Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цӏар рагӏарал гӏезегӏан бахӏарзал, космонавтал, конструкторал, гӏалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкӏги тана дунялалдаго гӏумру ва гӏелму-лъай цебетӏезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магӏишаталъул кинаб бутӏа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чӏчӏел босизе ругел ресалги гьел гӏумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.
Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутӏа лъуразда гьоркьов вуго Сахрат Хизроевги. Гьев ккола Америкаялда гуревги машгьурав гӏалимчи, электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул профессор. Гьев хӏалтӏулев вуго Флоридаялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб университеталъул щивав чиясул черхалда рекъезабулеб наномедицинаялъул централъул директорлъун. Сахрат ккола СШАялъул цӏи-цӏиял жал ургъун рахъулезул миллияб академиялъул членги. Гьев гьавуна Хунзахъ районалдаса хъизамалда, 1970 соналъул 12 июналда. Цӏалана Махӏачхъалаялъул №13 школалда.
1993 соналда лъугӏизабуна Москваялъул физикаялъул ва технологиялъул институт, щвана физикаялъулабгун квантовияб электроникалъул специалистасул махщел. 1996 соналда лъугӏизабуна университет ва вахъана физикаялъул магистрлъун. 1999 соналдайин абуни лъугӏизабуна Карнеги-Меллонил университет. Гьев ккола философиялъул ва электротехникиял гӏелмабазул доктор. Сахратица хъвана 120-ялдаса цӏикӏкӏун гӏелмиял тӏахьал ва макъалаби, ургъун рахъана батӏи-батӏиял алатал. Гьесул гӏелму щулаго бухьараб буго медицинаялда хӏалтӏизарулел нанотехнологиязда.
С. Хизроевасул гьунаралдалъун тӏоцере рагьана квантовияб электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул аслиял гӏелмиял цӏилъаби.
2011 соналда С. Хизроевас жиндаго цебе лъуна захӏматаб масъала – лъай кьеялъул ва медикоментознияб медицинаялъул бутӏабазда дунялалъулго даражаялъул цӏех-рех гьаби. Гьелда цӏарги лъуна «персонализированияб наномедицина» абун. Гьес ва гьесул ишцояз ургъун рахъана инсанасул гӏадалнахулъе риччалел рак унти сах гьабулел наночастицаби. Гьеб къагӏидаялда рекъон кӏолеб буго гӏадалнахул хӏалтӏи бихьизабизе ва цого заманалда медицинаялъул дарабаз кинаб пайда кьолеб бугебали лъазабизе. Магнитнияб полеялъул частотабаздехун гьел наночастицабаз батӏи-батӏияб гӏамал бихьизабулеб букӏиналдаса пайдаги босун, гьениб рес баккула дараби гьечӏого сахлъи рукӏалиде бачӏинабизе. «Гӏадалнахулъе наночастицаби риччараб заманалда нилъеда бихьула гьелъул хьвадачӏвади, ракалъул клеткабазул хӏалтӏи. Гьединлъидал нилъер рес букӏуна гьенибе нейроналда жанибе хӏажатаб дару биччазе. Гьебин абуни ккола операция гьабичӏого, гьел клеткаби бокьараб лагаялда жанир чӏвазе рес щвей», — ан бицана Сахратица.
Хӏайваназда гьабураб хӏалбихьиялъ бихьизабуна ракалъул унти сах гьабиялъе гьеб лъикӏаб, пайда цӏикӏкӏараб къагӏида букӏин. Майамиялда гӏалимзабаз гьеб къагӏидаялъул пайда букӏин бихьизабизе гӏункӏкӏазул гӏадалнахулъе биччана 20 миллиард наночастицабазул ва гьеб къагӏида битӏараб букӏиналда ракӏги чӏана.
Гӏелмияб цӏи рагьиялъул авторасул пикруялда рекъон, «нилъер гӏадалнах буго гӏемерал электромоторал гӏадаб жо, амма гьелъул лъикӏаб жо буго гьелда гӏицӏго «электрикияб тӏабигӏаталъул мацӏ» гуребги, «макъратӏисалъул мацӏги» лъалеб букӏин. Электрикиял ва макъратӏисалъулал зарраби бида гъорлъ гӏадалнахулъе щведал, нейроналгун цадахъ журала ва нилъеда кӏола къватӏисан макъратӏисалъул къуваталдалъун гьениб электрикияб поле бижизабизе ва гьелдалъун кварал гьечӏеб къагӏидаялда нейроналгун хӏалтӏизе. Гьелъ цӏиял ресал рагьула инсанасул сахлъи щула гьабиялъе.
СШАялъул Оборонаялъул министерствоялъ, Энергетикаялъул министерствоялъ, Сахлъи цӏуниялъул миллияб институталъ, Калифорния, Флорида штатаз гьеб къагӏидаялъул рахъ ккуна ва гьеб пайда цӏикӏкӏараб бугин чӏезабуна.
Зикрула ИЛЬЯСОВ