29 июлалда кутакаб чвахунцӏадги бан, кӏудияб зарал ккана Чӏарада районалъул Арчиб администрациялде гъорлъе унеб Хилихъ росдае. Гьебги малъун, кинабниги анкьго росу буго арчисезул администрациялде гъорлъе унеб. Гьезда гьоркьоб, 62 цӏараки бугеб Хилихъ ккола бищун кӏудияб. Араб хамиз къоялъ гьезул 34-ялъе кӏудияб къварилъи ккана.

Анлъго мина-рукъ тӏубанго биххизабуна. Анцӏгоялдасаги цӏикӏкӏун минаялъул рукъзабахъе лъим кӏанцӏун, жаниб бугеб къайи-цӏа хвезабун, хӏаталдаса араб зарал ккана гӏадамазе. Жанире руссине бакӏ гьечӏого хутӏарал гьел, гьанже гӏага-божараз жидерго гъоре рачун хӏебтӏун руго.

Бищунго цӏикӏкӏун зарал ккаразул цояв вуго Гӏабдула Пайзудиновги. Цевеккун кӏигониги болжалалъ Хилихъ росдал администрациялъул нухмалъулевлъун вукӏарав чиги ккола гьев.

Хӏарщулъ къан хутӏарал хьулал, иххица босун араб магӏишат

«Тӏубанго мина-рукъги биххун, дунго гӏадин, хутӏана дир вацгӏалги. Гьабсагӏат гьев гӏага-божаразул дове вахъун вуго, дун якьадалъул дове вахъине ккана. Гьединго руго цогидалги. Амма жибго заралалъул бицани, валлагь кканаха. Нижер росдал тарихалда жаниб жеги гьединаб гьалагаб цӏадги бан, гӏадамазул рукъзал риххизарураб хӏужжа ккун букӏинчӏилан бицана херал чагӏазцин. Гьединаб ракӏалда гьечӏеб жо ккана араб хамиз къоялъ. Щиб гьабилеб, тӏабигӏияб балагьалда цебе хӏетӏе ккун нилъехъа бажарулеб гьечӏелъул.

— Нужехъе щал рачӏарал къварилъи ккун хадуб? Республикаялъул тӏалъиялъ кумек гьабизе рагӏи кьечӏищ?

— Рачӏана, валлагь. Тӏоцебесеб къоялъго Арчиб росдал администрациялъул бетӏер вачӏана, районалъул бетӏерасул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Гӏумаровасухъе дицаго ахӏун, гьев вачӏана нижехъе. Халкъияб Собраниялъул депутат Мухӏамад Сагӏадулаевасул вакил хӏисабалда, Цӏуриб росдал администрациялъул нухмалъулей Муртазагӏалиева Муслиматги ячӏана. МЧСалъул вакилзабаз абуна жидехъа нужее кумек щоларин, щайин абуни, цӏадаца риххизарурал минабазул цонигиялъул «зеленка» гьечӏилан багьана бачана гьез.

Дир буго 1966 соналъго мунагьал чураяв инсуца кьураб участокалда бараб мина, доб мехалъ «зеленкадул» тӏалаб гьабулев чиги вукӏинчӏо. Исана гьеб документ гьабизе бокьунги вукӏана дун, амма гьелъие квербакъизехъин вукӏарав лъалев вас (гӏолохъанчи), машинаялъ аварияги гьабун, чӏвана. Чвахунцӏадал ралелде чанго къоялъ цебе гӏадин ккана гьеб ишги. Гьедин хутӏун букӏана «зеленка» гьабичӏого.

Гьале анлъабго къо буго росулъе машинадул нух гьечӏелдасаги. Росулъе вачӏунев чи вугони, гъоба ахада, щуго километралъ рикӏкӏадегӏан машинаги тун, лъелго вачӏине ккола. Къокъго абуни, ниж лъиениги хӏажат гьечӏилан абураб гӏадаб асар буго дирги цогидазулги рекӏелъ рещтӏун. Гьале анлъабго къо буго росулъе нух къотӏун бугелдаса, токги гьечӏо цо-цо минабахъ, амма гьавилан абун хӏукуматалъул рахъалдаса нижехъе вачӏарав чи ккечӏо», — ян бицана Гӏ. Пайзудиновас.

Ккараб заралалъул бицине лъугьани, сордоги къоги гӏеларилан вугоан Гӏабдула Пайзудинов. 1979 соналдаса нахъе хъизаналъги гьесги данде гьабураб магӏишат тӏири течӏого ана иххица. Цохӏого цо, къватӏисел улкабазде унелъул хӏажалъулеб паспорт гурони, тӏокӏаб документги кодобе щун гьечӏо. 500000 гъурущ гӏарацги рокъоб букӏараб къайи- цӏаги — кинабго ун буго гьесул босун. Гьединабго зарал ккун буго вацгӏаласеги. Ихх жанибе кӏанцӏун, хӏарщул цӏун ругел рукъзабахъе нухги щвечӏого, кӏиго къоялъ чияца кьураб ретӏелги ретӏун вукӏанин гьевин бицана Гӏабдулаца. Ахирги, тӏохде щула гьабураб квариде живгоги вухьун, рокъобе жанибе нух бахъизе кӏун буго Гӏ. Пайзудиновасул вацгӏаласда.

Бекараб ракӏ нахъойги чӏунтизабуна, цӏадги бан

1992 соналъго рукъалъул бетӏергьанчиги хун, къороллъуда хутӏарай Рамазанова Гӏарцулалъулги кӏитӏалаяб мина биххизабуна гьалагаб чвахунцӏадалъ. Кӏиго лъимерги тӏубан, лъабабилей ясалъе ригьнаде унеб мехалъ кьезе данде гьабун букӏараб кинабго къайи- цӏаги гӏарац-меседги рас течӏого ун буго иххица. Гьелда кутакалда ракӏ гурхӏанин, бадиб магӏу ккун бицана нижее лъабабилеб августалда Хилихъ росулъе щвезе ун йикӏарай «Чӏарада» райгазеталъул редактор Аминат Мухӏамадовалъ.

— Дидаго, битӏараб бицани, гьелда аскӏое инецин кӏвечӏо. Гъоркьгоги къороллъудаги йикӏун, захӏмат ба- ччун данде гьабураб магӏишаталдаса циндаго ятӏалъарай гьелда щиб рагӏи дица бицинебин абураб пикруялъ ккун чӏезаюна дун, — ан абуна Аминатица. Гьанже жиндирго херай эбелалъул дое яхъун йиго гъаримай гьей пулан.

Хасало боцӏи-панз хутӏила къварид

Мина рукъ биххизабичӏониги, хасалоде боцӏуе данде гьабун букӏараб рагӏи-хер иххица ун, зарал ккарал гӏадамалги дагьал гьечӏо Хилихъ росулъ. 45 азарго гъурщиде комбикормаги, гьединго 350 танг харилги кӏиго къоялъ цебе босун, гьороб гьебги сокӏкӏун вукӏарав цо гӏолохъанчиясул магӏишатги кинабго щущазабун буго тӏабигӏияб балагьалъ.

Хилихъ росулъ къварилъи ккарал гӏадамазе кумек гьабизе бокьарал гӏадамаз гӏарац рехизе бегьула гьебго росулъа, Хӏайдаров Мухӏамаднабил цӏаралда бугеб гьаб номералде: 8964-019-85-10.

Ашахан ЮСУПОВ