Россиялъул шагьаразда гьоркьоб хӏухьбахъиялъе туристаз бищунго цӏикӏкӏун тӏаса бищулеб шагьарлъун рикӏкӏана Махӏачхъала. Август моцӏалда туристал хӏухьбахъизе ине ругел бакӏазул цӏех-рех гьабун хадуб гьединаб баян кьуна «OneTwoTrip» гӏуцӏиялъ. Кӏиабилеб ва лъабабилеб бакӏалда буго Геленджик ва Ставрополь. Махӏачхъалаялда ва Геленджикалда хӏухьбахъи Сочиялдаса ва Ялталдаса къадараб гьечӏин хъвалеб буго сапаразде хӏадурлъизе кумек гьабулеб гьеб гӏуцӏиялъ.
Ресал ва шартӏал
ДРялъул Туризмалъул министерствоялъул баяналда рекъон, республикаялде рачӏунел туристаз аслияб къагӏидаялда тӏаса рищула Сулахъ къварилъи, Дербенталъул хъала, Шамил, Гъуниб, Хунзахъ, Дахадаев ва цогидалги районазда ругел тарихиялгун тӏабигӏиял бакӏал.
Республикаялда туризм цебетӏолеб букӏин ва туристазе санагӏалъаби гӏуцӏулел рукӏин бихьулеб буго. 15 августалдаса байбихьун, лъикӏал автобусазда туристал раччулеб маршрут хӏалтӏизе биччазе бугинги лъазабуна ДРялъул Экономикаялъул министерствоялъ. Гьединго республикаялъул Туризмалъул ва художествиял промыслазул министерствоялъ туристал хьвадулел бакӏазда рагьулел руго информациялъул централги.
Туристал рази ругищ?
Рази ругищха туристал нилъер республикаялда гьабулеб рукӏарахъиналъул хъулухъалдаса? Туристаздаса пайда босулеб буго туризмалъул компанияз, квана-гьекъолел бакӏазул хважаинзабаз. Амма жидеего хайир щвей гуреб, инсанасул гӏумру ва сахлъи цӏуниялъе шартӏал чӏезарулел гьечӏо. Дагьаб цебе Сулахъ къварилъухъ гьулакалда рекӏарал, гьелъул кварги тӏун, лабаллъуде рортиялъул цӏех-рех гьабулеб буго республикаялъул прокуратураялъ. Туристазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏолъиялъе кинабгӏаги техника чӏезабун гьечӏин абулеб буго турфирмабазул вакилзабаз.
Дагьал церегӏан къоязда инстаграмалда тӏибитӏун букӏана Сулахъ къварилъухъе щварай туристкаялъ гьабураб видео-хитӏаб. «Гьалгощинал гӏадамал рачӏунеб бакӏалда, ай кьурал рагӏаллъи сверун къачӏого кин толеб? Гьанире рачӏунеб нухги квешаб буго. Туристал хӏадурал руго гьаб берцинлъи бихьизелъун гӏарац харж гьабизе. Амма квеш ккараб жо буго шартӏал гьечӏолъи. Сулахъ къварилъи гӏадал бакӏаздецин, шартӏал гьечӏони, гӏадамал хьвадизе гьечӏо», — ян абулеб буго гьелъ.
Туристаздаса рази ругищ?
Цо-цояз гьеб видеоялда гъоркь хъвалеб букӏана, Сулахъ къварилъиялъул рагӏаллъи хьуриялъ къани, тӏабигӏаталъул берцинаб сипат хвезабулин, гьанжелъизегӏанги гьеб къачӏого тӏуралел рукӏанин. Цогидаз хъвалеб буго шартӏал къваригӏарал туристал цогидал бакӏазде ине бегьулин, гьел нилъее хӏажатал чагӏи гурин.
Кин батаниги, къойидаса къойиде гӏемерлъулел руго республикаялде рачӏунел туристазул къадар. Цоял рачӏунел руго турфирмабазул кумекалдалъун, цогидал жидерго транспорталда рекӏун. Гьединаз, цо-цо мехалда, кӏвар гьабулеб гьечӏо нилъер гӏадатазул ва диналъул. Гьединлъидал, росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамал рази гьечӏо туристазул хьвада-чӏвадиялдасаги.
Гӏайиб буго гидазда «Дагьав цевегӏан зигараялъ росулъе унаго, нухда бихьараб сураталъ хагазавуна дун. Зирани росдада дандбитӏун бугеб хӏорихъ гъоркьан ратӏлилъ чвердолел ругоан гьалбал. Хӏисаб гьабе, мугӏрузул районазда гьединал «чвердолел бакӏал» рагьани, ахир-къадги кинаб хӏалалде нилъеца нилъго рачине ругелали?
Россиялъул шагьаразда дагъистаниял кьурдани, гьеб рикӏкӏуна низам хвезабилъун. Нилъер республикаялде рачӏарал гьалбалин абуни жидеего бокьухъе рукӏунел руго.
Нилъеца цӏунула щибаб халкъалъул культура. Гьелдаго рекъон, туристаздаги тӏадаб буго нилъер гӏадатазулги диналъулги адаб гьабизе. Цо рахъалъ гьелъул гӏайиб буго туристазда бакӏалъулаб низам бичӏчӏизабизе лъаларел гидаздаги. Туристазда бицине ккола нилъерго рукӏа-рахъиналъул ва гӏумру гьабиялъул къагӏидабазул хӏакъалъулъ». Гьадин хъвалеб буго динияв хӏаракатчи, гӏалим Гӏалихӏажи Сайгидхӏусеновасул инстаграм-гьумералда.
Дагъистаналде щварал цо-цо туристазги гьарула жидерго ракьцоязе малъа-хъваял. Масала, Псковалдаса туристаз хъвалеб буго: «Дагъистаналде унаго кӏвар кьезе ккола ратӏлиде. Гьеб букӏине ккола рекъечӏеб жо жиндилъ гьечӏеб, гъорлъан канлъи бихьулареб, гъежквер бахчараб. Бихьиназги къокъал тӏажал ретӏине рекъараб гьечӏо. Гӏаракъи гьекъезе, чорокаб мацӏ бицине, руччаби къаси мехалъ цадахъ бихьинал гьечӏого къватӏире рахъине, хъалиян цӏазе лъикӏаб гьечӏо. Къаси къватӏахъе рахъунин абун руччабазул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏо, амма бакӏалъулал гӏадамазда гьоркьоб гьединазул хӏакъалъулъ лъикӏаб гуреб пикру бижизе рес буго. Тӏабигӏаталда рацӏцӏалъи ва низам цӏуне», — ян.
Гьединал малъа-хъваяздаса нилъеразгоги пайда босани лъикӏаб букӏина.
П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА