Сайгидпаша Гӏумаханов гӏадал чагӏи загьирлъизе, хиса—басиязул заман тӏаде щвезе кколеб батула. Щайгурелъул парахатаб, гӏадатияб гӏумрудулъ гӏадамазулъ тӏатинчӏого хутӏизе бегьула гьединал гӏамалал. Гьединлъидал къеркьей гъорлъ гьечӏеб гӏумру гӏумрулъун рикӏкӏунеб гьечӏоан живго Сайгидпашацаги.

Гьесулгун гьабураб гьаб гара-чӏвариялда цебе Сайгидпаша Гӏумахановасул биография лъеялъулъ хӏажалъи бихьулеб гьечӏо. Щайгурелъул малъгӏанасеб Хасавюрт гьес дунялалда рагӏарараб «спорталъул Маккаялде» сверизабиги, хӏабургъарал 1990 абилел соназда гьес Дагъистан цӏунараб куцалъулги, гъоб заманалда республикаялъул политикаялъулъ гьесул букӏараб кӏваралъулги, цогидалъулги лъаларев чи къанагӏатги ватиларо цӏалдолезда гъорлъ. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ Сайгидпашаца бицунеб буго гьаб гара-чӏвариялда.

— Сайгидпаша, лъимерлъуда кинал анищал дур рукӏарал? Политикаялда гъорлъищ мунго дудаго вихьулев вукӏарав?

— Битӏараб бицани, дие цо кӏуди-кӏудиял анищал гьаризего бачӏунароан. Доб мехалда дида кколаан кинандай бетӏербахъи гьабила, кисандай гӏарац балагьилаян. Нижер хъизаналда букӏана 11 лъимер. Хадур кӏигоял хун, ичӏгоял хутӏана.

Ниж Хасавюрталде гочараб мехалда дун кӏиго сон барав чи вукӏана. Гьелде щвезегӏан нижер чӏей букӏана Бабаюрт районалда бугеб Хӏамзаюрт хъутаналда. Дунги гьенив гьавуна.

Кирпич гьабулеб заводалда аскӏоб букӏана нижер рукъ. Хасало гьениса тӏурччи-цӏул щун, мадар кколаан.

Хадуб дун жувана спорталде. Кӏудияв вац лъикӏав спортсмен вукӏун, гьес цӏана дун гьениве. Къокъабго заманалда жанир машгьурлъана ниж. Гьелдаса хадур нижеца байбихьана вацазул лъимал ругьун гьаризеги. Гьедин тӏубан хисана нижер гӏумру. Захӏматаб бакӏалда кибго кӏудияв вацас (Ахӏмад-паша – авт.) гьабулаан дие кумек. Дие гьев инсулги эбелалъулги бакӏалда чӏолаан. Гьанжеги батӏалъи гьечӏо, гьединго буго. Доб мехалда ниж, вацал, спорталдасан политикаялде ана. Амма кӏудияв вац гьабсагӏаталда тӏуван диналде вуссана. Батӏи-батӏиял бакӏазда 11-ниги мажгит бан батила гьес.

Амма байбихьуда захӏматаб гӏумру букӏана шагьаралда. Эмен хъаравуллъун, эбел уборщицалъун хӏалтӏулаан. Гьезие кумек букӏинелъун гьабулареб жо толароан нижеца, лъималаз. Дица, масала, гьан бичулаан.

Дир эменги гьесул эмен Гӏумаханги гӏи-боцӏул чагӏи рукӏана. Инсуца гьан учузго босун, багьаго бичун магӏишат гьабулаан. Амма доб мехалда гьедин даран-базар гьабизеги толароанха. Спекулянталин абулаан гьединал чагӏазда.

Дир эбелалъул инсуда цӏар букӏана Лабазан. Лъималазда Къуръан малъулеб бугилан чияца мацӏги гьабун, 1944 соналда чачаназда цадахъ Красноярскиялде, Сибиралде, витӏана гьев. Гьениса тӏадвуссун вачӏиндал, 30 соналъ Буртунаялда дибирлъи гьабуна кӏудияв инсуца.

Дир эбелалъул чагӏи руго Гуржиялъулгун гӏорхъода бугеб чачаназул Чӏитӏ росулъа кидаялиго гочарал гӏадамал. Гьединлъидал чачан мацӏги лъала дида.

