Бищун тӏагӏат-гӏибадаталъул рахъалъ камилав, бищун Аллагь разилъулев, бищун кири цӏикӏкӏун щолев бусурманчи ккола, кинаб амру, щиб жо Тӏадегӏанав Аллагьасулги Гьесул Аварагасулги рахъ- алдасан бачӏун батаниги, калам тун гьеб тӏубазабулев чи. Гьел ам- рабазулги шаргӏиял ахӏкамазул магӏнаги хӏикматги бокьанагӏан цӏехезе ресги буго бусурманчиясе. Магӏнаги хӏикматги гьечӏеб жо Тӏадегӏанав Аллагьас нилъеда тӏадги къаларелъул, цо-цо амрабазулъ ругел хӏикматал нилъее рагьичӏониги. Къурбан хъвеялда жанирги руго гӏемерал магӏнабиги, хӏикматалги, пайдабиги.

КЪУРБАН ХЪВЕЯЛЪУЛ МАГӏНАГИ ХӏИКМАТГИ

Къурбан хъвеялъул магӏна буго Тӏадегӏанав Аллагьас нилъее боцӏудалъун кьурал чӏахӏи-чӏахӏиял нигӏматазе ва, гьединго, тӏасияб сон бачӏиналде нилъго чӏаго теялъе Ал- лагьасе щукру гьаби. Гьелъ нилъер мунагьал чурила, гӏибадаталъулъ ккарал гӏунгутӏаби рацӏцӏина. Къурбан хъвеялдалъун мискин-пакъирзабазе кумек, рукъалъул агьлуялъе лъикӏлъи, цоцазе дугӏа-алхӏам гьабулеб буго бусурбабаз. Рекӏелъ къарумлъи-бахиллъиялъул унти бугев чиясе гьелдаса дару, гьеб квешаб унтиялдаса гьесул напс бацӏцӏалъи щолеб буго.

Ибрагьим аварагасги гьесул вас Исмагӏил аварагасги гьабураб кӏудияб, ракӏал хӏайранлъулеб, гӏажаибаб иш ракӏалде щола Къурбан къоялъ.

Пикру гьабе, нусги кодоб ккун, рухӏгӏан хирияв, гьайбатав, жиндаго цеве вегун вугев васасул габуниб нус бахъулев инсулги, гьесда цевеги вегун, гьесие (Ибрагьимхалиласе (гӏ. с.)) нус бахъизе гьеб щекъер ккун чӏарав мутӏигӏав васасулги. Хӏисаб гьабе, гьев кӏиявго хирияв инсанасе Тӏадегӏанав Аллагь вокьиялъул, Гьесул амру кӏодолъиялъул кутак бихьизе. Гьел кӏиязулго гьеб иш кколарищ къиямасеб къо чӏезегӏан тӏолабго инсанияталъе бицинеги дарс босизеги гӏураб вагӏза. Гьев кӏиявго хирияв илчиясул гьеб кӏудияб иш халкъалда кӏоченчӏого букӏине Тӏадегӏанав Аллагьас инсанияталъе шаргӏлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелда жаниб нилъер хӏалбихьиги буго. Тӏадегӏанав Аллагьас нилъеда абулеб буго: «Дир кӏиявго хирияв аварагас (гӏ.с.) Дие гӏоло гьабураб кӏудияб иш нужеда бихьана, гьеб захӏматаб иш Дица нужеда тӏадкъалеб гьечӏо. Дица нужедаса тӏалаб гьабулеб буго Дицаго нужее кьурал нужер рукъалъул хӏайваназдаса Дие гӏоло, Дунги вокьун, Дир амруги цебе гьабун, къурбаналъе цо хӏайвангӏаги хъве», — ян. Гьедин хӏалбихьизе гӏоло Тӏадегӏанав Аллагьас нилъееги шаргӏлъун гьабуна къурбан хъвей. Гьелъие гӏоло Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магӏна): «Аллагьасухъе нужеца къурбаналъе хъурал хӏайваназул гьаналги биялги щоларо. Кинниги гьесухъе нужедасан такъва щола», — ян. (Къуръан: 22/37).

Аллагьги вокьун, нужер ракӏазе хирияб боцӏудаса Аллагьасул амруги тӏаса бищун, къурбан хъвезе нуж тӏамураб нужер ракӏазул хӏал щола Аллагьасухъеян абураб магӏна ккола гьаб хирияб аяталъул.

