Исана лагеразул кӏиабилеб сменаялда хӏухьбахъи гьабизе буго 7700-ялдаса цӏикӏкӏун лъимералъ. Гьабсагӏаталда республикаялда хӏалтӏулеб буго 66 лагерь.
Гьенир гӏуцӏулел руго батӏи-батӏиял профилазул сменаби.
Масала, «Надежда» абураб сахлъи цӏуниялъул лагералда лъимал куцалел руго командаялда гъорлъ цо тӏадкъай тӏубазабиялъул мурадалда цадахъ рекъон хӏалтӏизе.
Рагъулаб ишалде ругьун гьаризе руго «Юнармиялъул» сменаялда ругел лъимал. Буйнакск районалда бугеб «Планета» лагералда вуго кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун гӏолилав. Гьезда малъизе буго парашюталъул спорт. Лъикӏаб хӏасил ккарал цӏалдохъабазе рес щвезе буго сменаялъул ахиралда парашюталъ кӏанцӏизеги. Нухазда низам цӏуниялде кӏвар кьолеб буго гьебго районалда бугеб «Орленок» лагералда. Гьезда малъула нухазда низам цӏуниялъул правилаби.
Гьединалго тадбирал тӏоритӏулел руго Гъизляралда, Избербашалда ва цогидалги бакӏазда ругел лагеразда.