Инсул тухум буго Хунзахъ районалдаса бачӏараб. Калмыкалъа гӏадамаз зама-заманалдасан чабхъенал гьарун жал толел гьечӏилан лъарагӏазул шамхалаз кумек гьаридал, хас гьабун гьезда данде чӏезе Хунзахъа битӏараб тухум букӏун буго нижер. Гьезул цоял хадур Буртунаялда, цогидал Аргъвани чӏанин бицуна.

— Гьединал гӏадатиял эбел-инсуца тӏоцебе кин къабул гьабураб спорталдехун нужер букӏараб цӏайи?

— Байбихьуда гьез абулаан жидее щибизе къваригӏарал жалила нужер гьал тренировкабиги гугариги. Дагьабниги эркенаб заманалъ нижеда хӏалтӏи малъизе бокьун рукӏинароанищха гьелги. Дагь-дагьккун гьезда бичӏчӏана гьелъул магӏна. Эбел-инсуе щолелдаса цӏикӏкӏун гӏарац дие спорталдаса щолаан.

Хадуб, спорт сабаблъун, лъугьана ниж политикаялда гъорлъеги, бихьана гӏумруги. Тренерлъун хӏалтӏулеб мехалдагицин дица къимат гьабулаан гӏарцул. Рекӏадухъ щуго капек кьезе ккеларедухъ, рогьалил какги бан, веке-векерун унаан дун шагьаралъул цояб рахъалда бугеб залалде. Захӏматаб заман букӏана.

— Цо рахъалъ, лъикӏги ккун буго гьединаб гӏумру дуда бихьи. Мун гӏезегӏан лъадаризавун ватула гьелъ.

— Жакъа къоялъгицин кумек буго дие гьелъул. Дица гӏемер хӏисаб гьабула гьитӏинаб мехалда нижер букӏараб яшавалъулги, дандчӏварал къварилъабазулги, гьеб киналдаго тӏасан вахине кӏвараб куцалъулги.

— 1990 соназул байбихьуда мун машгьурав политиклъун вахъиндал, дуда сверухъ гӏезегӏан ахӏи-хӏур букӏунаан. Гьелда бан рахӏатхвей букӏунароанищ эбел-инсул?

— Дун Хасавюрталъул мэрлъун вугеб мех букӏана доб. Цо-цо гӏадамаз миллатчилъиялъул суалги багъаризабун, дагьабго хӏалуцин лъугьун букӏана администрациялда цебе. Гьеб мехалда рухъурхъун дорехун-анирехун гӏадамалгун, ццимги бахъун вачӏунев эмен вихьана дида. «Ле, дир вас! Нилъер тухумалда хӏакимзаби рукӏинчӏо. Дир эменги гӏиял вехь вукӏана. Нахъе а гьениса, дуе къваригӏараб жо гуро гьеб хъулухъ!» — илан диде ахӏдезе жувана эмен.

Амма дагь-дагьккун гьесдаги эбелалдаги бихьана халкъалъ дир рахъ кколеб букӏин. Гьеб мехалда гӏодориччана гьел.

Гьеб дуца бицен гьабулел соназда кутакалда дие хӏал кьуна мугӏрузул районазда гӏумру гьабулел гӏадамаз – магӏарулазго гӏадин, цогидал миллатазги.

— Цо-цо чагӏаз абула мун миллатчи вугилан. Дуцаго рикӏкӏунищ гьедин?

— Дирго миллат бокьулеб букӏинчӏебани, дун сундулъниги цеветӏелароан. Гьединго, дирго миллат бокьулеб букӏиналъ дие цогидал миллаталги рокьула. Дир гӏемер гьудулзаби руго даргиязда, лъарагӏазда, тумазда, чачаназда ва цогидазда гъорлъ. Жиндирго миллат бокьулел чагӏи киданиги рикӏкӏине бегьуларо миллатчагӏилъун. Хӏисаб гьабеха дуцаго гьадинаб жоялъул: дие дирго ватӏан — улкаги республикаги бокьулеб бугони, дун миллатчийищ кколев? Кколаро. Патриот ккола. Магӏарулал рокьунилан дие тамихӏищ гьабизе кколеб? Рокьулаха дие гьел – Дагъистаналде къо ккараб мехалда рагъизе рахъунел рукӏиналъухъги (тарихалда жаниб гьедин букӏана кидаго), спорталъул бищун захӏматал тайпабазулъ чемпионлъи магӏарулаз босулеб букӏиналъухъги, цогидалъухъги.

