2020 соналда гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде ва социалиял гӏуцӏабазде, банкалъул картаялдаса гӏарац битӏиялъул рахъалъ Россиялъулго регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакӏалда буго Дагъистан. 2019 соналдайин абуни 13-абилеб бакӏалда букӏана, дагъистанияз 14,5 азарго нухалда битӏун буго гӏарац. Гъоркьиса — 90 азарго нухалда битӏун буго. Цӏикӏкӏунеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондаздасан гӏадамазе кумек гьабулезул къадарги. Гьелдаго рекъон, цӏикӏкӏунел руго гӏадамазул лъикӏлъиялдаса пайдаги босун, хӏилла-рекӏкӏ гьабулелги. Гурхӏел-рахӏмуялъулъ дандчӏвалел хӏиллаял ишазул ва гьездаса кин цӏунилелали бицун, дагьаб цебегӏан Махӏачхъалаялда тӏобитӏана данделъи.
Хӏиллачагӏаздаса цӏунулеб проект
Мискиназе, пакъиразе, унтаразе ва гӏумруялъул цогидалги балагьазде ккарал гӏадамазе кумек гьабун гурхӏараз бакӏарулеб гӏарац цо-цо хӏиллачагӏазул чунтбузухъе кколеб бугин ва гьелдаса цӏунизе кколин бицана данделъиялда.
— Гурхӏел-рахӏмуялъулъ хӏилларекӏкӏ гьабиялъул хӏужжаби жакъа гӏемер дандчӏвалел руго. Гӏадамаз бакӏарараб гӏарац хӏиллачагӏазухъе кколаредухъ, хӏалтӏи гьабулеб буго нижеца ахираб ункъо соналда жаниб. Гурхӏел-рахӏмуялъул гӏуцӏаби ва хӏиллачагӏи ратӏа рахъулеб куц гӏадамазда бичӏчӏизабизе ккола. Хасал гъутухъазда жанибе ва пуланав чиясул картаялде реххулеб гӏарац кибе унеб бугебалиги пикру гьабизе ккола, — ян абуна «Все вместе за разумную помощь» абураб проекталъул нухмалъулей Анжелика Ивановалъ.
Данделъиялда гӏахьаллъарал жамгӏиял ва социалиял гӏуцӏабазул вакилзабаз, блогераз, бизнесменаз ва цогидазги республикаялда гурхӏелрахӏмуялъулъ хӏилла-рекӏкӏалде данде къеркьеялъул хасаб хӏалтӏулаб къокъа гӏуцӏизе хӏукму гьабуна. Гьединал такъсирал гьукъиялъе цо чӏараб къагӏида гӏуцӏизе ракӏалде ккана гьезда.
— Цебехун нижеца гӏуцӏун букӏана «Доброфон» абураб проект. Гьеб ккола Дагъистаналда ругел гурхӏелрахӏмуялъул аслиял фондал: «Инсан», «Надежда» ва «Чистое сердце» фондаз кумек гьабулел гӏадамазул цойиде буссинабураб электроннияб база. Гьенире руссинарун руго цо нухалъниги гьел фондазде кумек гьарун рачӏарал гӏадамазул хӏакъалъулъ киналго баянал. Гьелдалъун нижеда бажарула цо чиясе чанго батӏияб фондалдаса кумек гьарулезул хӏилла-рекӏкӏ тӏатинабизе, — ян бицана «Друзья милосердия» Дагъистаналъул гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ассоциациязул нухмалъулев Тимур Хӏажижараевас.
Божилъи гьечӏел фондал
Гурхӏел-рахӏмуялъулъ хӏиллачагӏи щалха кколел? Гӏадатиял гӏадамаз гурхӏел-рахӏмуялъеян кьолеб гӏарац хӏиллачагӏазухъе кин кколеб? Гьединал суалазе баян кьолеб буго гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ассоциациялъул нухмалъулесги, цогидал жамгӏиял хӏаракатчагӏазги.
Хӏиллачагӏаз хӏалтӏизарулел къагӏидабазул цояблъун ккола, гьезего гьечӏеб унтудаса «сах гьаризе» гӏарац бакӏари, яги унго-унгоги унтун, ялъуни цогидаб балагь-къварилъиялъукье ккун, хӏажаталдасаги цӏикӏкӏун гӏарац бакӏари. Дагъистаналда руго цо-цо щакал гӏуцӏабиги, гурхӏел-рахӏмуялъе гӏарац бакӏари бизнеслъун жидее лъугьарал. Нилъеда гӏемер рихьула батӏи-батӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул фондаз Интернеталдаса тӏиритӏизарулел, гӏадамазул ракӏ гурхӏизабулел видеороликал.
