьвадулаан росабалъе – гӏадамазе гьеб бичизе яги цӏоросаролъул ханждахъ хисизе. Цо магь цӏулал хисулаан ханждал цӏураб цо щурмихъ. Анкьго сон баралдаса нахъе раччана дица цӏулал магьал. Киданиги нижеда хъачӏго кӏалъалароан гуржиял, разиго къабул гьарулаан.

Ниж рукӏана гьезие учузго чӏолел хӏалтӏухъабилъун. Ниж хӏалтӏулаан хурир-ахикь, хьихьулаан гьезул боцӏи, ай гьабулаан гьез малъараб хӏалтӏи. Радал киналго ракӏарулаан цо бакӏалда. Гьенире рачӏунаан гуржиял ва жидерго рукъалъул хӏалтӏи гьабизе хӏажатал гӏадамал рачунаан цадахъ. Гьелдасаги рохун рукӏунаан ниж. Гӏицӏго кванихъ ва ратӏлихъ хӏалтӏараб мехги букӏунаан. Гӏемерал соназ гьединаб гӏумру букӏана нижер. Амма абизе ккола: гьебги букӏинчӏебани, ракъун хвелаан нижер гӏадамал», — ан бицунаан эбелалъ.

Гьедин ругьунаб къагӏидаялда унеб букӏана гӏумру. Амма 1953 соналъул февралалда Къварели районалда рукӏарал киналго магӏарулал ракӏарана цо бакӏалде ва лъазабуна, кӏиго къоялда жаниб гуржиязул ракь тезе кколин абун. Бежтӏал рещтӏарал гуржиязухъе хьвадизе байбихьана милициялъул хӏалтӏухъаби. Гьез минаялъул бетӏергьабазухъа босулеб букӏана, гьалбал нахъе ритӏеян жидеда лъазабунин абураб кагъат.

Хасало мугӏрулги рахун, росулъе тӏад руссине бигьаяб иш букӏинчӏо. Бащдаб къоялъул нух бахине хӏажалъана лъабго къо.

Эбелалъ бицунаан: «Тӏоцебесеб къоялъ лъелго рилълъун, ниж щвана Цацхена абураб росулъе. Гьеб буго Кӏудияб Кавказалъул габурлъиялъул ахада бугеб гуржиязул росу. Росдада гӏагарлъухъ букӏана рохь. Нижеца гьениб сордо бана. Гьениб бакӏарун букӏана магӏарухъе тӏад руссунел бежтӏадерил 120 хъизам (350-370 чи). Кӏиабилеб къоялъул радалалде хун ятана нижер мадугьал Сутӏаев Гӏумарил лъагӏел балей яс Шамсият. Юкъана гьенийго гьейги, рахъана сапаралъ. Бурсахъ рохьосан эхедерегӏелалъ лъелго рахине цӏакъ захӏмат букӏана. Рохьалъ ниж цӏунулел рукӏана гӏаздал гӏансиялдаса. Роол заманалда лъелго хьвадулеб нух бацизабун букӏана гӏаздаца. Эхедегӏан рахиндал, батана метргӏанасеб бицалъиялъул гӏазу. Щуго сон барав Мухӏамад (статьяялъул автор) вукӏана, эхе бохдулги риччан, инсул горбода рекӏун. Дица баччун букӏана лъабго моцӏ барай яс Патӏимат ющараб хьухьараб кини. Нижеда хаду-хадуй ячӏуней йикӏана Гӏабдулгӏазизил лъади Сулейманова Патӏимат», — ан.

Дида лъикӏ ракӏалда буго гьеб сапар. Инсуца ваччун вугев дун зигардулаан квачалев вугин абун. Гьеб рагӏун батила Патӏиматида, щайгурелъул кӏудияв гӏун хадубги росулъ дандчӏвараб мехалда гьелъ дида кидаго гьикъулаан, жеги хинлъичӏищ мун, гьитӏинав Малаян абун.