— Миллатчилъиялъул бицунел ругелъул, ракӏалде щвана Хӏамид Хӏамидовасул цӏаралда дуца Хасавюрталда рагьараб Спорталъул Кӏалгӏа…

— Дол соназда пачалихъалъ спортшколазе гьабулеб кумек цӏакъго мукъсанаб букӏунаан. Гӏиси-бикъинал турниразде спортсменал рачунаан дицаго гӏарацги хвезабун (бицуна турниразде гьел рачине Сайгидпашаца цо нухалда жиндирго машинагицин бичун бугилан – авт.).

Гьединлъидал чӏахӏи-чӏахӏиял къецазде къватӏире рахъине нижее кумек кидаго Хӏамид Хӏамидовас гьабулаан. Расги барахщи гьечӏев чи вукӏана гьев. Долдаса нахъе нижер гьеб спорткомплексалда (Олимпиялъул резервалъул спортивияб школа – авт.) жанир рахъанщинал Олимпиялъул хӏаязул чемпионазул бицун хӏалкӏоларо. Гьанже гьеб дунялалдаго машгьурлъана. Гьенир ругьун гьаризе рачӏунел дунялалдасаго гугарухъабазул сияхӏги кӏудияб буго. Гьелъулъ кӏудияб бутӏа Хӏамидовасулги буго.

Диеги кӏудияб баракат бахана гьесдаса. Доб мехалда республикаялда Сбербанкалъе нухмалъи гьабулаан Хӏамидовас. Гьедин ккарав чи вукӏана дунги Хасавюрталда бугеб гьеб банкалъул филиалалъул нухмалъиялде. Диде щвезегӏан гьеб хъулухъалда вукӏана ригь арав чи. Зама-заманалдасан рачӏун, яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз хӏинкъизавулев вукӏун вуго гьев, тӏад магъалоги лъун. Дида Хӏамидица абуна мун вугила гьезда кӏалъазе кӏолев чи, дуда сверун къуватал спортсменалги ругила, гьединлъидал дуца тӏаде босейила Сбербанкалъул управляющиясул хӏалтӏи.

Кутакалда магӏарулалги рокьулаан гьесие.

— Хӏабургъарал гьадалго 1990-абилел соназда ва 2000-абилел соназул байбихьуда мун рикӏкӏунаан республикаялъул тӏалъиялда данде чӏарав политиклъун… ?

— Доб мехалда гьедин чӏечӏого чара букӏинчӏо. Щайин абуни, цо чиясе къваригӏараб куцалда рекъезарулел рукӏана республикаялда законал. Гьелъул мурадги кколаан гьев чи халатккун тӏалъиялда хутӏи. Бокьа-бокьараб гьабулеб букӏана. Кинабгӏаги тамихӏги гьабичӏого, ахӏуд риччан хӏакимзабиги рукӏана. Гьеб мехалда ракӏалде ккана гьеб хӏапу-чапуралда дандечӏезе. Гьеб къеркьеялъулъ ниж бергьана. Нижеца гьел чагӏи тӏамуна конституциялда данде кколарел жалаздаса (масала, Пачалихъияб Советалдаса) инкар гьабизе. Гьелъухъ нижеда лъун рукӏана бугьтаналги батӏи-батӏиял цӏаралги. Гьелъул цояб ккола «Северный альянс», «Король севера». Жеги-жеги абула дида цо-цояз «северный» ян.

Сайгидпашаца хӏажат гьечӏел жал гьарулел ругин, гьесие гӏадлу гьабизе ккелилан абураб цо кагътида гъоркь гъулбасал ракӏаризе тӏамулев вукӏун вуго тӏалъиялъ Расул Хӏамзатов. Хадуб гьеб кагъат ДРялъул Хӏинкъи гьечӏолъи чӏезабиялъул советалъул данделъиялда гьоркьоб лъезехъин букӏун буго.

