2019 соналъ бухӏана Бежтӏа участокалъул социалияб рахъалъ гӏадамазе хъулухъ гьабулеб централъул мина. Гьабсагӏат гьелъул хӏалтӏухъаби хӏебтӏун руго ижараялъе ккураб минаялъур. Гьелъул нухмалъулев Шарапудин Шейховасулгун лъай-хъвай ккана Бежтӏе щвараб мехалда. Гьадин бицана гьес жидерго хӏалтӏулги, дандчӏвалел масъалабазулги ва ругел гӏузрабазулги хӏакъалъулъ:

— Нижер контораялда цӏа ккана 2019 соналъул 4 маялъул сардилъ. Цӏулаца бараб мина букӏиналъ рас течӏого бухӏана гьеб, гьелда аскӏоре къазе кӏолеб хӏалцин букӏинчӏо, щибниги жо нахъе босизеги щвечӏо. Кинабго документация жаниб бугеб сейфниги хвасар гьабеян гьарулеб букӏана дица ахӏуд рахъун кумекалъе щварал чагӏаздаги цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабаздаги. Кӏвечӏо гьебги нахъе босизе.

— Цӏа ккеялъе гӏилла щиб бугилан абураб?

— Ургъунго гъураб цӏа бугилан чӏезабуна цӏех-рехалъ. Нахъисеб къоялъго Бежтӏе щвана республикаялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул вакилзаби. Амма гьаб кӏиябго соналда жаниб я полициялъ, я цогидал идарабаз щибниги хӏалтӏи гьабичӏо гӏайибиял тӏатинариялда хурхун. Гьединлъидал лъиениги тамихӏги гьабун гьечӏо. Министерствоялъ дида гьикъана жидеца дуе гьабизе кумек бугищилан. Амма дица гьелдаса инкар гьабуна.

— Щай?

— Щайгурелъул, дирго лъаялдаги бажариялдаги ракӏчӏун вукӏана дун. Министерствоялъул нухмалъулезда дица абуна дидаго кӏолин кинабго рагӏалде бахъинабизе. Кӏвезеги кӏвана. Лъабго моцӏида жаниб ралагьана компьютералги, цӏигьабуна кинабго документацияги — нижер централъ хъулухъ гьабулев вукӏарав 600 чиясул кагътал, нижерго хӏалтӏухъабазул документал. Хӏатта, цебе букӏаралдасаги лъикӏго хӏалтӏизе рес кканиланцин абизе бегьула гьеб кинабго цӏигьабун хадуб. Дун гьаб хӏалтӏуда гъорлъ вугелдасаги 21 сон тӏубала исана. Анлъго министр хисана гьеб заманалда жанив.

Гьабсагӏаталда, 15 азарго гъурущги моцӏалъе кьун, ккураб минаялъур хӏебтӏун руго ниж. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана министерствоялдасан. Гьеб гуребги, хӏалтӏухъабазе къайи-цӏаялъе харж гьабизелъун 380 000 гъурущги щвана дие гьезухъа. Гьеб гӏарцуде дица росана цӏиял столалгун бакӏал, анлъго компьютер (цебе лъабго гурони букӏинчӏо). Дица абила, нижер Бежтӏа бугеб СЦОНалъул материалиябгун техникияб база мугӏрузул районазда гьоркьоб бищун лъикӏаб бугилан.

— Чан хӏалтӏухъан вугев централда?

— 66 чи. Нижеца хъулухъ гьабулел гӏадамазда гъорлъ вуго сахлъиялъул рахъалъ нахъе ккарав, гӏажизав 400 херав чи, гьединго кумек хӏажатал 225 чӏужугӏадангун лъимер. Гӏаммаб куцалда босани, 625 чи.

Нижер централда буго рокъоса къватӏире рахъине кӏоларел ва рикӏкӏадал росабалъ ругел гӏадамазе рокъо-рокъоре ун хъулухъ гьабулеб къагӏидаги.

Централъул мина цӏи гьабизе кумек гьарун гӏемерал бакӏазде, идарабазде хъвадарун вуго Шарапудин Шейхов.

Республикаялъул захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул рахъалъ министр Изумруд Мухӏудиновалъухъеги чанцӏулго ритӏун руго гьес кагътал. Гьелъул халатаб жавабалдаса бичӏчӏараб жо ккана бухӏараб бежтӏадерил центр цӏи гьабизе гьабсагӏат гьезул гӏарац гьечӏолъи. Гьениб хъвалеб буго жидеца гьарилила нужер центр республикаялъул инвестициялъулаб программаялде гъорлъе бачейин абун. Къокъго абуни, берцинго тӏаса рихьизарун руго.

Гьанже Шарапудиница, киналго хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан, гьединабго магӏнаялъул кагъат хъван буго республикаялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовасухъеги. Хьул буго гьесгӏаги кумек гьабизе батилин абураб.

Сураталда: Шарапудин Шейхов — централъул мина бухӏараб бакӏалда хутӏарал чӏвадназухъ.

А. ЮСУПОВ