ПАРИЗАЯБ ВА СУННАТАБ КЪУРБАН

Шафигӏияб мазгьабалда рекъон, къурбан хъвей паризаяблъун лъу- гьуна, цо чияс: «Дица къурбан хъве- зе назру гьабуна», — ян яги «Дица Аллагьасе гӏоло къурбан хъвезе тӏаде босана», — ян абуни. Гьединго къурбаналъе хъвезе бегьулеб жин- дирго хӏайваналде ишараги гьабун, яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетӏергьанас: «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, гьеб хъвезе тӏадаблъун лъугьуна. («Фикъгьул мангьажи», т. 1, гь. 232.).

«Дица Аллагьасе гӏоло гьаб жо къурбаналъе бихьизабуна», — ян абуни, гьебги тӏалъула, батӏалъи гьечӏо цо балагь нахъе чӏваялда яги нигӏмат щвеялда хурхинабуниги хурхинабичӏониги. «Гьаб жо къурбаналъе дица хъвезе буго», — ян абуни, гьебги тӏалъула Аллагьасе гӏолоян абичӏонигицин. Чӏегӏерхӏайван хъвезе бугин тӏаде босани, гьеб хъвезе тӏалъула, гьелъул бакӏалда гӏиялъажо хъвезе бегьуларо. Гӏиялъажо къурбаналъе хъвезе тӏаде босани, гьелъул бакӏалда чӏегӏерхӏайван хъвезе бегьула. Амма, килищги битӏун, гьаб гӏиялъажо дица къурбаналъе хъвезе бугилан абуни, гьелъул бакӏалда чӏегӏерхӏайван хъвезе бегьуларо. «Гьаб жо дир къурбан буго» яги «Гьаб жо дица къурбанлъун гьабу- на», — ян абуни, гьеб хъвезе ният букӏун батичӏонигицин, гьебги къурбаналъе хъвезе тӏалъула.

Шафигӏиясул мазгьабалда рекъон, къурбан хъвезе хӏалкӏолев чиясе гьеб хъвечӏого тезе карагьатаб буго. Къурбан хъвезе хӏалкӏолевлъунги рикӏкӏуна къурбан къоялъги хадусел ташрикъалъул лъабабго къоязги кваназе гӏураб жоги бугев, гьелда тӏадеги къурбаналъе хъвезе бегьу- леб жо (чӏегӏерхӏайван, гӏиялъажо) босизе ресги бугев чи. Гьединав чи- ясе къурбан хъвезе суннатаб буго, хъвечӏого тезе карагьатабги буго.

«Дица гьаб хӏайван къурбаналъе хъвезе назру гьабуна яги тӏаде бо- сана», — ян абуни, яги «Гьаб хӏайван къурбаналъе хъвезе босараб буго», — ян абуни, яги къурбаналъе хъве- зе хьихьулеб бугилан абуни, яги «Дица гьаб къурбаналъе хъвезе буго», — ян абуни, цадахъ «суннатаб» абураб рагӏиги хӏалтӏизабичӏони, гьеб хӏайван къурбаналъе хъвезе тӏалъула. Гьеб къурбан хъолеб гӏуж щварабго, нахъбахъичӏого хъвезе- ги ккола. Къурбаналъе тӏалъараб хӏайван хъураб мехалъ, кинабго садакъаде мискинзабазе кьезеги тӏалъула. Гьелдаса щибниги жо жин- цаго кваназе хӏарамлъула, жинца хьихьизе тӏадал гӏадамазе кваназе кьезеги хӏарамлъула. Назру гьабураб, тӏалъараб хӏайваналъул щибниги жо бечедал гӏадамазда кваназабизе бегьуларо, ай хӏарамлъула.

ХӏАЛАЛ ЯГИ ХӏАРАМ

Цо-цояз къурбан хъун хадуб гьан бикьиялъул кӏварго гьабуларо, гьеб белъинеги гьабун байрам баркизе рачӏараз кванараб гӏолин абун чӏола. Хӏатта къурбаналъе хъураб гьан хадубккун бичулелгицин дандчӏвала. Лъангутӏиялдалъун хӏакъикье ккеларедухъ, къурбан хъвелалде нилъедаго лъалареб жо имамасда цӏехани лъикӏ букӏинаан.

Къурбаналъул гьан капурчиясе кьезеги гьесда кваназабизеги хӏарамлъула. Бечедал бусурбабазда кваназабизе бегьула, амма гьел бетӏергьабилъун рахъинаризе бегьуларо (масала, гьезие чӏобого кьун). Бечедалин абула жидее закат кьезе хӏарамлъулел гӏадамазда. Сайгъат хӏисабалда бечедазе къурбаналъул гьан битӏизе бегьула. Къурбан хъу- рав чияс къурбаналъул гьан, рокъоб течӏого, бикьизеги суннатаб буго. Бищунго хирияб буго, баракаталъе цо чанго лукъмаги кванан, хутӏараб мискинзабазе кьезе. Гьел лукъмабиги тӏулалдаса кваназе хирияб буго.

