21 июлалда ДРялъул нухмалъулесул ишал тӏуралев Сергей Меликовас сапар гьабуна Шамил ва Лъаратӏа районазде. Шамил районалда гьев щвана чӏварал вацал Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен Муртазагӏалихъе ва Патӏиматихъе.

Гьезул васал Набиги Хӏасанхӏусенги чӏвана щуго соналъ цере, 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетӏербахъи гьабун, жамагӏаталъул боцӏи хьихьун, магӏарда рукӏарал гьел аскарияз чӏвана, изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул къокъаялъул гӏадамалин, мекъи ккун.

Муртазагӏалиги Патӏиматги Сергей Меликовас тӏаде къабул гьарун рукӏана 2020 соналъул декабралда. Доб мехалда гьес гьел васазул эбелинсуе рагӏи кьун букӏана гьезухъе гьоболлъухъ щвезе. Кьураб рагӏиги тӏубазабун, Хӏебде щвелалде, цин гьезухъе щвезе ана Меликов.

Чӏварал вацал ракӏалдещвеялъе лъураб памятникалда цере тӏугьдулги лъуна гьес, Хӏасанхӏусеновазул рукъалда аскӏоб магнолия абураб гъветӏги чӏана. Муртазагӏалидаги Патӏиматидаги къварилъи-гӏатӏилъиги цӏехана, жинца гьабизе бегьулеб кумек батани, бицейинги абуна.

Гьединго республикаялъул бетӏер щвана Гьоор-Хьиндахъ росдал байбихьул школалдеги. 1962 соналда бараб гьеб жеги хӏалтӏулеб буго, амма хӏажатаб къайи-цӏаялъул рахъалъ мукъсанлъи буго жакъа школалда. Гьелъие кумек гьабизе тӏадкъана Меликовас цадахъ рукӏаразда.

Хадув гьев дандчӏвана росдал гӏадамалгунги. Гьикъана къваригӏараб-тараб. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, Гьоор-Хьиндахъ гӏумру гьабун вугев чияс республикаялъул бетӏерасда гьарана райцентралдаса росулъе газ бачинеги, росулъе рачӏунеб шагьранух къачӏазеги квербакъеян.

Меликовас сапаралда цадахъ вукӏарав ДРялъул нухазулгун, транспорталъул министр Ширухан Хӏажимурадовасда тӏадкъана тӏасияб соналде гьеб нухлул суал хасаб проекталде гъорлъе бачине.

2023 соналде киналго хӏалтӏаби лъугӏун рукӏине ккелин тӏадеги жубана ДРялъул бетӏерас.

Хӏебда Меликов щвана 1959 соналдаго бараб, щунусгоялдаса цӏикӏкӏун лъимер цӏалулеб школалде. Гьелъие ремонт хӏажат бугоан. Лъималги кӏиго сменаялда цӏалулел руго.

Меликовас хӏукму гьабуна гьеб школалъе кӏиабилебги автобусги кьезе. Гьениб бугеб цо автобусалъ школалде лъимал раччула сверухъ бугеб чанго росулъа.

Хӏебдасан Меликов Лъаратӏа районалде ана.

Гьенив гьев щвана поликлиникаялле, паркалде. Поликлиникаялда хъублъи жанисан унеб лъелмухъ къачӏан гьечӏин бадибчӏвайги гьабуна гьес бетӏерав тохтурасе. Гьединго паркалдаги гӏунгутӏаби ратана гьесда.

А. ЮСУПОВ