Махӏачхъалаялъул мэриялъ лъазабуна ралъдал рагӏалда, Родопалъул бульваралда, гӏадамал тира-сверизе санагӏалъи букӏинелъун гьениса Гӏабдурахӏман Данияловасул памятник нахъе босизе бугилан. Гьеб лъезе кӏиго батӏияб бакӏги бихьизабулеб буго: Данияловасул цӏаралда бугеб къватӏалъул байбихьуда, ай Коминтерна абулеб майданалда, маххул нухлул вокзалалда гӏагарлъухъ яги шагьаралъул тӏоцебесеб школалда аскӏоб.

Шагьаралъул гӏадамаз гьелда тӏасан пикраби загьир гьаризе бегьула интернеталдасан.

Гьедин хъвалеб буго Махӏачхъалаялъул мэр Салман Дадаевасул инстаграмалда.

Данияловасул памятникалда бакӏ хисизабизе букӏиналда тӏасан цо ккураб пикру гьечӏо гӏадамазда гьоркьоб.

Цояз хъвалеб буго битӏараб бугила, паркалда гӏадамазе эркенго тира-сверизе бакӏал къваригӏун ругила. Цогидаз гьезие жаваб кьолеб буго тира-сверизе бакӏал къваригӏун ратани, памятникги жибго тун, ралъдал рагӏал цӏун ругел гӏиси-бикъинал будкабиги ричарухъабиги нахъе гъейила.

Гьединго мэриялъ гьединаб лъазаби гьабун тӏоцебесеб къоялъго Гӏабдурахӏман Данияловасул ясалъулги ясалъул вас Гӏали Исламовас мэриялде битӏана гьелдаса разилъи гьечӏолъи бихьизабураб кагъат.

Амма жеги гьелъие жаваб щвечӏин бицана Гӏалица «Хӏакъикъаталъе».

«Дица мэриялде гьеб кагъат почалдасанги битӏана, интернеталдаги тӏибитӏизабуна. Амма лъицаниги щибниги данде хъван бачӏинчӏо. Дирго гӏадаб пикру нижер тӏолабго гӏагарлъиялъулги буго. Щайин абуни, Данияловасе гьеб бакӏалда памятник лъун букӏана жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчиясул цӏар даим гьабиялъул мурадалда. Тӏадежоялъе, гьеб Махӏачхъалаялъул администрациялъ гуро лъураб, лъуна доб мехалда Дагъистаналъул президентлъун вукӏарав Мухӏу Гӏалиевасул хӏукмуялда рекъон. Гьединлъидал гьесда тӏадги рахъун цогидазул ихтияр щиб гьеб нахъе бахъизе? Памятник лъеялъул суал нижер хъизамалдаги дандбан букӏана. Масала, дир кӏудияй эбел Забидаги Хӏамзат Хӏамзатовги («Дагэнерго») гӏемер рекерахъдана гьелъие гӏоло. М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб заводалда гьабуна гьеб памятник. Гьениеги чанцӏулго ун йикӏана Забида.

Памятник лъугьун гьечӏилан рикӏкӏунел чагӏи ратани, бакӏареха комиссияги, гьабе гьелда рекъараб хӏукмуги. Амма гьабсагӏаталда гьединаб щибниги жо гьечӏо, мэрасул инстаграмалда лъураб пост гурони», — гьединаб баян кьуна Данияловасул наслуялъул чи Гӏали Исламовас.

З. ХӏАЖИЕВА