Гьал къоязда ДРялъул Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялда гьоркьоб лъун букӏана Гъамсукь росдал суал. Гьелъул бицана рехсараб министерствоялъул нухмалъулесул тӏоцевесев заместитель Хӏабиб Жанаевасги Чӏохъ росдал администрациялъул бетӏер Салим Салимовасги.
Салимовасул рагӏабазда рекъон, Гъамсукь цӏи гьабизехъин буго. Амма гьабсагӏаталда туристалги хьвадулеб чӏунтараб росулъ гуреб, гьелда гъоркь, лъарал рагӏалда минабиги ран.
Гьединго С. Салимовас баян гьабуна гьенире рахъунел гӏадамазул букӏине кколин Чӏохъ росулъ гьабураб хъвайхъвагӏайги чӏахъадерил росдал администрациялде кьураб гӏарзаги. Гьезие ах-хуралъе хӏалтӏизаризе яги минаби разе ракьал кьелалде росдал генералияб планги тасдикъ гьабун бахъине ккола.
Салимовас тӏаде жубана цереккун кьурал гӏарзабазда рекъон, цо-цо гӏадамазе гьеб бакӏалда анцӏ-анцӏ сотых ракьулги кьун букӏанила, амма гьез гьениб капиталияб куцалда минаби ранила. Гьединго гьел ран рагӏула гӏибоцӏи гочинабизе тараб нухдаги.
Ракьулгун мал-мулкалъул министерствоялъул вакилзабазда ракӏалде ккана гьеб киналъулго халгьабизе Гъамсукье «Дагтехкадастр», Россельхознадзор, Минсельхозпрод гӏуцӏабаздаса хӏалтӏухъабиги данде гьарун, хасаб комиссия битӏизе.
Гьедин хъвалеб буго министерствоялъул сайталда.
Гьелда бан нижер хӏукму ккана жалго Гъамсукь росдал гӏадамазухъги гӏенеккизе. «Инстаграмалдаги добагьанибги хъвалареб жо гьечӏо гьанже нижер рахъалъ. Масала, Гъамсукье рачӏунел туристал сабаблъун гӏарац гьабизе къваригӏиналъ ругила ниж росулъе тӏадруссине бокьун. Гуро, нижее щибниги хӏажат гьечӏо, ниж жалго тани бокьилаан.
Советияб заманалда умумул магӏарухъа гӏатӏиракьалде гочаниги, гьанже нижее бокьун буго росу цӏи гьабизе, гьенире тӏадруссине. Гьединлъидал гьанжеялдаса 20 соналъ цере ниж зама-заманалдасан гьенире щолел рукӏана. Чадралги чӏван рукӏунаан, чӏезе бакӏ гьечӏолъиялъ. Цинги 14 соналъ цебе байбихьана нижеца гьенир тӏоцересел минаби разеги. Гьабсагӏаталда 17 чиясул мина буго гьениб.
2008 соналда нижеца гӏуцӏана Гъамсукь росу цӏи гьабиялъе хасаб фондги.
Гьанже рахъун нижеда лъазабулеб буго гьел минаби риххизаризе кколин. Щайгурелъул изну гьечӏого, нижецаго ккун ракьалгун ран ругила гьел. Тӏубанго ццим гьалаглъана гьел минаби рарал бакӏазда гӏагарлъухъ хасаб гӏаламатги чӏван, росдал кӏалалда жанире рачӏине нижее гьукъизе байбихьидал. Ниж нижерго рокъоре рачӏине ругин абидал, гьенир нух къан чӏарал чагӏи ахӏдола нуж гьаниса гурин, гьал ракьалги нужер гурин абун. Гьедин батани, росулъе риччаралъухъ туристазухъа бакӏарулеб гӏарцухъ нухалниги щайха къачӏаларел, лъим щай бачунареб?
Гьеб кинабго нижерго ресалда рекъон гьабула нижеца. Нижер гӏолохъабаз чанго километралъул манзилалда цӏарал лъел рогӏрал туристал раччулел чуязгун машинабаз мерхьун, хвезарулел руго. Доле тӏатӏала ккезе хутӏараб жо гьечӏо басрияб Гъамсукь росдал. ЮНЕСКОялъул сияхӏалде босараб кӏиго си буго доба. Лъица гьелда хадуб хал кколеб бугеб?
Нижеца гӏезегӏан идарабазде кагътал хъвана гьелъул бицун. Амма киса-кирго тӏаса рихьизарулел руго», — ян бицана Гъамсукь росдал гӏадамаз.
З. ХӏАЖИЕВА