Цӏикӏкӏунеб буго коронавирусалъ унтарал гӏадамазул къадар. Гьелда бан цо чанго регионалъ, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъги, хӏукму гьабуна хӏалтӏухъабазул 60-ниги проценталъе чара гьечӏого вакцина гьабизе. Гьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул хӏалтӏухъабазги вакцина гьабуна. Коронавирусалде данде кӏиябго вакцина гьабуразул къадар бахана 71 проценталде, кӏиго чиясе тохтурзабаз ихтияр кьечӏо гьелъие.

Вакцина гьабилалде тохтурзабаз бицана гьелъул хӏакъалъулъ ва гьаби- зе бегьунгутӏиялъе ругел гӏиллабазул хӏакъалъулъ. Прививка гьабурал хӏалтӏухъабазда гьоркьоб хадубккун тӏобитӏана цӏех-рехги. 50 проценталъ бицана, жидер чорхол хӏалго хисичӏин абун ва лъабгояс абуна цо чанго къоялъ цӏакан бахун букӏанин абун. «Коронавирусалъ тӏубанго хи- сизабуна нилъер дунял. Дир эбел къадаралде щвана COVID-19 сабаблъун ва лъагӏелгун бащдабгӏан заманалъ дир рекӏелъ букӏана гӏагарал чагӏи унтизе гурин абураб хӏинкъи. Гьединабго хӏинкъигун гӏумру гьабулеб батила нилъер кӏудияб гӏелалъги. Дие бокьун гьечӏо, дун сабаблъун, цогидав чи хвезе. Вакцина гьабиялъ нилъее рес кьола цӏуна-къан рукӏине, хвалдаса рорчӏизе. Гьеб ресалдаса пайда босана дица ва дир чорхол хӏалалъул хиса-басиго гьечӏо», — ян бицана министрасул кумекчӏужу Гулнара Гӏабдусаламовалъ.

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