Бежтӏа росулъ буго Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул филиал. Гьенире щведал, хӏалтӏуда ратана музеялъул директор Рамазан Шейховги гӏелмияй хӏалтӏухъан Патӏимат Назариковаги.

Музеялъул минаялда абизе бегьула «Гьитӏинаб Бежтӏайиланцин». Гьенире щведал, цоги нухалда ракӏалде щвана гӏагараб ватӏан цӏунизе арал гӏолилазул бахӏарчиял ишалги, гьоркьоса къотӏи гьечӏеб наслабазул бухьен ирсалъе кьолеб бахӏарчилъиги. Гьелъул хӏакъалъулъ бицунеб буго изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къокъалдеги данде бежтӏадерица гьабураб рагъул баян кьолеб стендалъ.

Минаялъул кӏиабилеб рукъ буго гӏицӏго бежтӏадерие хасал экспонатазул цӏураб. Руго гьенир бежтӏадерил руччабаз гурони хьухьунарел щватабиги, цохӏо гьезул гурони рукӏунарел накъишалги.

Цогидаб рахъалда – гӏолохъанай эбелалъул бокӏон. Гьабураб лъимер лъезе къачӏараб гӏолохъанаб рицӏцӏигъотӏол гӏаркьалабазул хьухьараб гьегь. Угьарал ва рукъарал накъишаз берцин гьабураб кинидул къайи – «беза» (кини баччулеб рачел), «кьодогото» (кинида лъураб лъимералда тӏад букӏунеб, буртинаялда тӏасанги гъоркьанги ххамги букъун, гьелда тӏасан кьер-кьерал куназул накъищал гьарураб покрывало), «састӏули» (унго-унголъунги нуралъул кьерал такрар гьарулеб анкьго гъаталъул къандалъо – гьелдаги угьун руго накъишал ва рукъун руго кьер-кьерал маххалги маргъалалги). Гьадинаб кини тӏоцебесеб нухалда бихьана гьениб. Лъабго моцӏ базегӏан, гьединаб киниялда бущунеб буго лъимер, цинги – гӏадатияб киниялда.

Гьале хури-харинире унеб мехалда руччабаз босулеб букӏараб къвачӏа. Руго хасаб мурадалъул къучӏбиги: сапаралда вугев чияс тамахьо балебги, хурие хӏалтӏизе унеб мехалда цадахъ цӏам босизе хӏалтӏизабулебги. Тӏубалеб хъулухъалда рекъараб роценалъул руго гьел. Берцинлъиялъе – киса-кирего гьарурал накъищалги.

Щар чӏвалеб дад. Гургинаб цӏулал къалиялда релълъараб ва бакьулъ хъатгӏанасеб каратӏ бугеб гьелда абула «садгъубери» абун. Музеялъул хӏалтӏухъан Патӏимат Назариковалъул рагӏабазда рекъон, гьеб тӏагӏел, цӏаргун цадахъ, бежтӏадерихъе щун буго Гуржиялдаса.

Адабияталъул бокӏон. Хӏамзатил Расул жиндирго къункърабигун. Гьебги, гьабун буго ханил гӏабулалъул. Гьединал хӏикматал асарал жеги гӏемер руго музеялда. Музеялъе мина кьун буго дагьаб цебе. Гьеб жеги тӏубан къачӏан бахъунги гьечӏо. Ниж музеялде щвараб мехалда, гьелъул заведующий Рамазан ватана азбаралда – кодоб гӏащтӏигун, цӏул къотӏун, гьеб рекъезабулев. Хасалоялде цӏул лъезе бакӏ хӏадурулев вугин абуна гьес.

— Музеялъе кьун буго кӏитӏалаяб минаялъуб кӏиго рукъ. Гьенир лъезе экспонатал гӏемер руго, бакӏ гӏолеб гьечӏелъул, гӏемерисел руго дирго рокъор. Экспонатал цӏунизе, хӏажалъула хасал шартӏал, рекъараб букӏине ккола температура. Гьелъие ресал жеги гьечӏо, шартӏалги тӏуранго чӏезарун бажаруларо. Ханил гӏабулалъулги, хӏатӏулги, цогидал тӏабигӏиял материалазулги гьарурал экспонаталги руго. Гьаниб музеялда бан буго, масала, цӏалдохъанас гӏабулалъул гьабураб Хъахӏабросулъа Махӏмудил сурат. Дицаго гьарурал руго гӏемерал экспонатал. Гӏадамаз хӏатӏикь мерхьунеб ва рощнолъе рехолеб жоялъул сураталги нижер халкъалъе хасиятал алат-тӏагӏелалги гьарула дица. Куйдузул лълъаразул, ганчӏазул, цӏулал ва цогидабги, — ян бицана Рамазаница.

Гьесул кабинеталда буго ханил гӏабулалъул гьабураб телевизоралъул кӏудияб экраналда бахъараб Расул Хӏамзатовасул сурат. Гьеб Цӏада росдал музеялъе кьезе бугин абуна Рамазаница. Чанги росабазул музеязеги сайгъат гьарун руго гьес жинцаго рахъарал сураталги гьарурал тӏагӏелалги. Нухмалъи гьабизе пагьму-гьунар бугев Рамазан Шейхов вати кӏудияб талихӏ буго бежтӏадерилин абураб пикругун рахъана ниж музеялдаса къватӏире.

Зубейрат ИБРАГЬИМОВА