Пириги речӏчӏун, 26 июналда цӏа ккана Гьонода росдада нахъа бугеб накӏкӏирохьоб. Цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби рачӏун ва росдал гӏадамал гӏахьаллъун кигӏан жигар бахъаниги, гьеб свинабизе бажаричӏо. Гӏицӏго 7-8 июлалда чвахунцӏадал ран хадуб гӏодоцана гьеб.
4 июлалда гьенире рачӏун рукӏана Гъуниб районалда бугеб, рохьилгун цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби. Амма кьуру бугеб санагӏат гьечӏеб бакӏ букӏиналъ, жидеда гьениб гьабизе кӏолеб жо батичӏин бицана гьеб идараялъул нухмалъулев Шамил Гӏисаевас.
— 26 июналдаса байбихьун ниж щибаб къоялъ гӏадин щвана гьанире. Лъабабилеб къоялдехун нижеда кӏун букӏана цӏа свинабизе. Амма, гӏадамазул бер щолареб бакӏалда цӏадул хӏенехӏ хутӏун букӏун батила, на- хъеги рекӏана цӏа. Тӏадежоялъе, гьороцаги хӏалакинабуна гьеб, — ан бицана гьес.
— МЧСалъул гьединаб бакӏалде битӏулеб техника букӏунарищ? Цӏа свинабулеб вертолет республикаялдаго гьечӏин, гьеб Ростовалдаса бачӏунеб рагӏу-лин бицунеб букӏана. Гӏадамаз гӏумру гьабун бугеб бакӏалъе хӏинкъи бугеб мехалда гурони, гьебги битӏулеб рагӏуларо. Гьеб уяб жойищ?
— Вертолет битӏула росулъ, гӏадамаз гӏумру гьабулеб минаялда цӏа ккун бугони. Амма вертолет бачӏанигицин гьелдаса пайда букӏинин кколаро. Щайгурелъул, вертолеталъ гьаваялдаса гӏодобе щвараб лъим, гъотӏол каралъ квал-квал гьабун, кибего щвезе рес гьечӏо. Гьединлъидал чвахунцӏад бани, гьелда кӏвелаан тӏубанго цӏа свинабизе. 26 июналда цӏа рекӏун букӏана Хьаргаби районалъул Дарада-Мурада росдада нахъа бугеб накӏкӏирохьобги. Хӏухьбахъиялъе рачӏарал туристазул цоясухъа ккун буго гьеб.
ПИРИДУЛ ХЕХЛЪИЯЛДА ХЪАМУНА
4 июлалда Гьоноде вачӏун вукӏана Гъуниб райадминистрациялъул рохьил магӏишаталъул управлениялъул нухмалъулев Варис Мухӏамадовги.
— Ахираб заманалда цӏакъ гӏемерал цӏаял ккана республикаялъул рохьахъ. Амма тӏабигӏиял балагьал нилъехъа гьукъун бажаруларелъул, щиб гьабилеб.
Дарада-Мурадаса ниж гьанире щвелалде, сагӏаталда жаниб гьороца хъамун, кӏудияб манзилалда тӏибитӏун батана цӏа. Росдал гӏадамазги жигар бахъана гьеб свинабизе. Росдал бегавул Хӏажиев Мухӏамадгун цадахъ гӏемерав чи вачӏана цӏа свинабизе.
Амма нижеца сванилан тун букӏараб гьеб нахъеги рекӏана, — ян бицана В. Мухӏамадовас.
— Экологиялъе ккараб заралалъул цӏехрех гьабун бугищ? Кигӏанасеб бутӏа бухӏун бугеб рохьил?
— Цӏа рекӏун буго цебе росулъе машинадул нух букӏараб бакӏ бахун тӏадехун бугеб рохьоб. Гьеб ккола гӏага-шагарго 1,6 гектар. Рохьалъеги экологиялъеги ккараб заралалъул цӏех-рех хадуб гьабила, гьабсагӏаталда гьелде жеги регӏун гьечӏо.
ЧАНИЛ ХӏЕТӏ ХЪВАЛАРЕБ КЬУРУЛ КАРАНДА…
Тӏоцебе цӏа ккараб къоялдаса байбихьун рохьове хьвадана Гьонода росдал бегавул Мухӏамад Хӏажиев. Цӏа свинабизе кумекалъе рачӏарал гӏадамаздаса цӏакъ разиго вуго гьев.
— Шамил районалъул Гьолокь росулъа рачӏана гӏемерал гӏадамал, Къородаса рачӏана. Районалъул, гьединго республикаялъул цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабазул тӏоцебесеб къоялъго къогониги чи вачӏана. Нижерго росдал гӏолохъабаз гьабуна кӏудияб чӏаголъи.
Токалъул хӏубазда цӏа хъвазе биччачӏого, аскӏор ругел гъутӏби къотӏизе жигар бахъана гьез. Къогогӏанасеб хӏуби цӏунана гӏолохъабаз цӏадудаса. Гьел рухӏун рукӏаралани росу чанго къоялъ токги гьечӏого хутӏизе букӏана, — ян бицана бегавулас.
— Гӏадан тӏаде ине хӏинкъараб бакӏалдаса гӏебеде букӏана цӏа унеб. Жакъа бокьарас бокьараб бицине бегьила, тӏадеги балагьун рохь бухӏизе тунилан, цӏа свинабулеб хъулухъалъул хӏалтӏухъабазде гӏайиб-гъвел гьабулелги камиларо. Гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабуна, амма чанил хӏетӏ гурони хъвачӏеб кьурулъеги рахун, гьез цӏа свинабуларо.
Гьонодисезул накӏкӏирохьоб цӏа ккун букӏана 1997 соналъул 16 апрелалдаги. 24 соналда жаниб саламатго цӏилъун букӏараб рохь гьале нахъеги бухӏана. Амма доб мехалда дандеккун гьаб нухалда ккараб цӏа цӏакъго кутакаб букӏана.
Ашахан ЮСУПОВ