Бихьея цо, щиб гьениб хъван бугебали ян, балагьун вуго Расул Хӏамзатов. Цинги, гьебги цӏалун, «воре-воре, гӏолохъаби, дица дуэталда чӏун кечӏ ахӏуларо, солоялдалъун гурониян», гьес нахъе рехун бачӏун буго гьеб кагъат.

Амма гьес лъечӏониги щибха, кӏуди-кӏудиял хъулухъазда рукӏарал нилъер машгьурал миллатцояз, ракьцояз лъун руго гьенир жидерго гъулбасал, доб цебехун рехсараб советалъул данделъиялда дида тӏасан кӏалъанги руго. Дица рикӏкӏуна, жакъа къоялъул хӏисаб гьабун абуни, гьелги къунилан.

— Мун бергьиналъе кумек сунца гьабураб?

— Гӏадамал дир рахъалда чӏеялъ. Кутакалда кумек гьабуна журналистазги. Масала, «Черновикалъ». Дица гӏуцӏараб газета ккола гьеб. Гьеб мехалда дида цадахъ Сулайман Уладиевги вукӏана. Хӏажимурад Камаловги вачӏун, газета гӏуцӏизе рачӏаян гьарана Уладиевас дида. Гьединго Бисавгӏалиевас биччалеб «Миллат» газеталъги гӏезегӏан къвал къана дие.

— Доб мехалда дуда данде чӏун рукӏарал чагӏи гьанже мунгун кин рукӏунел?

— Гьел руго бадибе туни, бацӏцӏун хӏацӏугун, церехун унел чагӏи. Жидеего щолеб капкилги тахбакӏалъулги гурони ургъел гьечӏел гӏадамал. Миллатги букӏунаро гьединал чагӏазул.

— Амма гӏажаибаб жоги гьечӏищха республикаялъул тӏалъиялде щив вачӏаниги, мун хисичӏого, цого хӏисабалда чӏолев вукӏин.

— Дица нухмалъулел киданиги реццичӏо. Бищунго дун аскӏове гӏагарлъарав чи вукӏана Мухӏу Гӏалиев. Цохӏо команда букӏана нижер.

Тахбакӏ къваригӏун лъиданиги гьардезе ккечӏо дун, лъиениги хӏелизеги лъугьинчӏо. Ккараб бакӏалда бадибе рагӏиги абула. Мэрлъун вугеб мехалдаги дирго рагӏи билълъинабулаан дица. Дуда ракӏалда батила 1998 соналда Масхадовасулгун ракълилал къотӏи-къаял гьаризе вачӏунев Мухӏамадгӏали Мухӏамадов нижеца Хасавюрталде виччачӏолъи. Гьадингоги нилъер гӏадамал рикъун, хадур гӏарац кьурал риччан, кьечӏел – чӏван, балагь бачӏинабулел гьел хъачагъазда ццимги бахъун рукӏана доб мехалда ниж. Гьединал чагӏазулгун кинал къотӏи-къаял гьарулел? Тӏадежоялъе тӏубараб Хасавюрт шагьаралъул мэрги сан гьавичӏого, районалъул бетӏерасулгун гьеб суалги дандбан чӏун ратана республикаялъул нухмалъулелги. Гьеле гьеб хӏужаялдаса хадур абурал рагӏаби руго Владимир Путиница гъол: цебе жинца адаб гьабулаанила дагъистаниязул, гьанже жиндие гьел ракӏ-ракӏалъ рокьулила.

Гьабсагӏаталда вугеб борхалъиялде магӏарулаз вахинавуна дун. Тренерлъун хӏалтӏизе байбихьаралдаса гьаб жакъа Пачалихъияб Думаялде кандидатура лъезегӏанги гьел рукӏана ва руго дида аскӏор.

Тренерлъиялдаса депутатлъиялде, цинги Хасавюрталда Сбербанкалъул управляющийлъун ана дун. Гьенисанги магӏарулаз кумекги гьабун, шагьаралъул депутат хӏисабалда кандидатура лъурав дун мэрлъун вищана.

— Хас гьабун мун щайдай гьез тӏаса вищарав?