Гьединго хирияб буго, гьелъул лъабил бутӏа рокъобги тун, цояб лъабил бутӏаялъул мискинзабазе садакъа гьабизе, цоги лъабил бутӏа – сайгъат гьабизе. Кьучӏаб рагӏиялда бан, дагьабниги жо гьелдаса мискинзабазе гӏатӏгояб гьанал кьезеги гьел бетӏергьабилъун рахъинаризеги тӏадаб буго. Тӏом, тӏул, бакьал, хъвата, рачӏ, тӏатӏи гӏадаб жо кьеялъ гӏей гьабуларо. Мискинасе кьолеб бутӏа гьесухъе рокъобе битӏун тарабги гӏоларо, «Дица мун гьалъул бетӏергьанлъун гьавуна», — ян абизе ккола («Мавгьибату зул фазли»). Цӏакъго дагьаб жо кьуни, гьелъги гӏей гьабуларо. Бащдаб кило яги цо килогӏанасебгӏаги жо кьезе ккола. Мискинчияс, бетӏергьанлъун вахъун хадуб, гьеб кваназе, бичизе, цогидасе кьезе, ай жиндие бокьараб жо гьеб гьаналда гьабизе бегьула. Амма капурчиясда кваназабизе бегьуларо. Мискинчиясе гӏатӏгояб гьанал бутӏаго кьечӏого, къурбан хъурав чияс кинабго кванани, гьесда мискинзабазе кьезе кколеб гьанал къадар гьезие бецӏизе тӏадаб буго. Къурбаналъул нахъе хутӏараб гьан нахъе цӏунизеги бегьула, бакъвазабизеги бегьула. Суннатаб къурбанги, паризаябго гӏадин, хъураб росулъа яги шагьаралдаса цоги бакӏалде къватӏибе босизе бегьуларо.

КЪУРБАНАЛЪУЛ БУТӏА БИЧИЗЕ БЕГЬУЛАРО

Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тӏом яги щибниги жо гӏарцухъ бичизе хӏарамлъула, мунпагӏат босизелъун тӏом жиндиего тезе бегьула, садакъаялъе кьезеги бегьула. Хӏайван хъурав чиясе мухь хӏисабалда тӏом кьезе хӏарамлъула. Гьеб хъурасе яги тӏом ччукӏарасе мухь бетӏергьанчияс цоги бакӏалдаса кьезе ккола, гьес гьеб мухьдахъ хъун батани.

Дагьаб гьан мискинзабазеги тун, гӏемерисеб яги лъабил бутӏа, яги чамалиго лукъма жинцаго квананиги, тӏубараб къурбан хъураб гӏадин кири щола, амма садакъаде цӏикӏкӏун кьурабгӏан, гьелда рекъон, садакъаялъул кириги цӏикӏкӏун щола, суннат тӏубаравлъунги вукӏуна.

Хъураб бакӏалдаса цогидаб росулъе яги шагьаралде къурбан босизеги хӏарамлъула. Амма суннатаб къурбаналъул мискинчиясе кьезе тӏадаб гӏатӏгояб гьанал бутӏа хъураб бакӏалда вугев мискинчиясе кьун хадуса, хутӏараб суннатаб къурбаналъул гьан росу тун къватӏибеги босизе бегьула. Къурбан хъураб росулъ мискинчиго ватичӏони, закат гӏадин, бищун гӏагарда бугеб росулъа мискинчиясе кьела. Гӏатӏгояб, мискинчиясе кьолеб бутӏа, цо мискинчиясе кьуниги тӏубала.

Жив бетӏергьанлъун вахъараб гьан бичизеги, цогидазе кьезеги, кваназеги, цогидазда кваназабизеги мискинчиясул ихтияр буго. Бечедав чиясе сайгъатлъун битӏараб къурбаналъул гьан жинцаго кваназеги цогидазда кваназабизеги гьесул ихтияр буго, амма цогидасе кьун, бичун, цогидав чи гьеб гьаналъул бетӏергьанлъун вахъинавизе ихтияр гьечӏо.

Къурамухӏаммад-хӏажи РАМАЗАНОВАСУЛ тӏехьалдаса