Сапарчагӏаз кӏиабилеб сордо бана Мухова бизокьа абулеб бакӏалда. Гьебги буго рохьалда аскӏоб. Бакана ункъо бакӏалда кӏудияб цӏа. Кахетиялдаса Бежтӏехун пулеб букӏана цӏорораб гьури. Гӏемер квачаялъ, лъиданиги кӏолеб букӏинчӏо кьижизе. Рогьинегӏан киналго ракӏарун рукӏана цӏаязда сверухъ.

Лъабабилеб къоялда щвана росулъе. Гьеб сапаралдаса хадуб гӏемерисел унтана. Нижер хъизамги тӏокӏалъ Гуржиялъе инчӏо. Нижедаса хадуб росулъе тӏад буссана бежтӏадерил цоги къокъа. Хутӏарал Гуржиялъе нахъе ритӏана поездалда.

ГӏИЛЛА БИЧӏЧӏУЛЕБ БУКӏИНЧӏО

Доб заманалъул лъугьа-бахъинал ракӏалде щвезарулел руго росдал больницаялда гӏемерал соназ хирурглъун хӏалтӏарав Сулейман Къебедмухӏамадовас: «Дунги дир эбел-инсуда цадахъ гӏумру гьабун вукӏана Къварелиялда. Эмен хӏалтӏулев вукӏана чогърол заводалда – чагъирги чӏачӏаги бахъулеб цехалда технологлъун. Я рокъор, я хӏалтӏуда эбел-инсуе кинабгӏаги къварилъи букӏинчӏо. Тохлъукьего нижеда лъазабуна Гуржиялъа нахъе ине кколин абун. Нижер хъизам, машинаялдаги рекӏинабун, щвезабуна маххул нухлул станциялде. Гьенир Гуржиялъул хӏакимзабаз данде гьарун ратана гӏемерал бежтӏал. Киналго рахинаруна поездалде ва щвезаруна Бакуялдасан Махӏачхъалаялде. Махӏачхъалаялъул вокзалалда хӏадурун ратана юк баччулел машинаби. Гьенив дун тӏоцебесеб нухалда вилана: ралъад бихьарав дун, эбелинсуда щибниги абичӏого, векерана ралъдал рагӏалде. Гьелъухъ балагьун, бер гӏорцӏуларого вугев дун, валагьулев вукӏун вуго эбел-инсуца. Ахирги ватана дун гьезда. Гьанже киналго капучиял рахинаруна машинабазде. Кьерги гьабун, анцӏ-анцӏ машинаялдеги рахинарун, ниж щвезаруна Анцухъе. Гьениса Бежтӏе букӏинчӏо машинадул нух. Гьединлъидал ниж лъелго ине ккана гӏагарал росабалъе щвезегӏан», — ин.

Лъелго ва машинабазда раччун, киналго капучиял къватӏире гъуна Гуржиялъа. Доб заманалда нижеда кинго бичӏчӏулеб букӏинчӏо, кинаб гӏилла сабаблъун квачараб хасало нижее гьеб гӏакъуба кьурабали. Хадубккун, архивиял документазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, баянлъана капучиязул халкъ Кавказалъул кӏудияб политикаялъул къорикье ккун букӏараблъи. Гьелъие гӏайибиявлъунги ватана Багиров – Азербайжаналъул компартиялъул тӏоцевесев секретарь, ВКПбялъул член, Закавказьеялъул фронталъул рагъулаб советалъул член, Иосиф Сталинил хасаб божилъи бугев «Кавказалъул сардар».

Гьеб божилъиялдаса пайдаги босун, Багировас цӏакъ хӏаракат гьабулеб букӏана Азербайжаналда гьоркьобе Дагъистан ккезабизе. Гьелъул хӏакъалъулъ бицина хадусел номеразда.

Мухӏамад МУХӏАМАДОВ, краевед, Херазул советалъул председатель