— Гьеб гъозда гьикъизе ккелаха (велъулаго). Гьитӏинаб мехалда цониги дир гьудул цогидав васгун вагъизе, къацандизе ккани, гьесул рахъги ккун, кидаго цеве унаан дун. Вацасго гьабулеб жоялда ругьунлъун, цевехъанлъи гьабулаан. Хадубги лъикьаниги хӏинкъун, миллаталъул рахъкквезе кколеб бакӏалда рахъкквечӏого течӏо. Нижер эменги гьевго чи вукӏун вуго – росулъ, хъутаналда, шагьаралда: гӏадамазе къваригӏарал суалал рорхулевги, маслихӏатал гьарулевги, кивго цевехъанлъи гьабулев вукӏунаан.

Лъабго нухалда хӏежалдеги арав, Къуръанги цӏаларав чи вуго дун, гьереси бицунеб гьечӏо — гьале гьаб ригьалде вахинегӏан гӏарцухъ жо кидаго гьабичӏо дица: бичун хъулухъ яги депутатлъи босичӏо. Ришват кьун гурони щолеб батичӏони, къваригӏун гьечӏо дие гьел. Гьелъ батилаха магӏарулазги дида цӏар чӏвараб.

Гьедин 1988-1989 соназдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вуго дун.

— Гьанже мун Пачалихъияб Думаялде унев вугелъул, цо-цо чагӏазда кколеб буго тӏалъиялъе мун ургъунго республикаялдаса рикӏкӏад чӏезавизе къваригӏун бугилан.

— Рикӏкӏад чӏезавизе къваригӏарабани, гьез дун гьанивго чӏезавилаан, Думаялде витӏичӏого. Гьелъул гӏаксалда, чанги хӏужжаби руго Думаялъул депутаталлъун рукӏарал чагӏи регионазул нухмалъулеллъун тӏамуралги.

Пачалихъияб Дума сабаблъун гӏезегӏан ресал щола республикаялъе пайдаял бухьенал гьаризеги, нилъер масъалабазул хӏакъалъулъ президентасда рагӏизабизеги.

— Сайгидпаша, дур даражаялъул чагӏаз жидерго лъимал цӏалун рахъун хадур Европаялде, Америкаялде ритӏула яги Москвагун Санкт-Петербургалда чӏезарула. Дур лъималазул къасдал кинал ругел?

— Дицаги хӏаракат бахъана гьел Россиялда цӏализаризе. Амма гьезие гьанире тӏадруссине бокьун буго. Гьезул лъабгояв вуго МГИМОялда цӏалулев (цо вас магистр ккола, цогидав вуго ункъабилеб курсалда, лъабабилев — тӏоцебесеб курсалда). Магистратураялда цӏалулев вугев вас (Хӏажимурад – авт.) ккола «Единая Россиялъул» Хасавюрталда бугеб отделениялъул цевехъан. Гьесие бокьула жамгӏиял ишазда гъорлъ вукӏине. Гьединго цогидал лъималазулги руго Дагъистаналда хурхун жидерго планал. Дир цӏаралдаса пайда босун щибниги гьабулев васги дир цониги гьечӏо. Жалго жидеего гӏун рукӏуна гьел.

— Гьединаб бечедаб биографиялда гьоркьоса кинаб заман дуе бищунго бокьулеб?

— Тренерлъун хӏалтӏулеб мех. Кутакалда ракӏгъураб, парахатаб замана букӏана гьеб – 1986-1991 сонал. Спортсменалгун цадахъ дунял сверулаан дица. Цоялда хадур цоял бергьенлъабиги щолаан. 1991 соналдаго щун букӏана дие Россиялъул мустахӏикъав тренер абураб цӏар.

Гьелдаса хадуб байбихьана захӏматаб заман. Дагъистаналъулгун Чачан Республикаялъул гӏорхъода хӏалуцин лъугьана.

— Ахӏмад-хӏажи Къадировасулгун дур гьудуллъи букӏана гурищ?

— Букӏана. Цӏакъ лъикӏав чи вукӏана гьев. Нилъедехун гьудуллъиялъул бербалагьиги букӏана гьесул. Щайгурелъул Турциялда исламияб гӏелму лъазабулелъул гьесул чӏей дагъистаниязул доба букӏун буго. Хасавюрталде щвани, дихъе ваккичӏогоги чӏолароан гьев. ЧРялъул бетӏер вищулеб мехалда Ахӏмад-хӏажие квербакъи нижеца Хасавюрталдасанги гьабун букӏана.