— Гурхӏел-рахӏмуялъул цо-цо гӏуцӏабаз, къварилъиялде ккун кумек гьарулел гӏадамал, киналго гурхӏиледухъ, камераялда цере гӏодизе тӏамулел руго. Гьединал гӏуцӏабаз социалиял гьиназда, «Дагъистаналъул пабликазулгун къотӏи-къайги гьабун, тӏиритӏизарулел руго кумек хӏажатазул хӏакъалъулъ рахъарал видеороликал. Гьезги щибаб ролик тӏибитӏизабуралъухъ гӏарац босулеб буго, гурхӏел-рахӏмуялъе бакӏарараб гӏарцудаса, — ян бицана данделъиялда Хӏажижараевас.
Божизе бегьулел, хӏилла-рекӏкӏ гьечӏел гурхӏел-рахӏмуялъул фондазин абуни гӏарац бакӏаризелъун Интернеталда тӏиритӏизарулел видеороликазухъ яги цогидаб информациялъухъ гӏарац кьоларо. Гьезие рекламаги хӏажалъуларо.
Унтаразе кумекалъе гӏарац бакӏарулелъул ва гьезие дандекколеб медицинаялъулаб кумек гьабулелъулги дандчӏвазе рес буго хӏиллачагӏи. Гьединал гьоркьохъабаз жидеего хайирги гьабун, кколелдаса цӏикӏкӏун абизе рес буго операциялъухъ яги цогидаб хъулухъалъухъ гӏарац. «Друзья милосердия» ассоциациялъ гӏуцӏараб «Врачи надежды» абураб проекталда рекъон, унтараздаги медицинаялъул гӏуцӏабаздаги гьоркьохъаби гьечӏого тӏубалеб къагӏида хӏалтӏизабулеб буго. Гьеб проекталда рекъон, унтаразул ва медицинаялъул гӏуцӏабазул цӏех-рех гьабула, унтарав сах гьавизе кигӏанасеб къадаралда гӏарац хӏажалъулебали хӏисаб гьабула.
Гӏантал чагӏи гьечӏони, гӏакъиласе боцӏи киса щвелеб?
Россиялда буго кинабниги 13000 гурхӏел-рахӏмуялъул фонд. 2020 соналда гурхӏел-рахӏмуялъул фондазде гӏарац кьун буго, улкаялъулго гӏадамазда гьоркьор 49 проценталъ. Дагъистаналдаги гурхӏел-рахӏмуялъул фондал дагьал гьечӏо. Щай гьел къойидаса къойиде цӏикӏкӏунел ругел? Гурхӏелрахӏмуялдаса кинаб хайир гьезие щолеб?
Законалда рекъон, гурхӏелрахӏмуялъул фондазде гӏадатиял гӏадамаз бакӏарараб гӏарцудаса бутӏа хӏалтӏизабизе бегьула гьел фондазул вакилзабаз. Жидеца гьабураб хӏалтӏухъ яги гьелъие хӏажатаб къайи босизелъун хӏалтӏизабизе бегьула фондалде бакӏарараб гӏарцудаса 20 процент. Цо-цоязе гьебги гӏечӏого, пуланав чиясе гӏарац бакӏарулеб бугинги абун, гьесие дагьабго гӏарацги кьун, зама-заманалдасаги бакӏарула гӏарац. Унтараб лъимадул суратал хӏалтӏизарулел руго чанго нухалда. Гурхӏел-рахӏмуялъе бакӏарулеб гӏарцуда хадуб халкколеб ва хӏиллачагӏазе тамихӏ гьабурал хӏужжабиги гӏемер гьечӏо нилъер улкаялда.
Гурхӏел-рахӏмуялъул фондалде гӏарац кьолелъул, гьеб кумек хӏажатасул кодобе щвезе букӏин кин лъазе кӏолеб? Нилъеца кьураб садакъа хӏиллачиясул чвантинибе ккечӏого букӏине, щиб гьабизе кколеб? Мискин-пакъирасе кумекалъе гӏарац битӏулаго, кин цӏодорлъи гьабизе кколебали малъулеб буго ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулел гурхӏелрахӏмуялъул фондазул вакилзабазги.
Пуланав чиясе кумекалъе хасаб счеталде яги банкалъул картаялде нилъеца битӏараб гӏарац – гьеб счеталъул бетӏергьанасе кьураблъун рикӏкӏине бегьула. Гьединлъидал лъикӏал фондаз жидерго хӏалтӏухъабазул хасал картабазде гӏарац бакӏаруларо.
Мадарал фондаз транспорталда яги къватӏазда хьвадун киданиги гӏарац бакӏаруларо.
Хасал гӏадамазе яги фондалде гӏарац кьолелъул, сундуе гьеб кьолебали хъван битӏизе ккола. Гьелдалъун нилъехъа бажарула, гьенибе битӏараб гӏарац кибе арабали хал гьабизе.
Фондалде гӏарац битӏилалде, халгьабизе ккола гьеб пачалихъалда цебе хӏисаб кьолеб идара бугищали. Гьеб кинабго батизе бегьула Интернеталда.
П. СУЛТӏАНМУХӏАДОВА