27 июлалда Цӏунтӏа мухъалъул нухмалъулесул ишал тӏуразарулевлъун тӏамуна Ахӏмад Хӏамзатов.

Гьес рагӏи кьуна республикаялъул бетӏерасул божилъи ритӏухъ гьабизе ва Цӏунтӏа район цебетӏезабиялде кӏвар кьезе.

Гьанжелъагӏан гьеб хъулухъалда вукӏарав Шамил Мухӏамадов жинда сверухъ байбихьараб цӏех-рех рагӏалде бахъинегӏан гӏодов чӏезавун вуго.

Цо млн гъурщиде гӏагарун ришват босулеб батанилан, ФСБялъул хӏалтӏухъабаз гьев ккуна исана 18 апрелалда.