Араб анкьалда, ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Сергей Меликовасул тӏадкъаялда рекъон, Гъуниб районалде сапар гьабуна ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель Мурад Казиевас.
Сергей Меликов 22 июлалда щун вукӏана «Гъуниб» Республикаялъулаб лъималазул санаториялде. ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралес тӏадкъан букӏана санаториялда бугеб ахӏвал-хӏал камил гьабиялъе хӏажатал тадбиразул хӏакъалъулъ пикраби хӏадуреян абун.
Санаторий хӏалтӏулеб буго 1980 соналдаса нахъе ва гьениб хӏухьбахъиялда цадахъго щула гьабула лъабго соналдаса 15 сон базегӏан лъималазул сахлъи. Аслияб къагӏидаялда гьенир рукӏуна гьуърузул унтаби ругел лъимал. Щибаб соналъ гьенибе бачӏуна 1200-ялдаса цӏикӏкӏун лъимер.
Санаториялъул нухмалъиялъ абуна, регионалда ругел унтарал лъималазул хӏисаб гьабидал, гьабсагӏаталда санаториялда ру- гел бакӏал цӏакъго дагь ругин абун. Цӏияб мина бани, рес щвезе буго Россиялъул регионаздаса лъимал къабул гьаризегиян бицана гьениб.
Сапаралъул хӏасилалда пикру ккана санаториялъе цӏияб мина баялъе хӏажатал проекталъулгун сметаялъул документалги хӏадурун, 2023 соналда гьеб базе байбихьизе. Мурад Казиев щвана районалъул цогидал социалиял объектаздеги.