Россиялъул предприниматель ва политик, сенатор Сулейман Керимовас «Инсан» гурхӏел-рахӏмуялъул фондалде кьуна 5000 бетӏер гӏиял. Къурбан-гӏидалъул хӏурматалда хъураб гӏиял гьан бикьана республикаялъул ресукъал гӏадамазе.

«Исана Керимов гӏахьаллъана «Инсан» фондалъ щибаб соналъ республикаялда тӏобитӏулеб «Щибаб рокъобе гьан» абураб акциялда. «Бурхан» абураб фондгун цадахъ нижеца гьан бикьула республикаялъул ресукъал гӏадамазда гьоркьоб. Керимовас гьоркьоса къотӏичӏого гьабулеб квербакъиялдалъун регионалъул шагьараздагун районазда гурхӏел-рахӏмуялъул гӏемерал тадбирал тӏоритӏула», — ян бицана «Инсан» фондалъул вакилзабаз.

ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасги баркана республикаялъул бусурбабазда Къурбан байрам. Гьединго Меликовас жиндирго рахъалдаса тонна гьанал бикьана ресукъал хъизамазе.