1999 соналда Чачаналъан нилъехъе халкъазда гьоркьосел террористал рачӏунилан чачаназда ракӏхвей букӏана нилъеразул. Гьебги хӏисабалде босун, дица Хасавюрталъул стадионалда мавлидги гьабун, гьенире ракӏарун рукӏана Ахӏмад-хӏажи Къадировги, Чачаналъа муфтиги гӏалимзабиги. Гьединго Сагӏид-афандиги Тажудин-устарги рукӏана гьенир.

Гьениб дица Ахӏмад-хӏажида абуна гьабсагӏаталда дур рес бугин дагъистаниязда тӏаса лъугьаян абизе. Гьеб мехалда Ахӏмад-хӏажи цевевахъана кутакалда асар гьабулеб кӏалъайгун.

— Гӏорхъода лъугьараб хӏалуцин рукӏалиде бачӏинабизе кӏолев чиян тун вукӏун ватила Мухӏамадгӏалицаги мун тӏаса квер босун, гьесие мутӏигӏлъулев вукӏинчӏониги.

— Мухӏамадгӏалидехун дир бербалагьи хисана 1998 соналда. ДРялъул нухмалъиялъул мина кодобе босун букӏана яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз. Гьеб мехалда Мухӏамадгӏалида абулеб букӏана заманаялъ Дербенталда гьабизе бугин тӏалъиялъул штаб. Жив жиндирго хӏалтӏулеб бакӏалде ине кколилан, тӏирун чӏана гьев.

Гьеб мехалда аслияб майданалдасан Хъахӏаб Рокъове вачӏунев Мухӏамадгӏали цӏунизе кӏиябго рахъалъан коридор гьабун нижерго гӏолохъаби чӏезаруна дица. Бокьарав чияс бокьараб провокация гьабизе рес букӏана гьениб. Жибго Хъахӏаб Рокъоб бекичӏеб, гъуричӏеб жо тун букӏинчӏо яргъид гӏуцӏарал гӏадамаз. Сейфалги тӏезарун, хӏакимзабаз гьениб бахчанщинаб ярагъги гӏарацги тӏири течӏого босун ун батана гьез.

Гьедин майдан къотӏунги ун, кабинеталде щварав Мухӏамадгӏалица расги хӏалги хисичӏого абуна: «Гьанже гьарила, гӏолохъаби, нилъеца кӏалъа-басаял».

Гьеб бакӏалда хисана Мухӏамадгӏалидехун дир бербалагьи. Гьабсагӏаталдаги кутакалда щулияб гьудуллъи буго нижер. Кин букӏаниги, гӏакъилав чи вуго гьев. Захӏматаб заманалда республикаялъул бетӏерлъуда вукӏарав чиги вуго. Нусго батӏияб миллияб багъа-бачариги, азарго батӏиял политикиял къуваталги цоцалъ къацандулел, гьез цоцазулгун тушманлъи гьабулеб заманалда щивасе рекъараб политика билълъанхъизабулаан гьес. Гьелдалъун республикаги цӏунана кӏудияб балагьалдаса.

Гьединго дие кутакалда асар гьабула Гӏабдурахӏман Данияловасги. Гьесдаса хадуб нилъер миллат чӏухӏулел нухмалъулезул бицани, гьел ккола Шагьрудин Шамхаловги Мухӏу Гӏалиевги.

Республикаялъе кутакалда гӏемер пайдаял ишал гьаруна Шагьрудин Шамхаловас. Хасавюрталда дица тӏоритӏулел тадбиразул киназдего вачӏунаан гьев. Хасго эркенаб гугариялъул рахъалъ тӏоритӏулел рукӏарал халкъазда гьоркьосел турнирал гьоркьор риччалароан. Жибго гугариги нилъер гьаниб Шагьрудин сабаблъунлъидалха цебетӏураб.

— Эбел-инсул кинаб гӏамал дуе ирсалъе щвараб?

— Эбелалъухъа дие щвана ислам-диналде рокьи, инсудаса – цевехъанлъи гьаби.

Гара-чӏвари гьабуна Зульфия Хӏажиевалъ.